Гьал къоязда къватӏибе бачӏана Зубаир Мухӏамадовасул «Къелеб» абун цӏар лъураб тӏехь. Авторас кӏудияб хӏалтӏи гьабун буго къелдерил тарихалъулги, гӏадатазулги, гӏумру-яшавалъулги рагӏа-ракьанде щун бицине.

Къелдерил букӏана 6 росу (Ругъелда, Сомода, Хьонохъ, Гӏурчухъ, Мусрухъ, Хьиндахъ ва Рукъдахъ). Рукъдахъ росдал иш лъугӏанин абизеги бегьула. 1944 соналда хӏал гьабун Чачаналде гочинаруралдаса гьезул чи тӏокӏалъ магӏарухъе рачӏинчӏо. Гьезда цадахъго гочун рукӏарал Гӏурчухъ ва Хьиндахъ росабалъа гӏадамалги парахалъана Гъизилюрт районалъул Стальское росулъ. Авторас мухӏканго бицунеб буго щибаб росдалги, гьениса рахъарал машгьурал гӏадамазулги, гьел росаби гӏемерал кулабаздаса лъугьиналъулги хӏакъалъулъ. Щибаб росу сверун ругел иццазул, хурзабазул, харибакӏазул, гохӏ-щобазул, мегӏер-гӏалахалъул цӏаралцин рехсон руго тӏехьалда. Мухӏканаб баян кьолеб буго къелдерил ратӏлиеги, кванил нигӏматазеги, рукӏа-рахъиналъеги, ригьин гьабиялъеги, бертабалъ рукӏунел махсарабазеги. Рехсон буго 1886, 1917, 1935-абилел соназда букӏараб халкъалъул къадарги.

Къелеса ккола Къудукьа Мусаласецин дарс кьуравин абулев машгьурав гӏалим Гӏали ва имам Шамилил вукӏарав наиб Мухӏамадилав. Гьезул тарихалдеги ва-ккун вуго автор.

Ракӏалде щвезарулел руго Хӏ. Хашаевас данде гьарурал къелдерил некӏсиял гӏадаталги.

Тӏехьалъе чӏагояб асар кьун буго гьенир лъурал цереселги гьанжеселги гӏадамазул суратаз. Бицунеб буго кинаб росу кинаб колхозалде гъорлъе унеб букӏарабали.

Тӏехь данде гьабурав Рукъдахъа наслуялъул чи, жакъа, пенсиялда вугониги, Гудермесалъул институталъул директорасул заместительлъун хӏалтӏулев вугев Зубаирие баркала кьела къелдерица.