(Цебесеб 8-абилеб номералда)
Нахъисеб къоялъул рогьалил гӏужда гӏурус мугӏалимзаби Буйнакскиялдаса, жиде-жидее бихьизабухъе, рахъ-рахъалде нухда ана. Гьалмагъзабигун Лизаги сапаралде яхъана Хунзахъе унезда цадахъ. Гьалбал магӏарухъе регӏизе тӏадкъайгун, жавабиявлъун витӏарав магӏаруласда загӏипго гурони лъалеб букӏинчӏо гӏурус мацӏ. Гьесулги гьалмагълъун вукӏана сапаралде цадахъ ккарав цоги нухлулав.
…Гьел гьалмагъзабазда цадахъ ячӏун, щун йикӏана Лиза 1930-абилеб соналъул августалъул бакьулъ Хунзахъ росулъе, цӏар рагӏараб магӏаруллъиялъул некӏсияб тахшагьаралде. Жеги лъалеб букӏинчӏо гьелда кинаб росулъе жий къисматалъ ячинеяли.
— III —
Инкъилабалда цебе, пачаясул заманалда Хунзахъ округалъул Гъойс-убола участоклъун букӏараб Хьиндаллъи, Дагъистаналда тӏоцере районал гӏуцӏулелъул Хунзахъ районалде гьоркьобеги бачана. Гьитӏинлъулаго, гьеб районалде сверун букӏана цебегосеб гучаб магӏарул пачалихъ. Гьаб улка-ракьалъул бечедаб ва бахӏарчияб тарих жеги лъаларей гӏурус яс йикӏана, магӏарулазул тарихалда жиндирго лъалкӏ тезе нигаталда, Хунзахъе щун. Жинда цӏехарал суалазе жавабалги кьун, гьей ялагьун чӏун йикӏана хӏакимас хӏукму къотӏиялъухъ.
— Ассаламу гӏалайкум! Гӏайиб гьабуге, цӏакъ гӏедегӏун вуго. Цо суал букӏана цӏехезе, — янги абулаго, районалъул халкъияб лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулесул рокъове ваккун вачӏана къамартӏав гӏолохъанчи.
— Вагӏалайкуму салам! Лъикӏ щварав! — ан жавабги кьун, гьесда дандчӏвазе рахъана нухмалъулевги гьенир рукӏарал бихьиналги.
— Рихьуниве мугӏалим витӏизе рагӏи кьун букӏун буго нужеца. Дида тӏадкъана бегавулас ва росуцояз, щоларищ гьевали цӏехезе.
— Гӏодов чӏа, хӏалчӏахъад, цӏакъ лъикӏ ккана мун вачӏин, — ан гьимана идараялъул хӏаким.
Гьес Лиза ахӏизе чи витӏана. Киехун йигониги хӏалтӏуда юхьинаюн лъай кьеялъул отделалъухъа бажаричӏого, чанго къо базе ккун букӏана гьелъ Хунзахъ хъалаялъуб. Хӏакимас гьоболасда цӏех-рех гьабун бахъиналде ячӏун, гӏодой чӏана гьейги.
— Гьале нилъехъе мугӏалимлъун ячӏун йиго гӏурус яс — Семенюк Елизавета Матвеевна. Гьай бегьуларищ нужее? — абун, йихьизаюна идараялъул нухмалъулес гьей.
— Лъаларо… Батӏияв чиго гьечӏищ, гьей яс гурони? — ян, дагьабго ишкалгун, цӏехана гӏолохъанчияс, лъикӏ гӏурус ясалъухъги валагьулаго.
— Гьечӏо. Тӏокӏав мугӏалим витӏун вачӏинги щакаб буго исана магӏарухъе. Лъикӏ ургъе мун, инкар гьабилелде.
— Ургъизе бакӏ гьечӏо. Тӏокӏав гьечӏони, гьай йитӏизе ккела.
Хехаб ва таваккалаб хӏукму къотӏана гӏолохъанчияс. Гьоркьов хӏакимгун, гьесги Лизацаги лъай-хъвай ва цӏех-рех гьабуна. Цоцадаги ричӏчӏун, чӏахӏиязул гӏакълуги гӏадахъ босун, цо пикруялде рачӏана гьел. Рихьуние ине мугӏалимги, гьей цадахъ ячине гӏолохъанчиги разилъана. Кватӏичӏого рахъана сапаралдеги.
Живго вукӏаравани, гьев сапар бухьине гӏедегӏизе ккелароан. Нухде вахъине гӏолохъанчи тӏамуна, ракӏалдаго гьечӏого, тӏаде ккараб жавабчилъиялъ. Цо гурони гьечӏеб чуги, цадахъ йигей гӏурус гьоболги, кьварарал магӏарул гӏадаталги хӏисабалде росун, къотӏана гьес хехаб хӏукму. Гьедин ккана сапар гӏужда бухьине ва росулъе къадго тӏадвуссине гьесул пикру.
Лиза яхинаюна чоде. Живго вилълъана чуги хадуб цӏан. Мугӏрузул шартӏазда лъадарарав гьесие щибниги къварилъи букӏинчӏо лъелго вилълъиналъул. Гӏемер гьев хьвадарал нухал рукӏана цере. Лизае букӏана гьеб кинабго цӏияб, лъалареб, балъгояб тӏабигӏатлъун. Хъантӏун ва кӏудияб гъираялда ялагьулей йикӏана гьей магӏаруллъиялъухъ. Цӏакъ берциналлъун рихьана гьелда хунздерил тӏалъиги гьенир нахъа тарал росабиги.
Гӏарахъ мегӏералъул тӏогьаздасан гьелъие нахъеги рагьана мугӏрузул гӏажаибаб сурат. Цӏидасан байбихьулеб букӏана цин тӏогьазде, цин жанирлъабазде рачунел нухал. Гӏодоре лъугьиндал, буцӏулдерил лъарахъ дагьабго заманалъги рещтӏун, цинги рахана макӏсадерил тӏогьазде. Батӏияб рахъалъан сонго бихьараб хьиндалазул жаниблъи цӏидасан рагьана гӏолилалда цебе.
(Хадусеб букӏине буго)