Гьитӏинаб къоялдаса нахъе дида микьабилеб март лъалаан руччабазда баркиялъул берцинал рагӏаби абулеб, батӏи-батӏиял тӏугьдуз

къалъизабураб къолъун. Чӏужугӏадан — эбелалъе, яцалъе, лъадуе, учительницаялъе баркала загьир гьабулеб байрамлъун бихьизабулаан гьеб нижеда школалда цӏалулеб мехалдаги.

Ахирал соназдайин абуни, гьеб байрам кӏодо гьабиялъулги гьелъул тарихалъулги хӏакъалъулъ батӏи-батӏиял пикраби тӏиритӏун руго халкъалда гьоркьор. Жакъа микьабилеб март руччабигун бихьиназе ращадал ихтиярал кьолеб байрам гуребги, намус тӏагӏарал цо-цо къокъабазе ихтиярал кьеялъул къо кколинги абун, политикиял хӏаялгун жубазабун чорок гьабула. Исламалда рекъон, гьеб бихьизабун батула баркизего бегьулареб байрамлъун.

Гьеб къоялъул тарихалъулъеги раккун гьелъул ритӏухълъигун тӏекълъи гӏочӏода чӏван бихьизаби гуро макъалаялъул мурад бугеб. Магӏарул чӏужугӏаданалъе гьелъ гьабураб лъикӏлъи яги квешлъи бугищ абураб суалалъе жаваб батизе бокьун буго.

Хӏажат бугищ магӏарулалъе, бусурбанчӏужуялъе микьабилеб марталъул байрам? Магӏарул руччабазул гӏумруялъулъ кинаб хиса-баси лъугьараб бихьинчиясулгун ихтиярал ращад гьариялъе гӏоло гӏуцӏараб байрамалъ? Гьелда тӏасан батӏи-батӏияб пишаялъул руччабазул пикраби цӏехана нижеца.

Шамай — мугӏалим, мухбир: «Гьеб байрамалъ сундуего квал-квал гьабичӏо. Чӏужугӏаданалъе рес ккана тӏадегӏанаб лъай щвезе, лъаялда рекъон гӏумру бачине. Гьелда кӏвана хъизанги, рукъги, жамгӏияб гӏумруги цадахъ бачине. Ахираб заманалда нилъеца киналъулго диналъул рахъги борцун хал гьабулеб буго. Гьеб байрамалъул магӏнаги киданиги букӏинчӏо, бихьинчиги диваналда вегун тун, чӏужугӏаданалъ магӏишатги кинабго хӏалтӏиги жинцаго гьабизе кколин абураб. Гьелъул магӏна ва мурад букӏана чӏужугӏаданалъе жиндирго пагьмуялдаса пайдаги босизе, хӏалтӏигун цадахъ жиндирго хъизан-рукъги бачине щвей. Нилъ ругьунлъулел руго цебе букӏараб кинабго лъикӏалдаги квешалдаги тӏад хӏучч цӏазе. Гьанжейин абуни цо-цояз гьеб байрам гӏад-хочӏие гьабулеб буго. Руччаби бихьиназдаса цӏакъаллъун рихьизариги букӏинчӏо байрамалъул магӏна. Гьеб букӏана чӏужугӏаданалъулги щивав инсанасул гӏадаб ихтияр букӏине кколин жамагӏаталда гьоркьое яхъинеги, жиндирго пикру загьир гьабизе, лъикӏаб лъай щвезегиян абураб магӏнаялда ургъараб байрам. Гьениб щибгӏаги квешлъи бихьулеб гьечӏо дида.

Дие микьабилеб март ккола рекӏелъе рохел рещтӏунеб, их макьидаса борчӏулеб заманлъун».

Марина, лъабго лъимадул эбел: «Микьабилеб март нижер хъизаналда кӏодо гьабуларо. Тӏугьдул кьолеб гӏадатги гьечӏо. Дие гьеб байрам бокьула, тӏугьдул ва цогидаб сайигъат росас кьуни, гьелдасаги йохилаан. Гьеб капурзабаз ургъараб байрам баркизе бегьулеб гьечӏин, сайгъаталги гьаризе бегьуларин абула цо-цояз. Бусурбабазул байрамаздаги щайха бихьиназ жидерго лъималазул улбузе тӏугьдул яги сай-гъатал кьоларел? Берцинаб рагӏиги, лъагӏалида жаниб цо нухалдагӏаги тӏугьдузул квацӏи-ги щвезе мустахӏикъай гьечӏищ чӏужугӏадан?!

Дица баркала кьола руччабаздаги бихьиназдаги гьоркьор ихтиярал ращад гьаруразе. Жакъа хъизан хьихьизе росасе цӏакъ захӏмалъилаан дун хӏалтӏулей йикӏинчӏейани. Лъимал кваназарураб гӏоларелъул, жа-къасеб къоялда рекъараб лъайги кьезе ккола гьезие, минабиги разе ккола. Диналда рекъон, чӏужугӏаданалда хӏалтӏизе тӏадаб гьечӏинги абун, гӏодор чӏун тӏубалел гьечӏо жакъа руччаби.

Нилъер республика бечедаб бакӏ гуреблъи, дица бицинчӏониги, лъала киназдаго. Нилъер руччаби киданиги рукӏинчӏо рахӏаталда рокъорги кӏусун. Гӏасрабаз тӏаса инчӏо магӏарулалдаса хурулги боцӏулги захӏматаб хӏалтӏи. Лъималазе тарбия кьеялъул ишги кидаго чӏужугӏаданалда тӏад букӏана. Бихьинал хӏалтӏудаса рокъоре щвейгун, къоялъ хӏалтӏун свакан ругинги абун, телевизоралъухъги балагьунги тӏубала. Руччабазейин абуни хӏалтӏудаса рокъоре щвейгунги рес букӏунаро хӏалхьи гьабизе. Къоялъ рокъойго йикӏуней гӏадатияй чӏужугӏаданалъ гьабулеб кинабго хӏалтӏиги букӏуна гьелда тӏад, лъималазе цӏалулъги кумек гьабизе, гьалбалги къабул гьаризе ккола. Бокьилаан лъагӏалида жаниб цо нухалъгӏаги баркалаялъул рагӏаби рагӏизе».

Гӏаишат, пенсионерка: «Микь-абилеб мартги, чӏужугӏаданалъе хӏалтӏизе жамагӏаталъулъе яхъине ихтиярал щвезарурал гӏадамал, щал ратаниги, гьезие нагӏана кьола дица. Магӏарул чӏужугӏаданалъул гӏадлу биххизабуна эркенлъиялъ. Чӏужугӏаданалъе бихьиназда ращадал ихтиярал кьунин абун дун йохарай гьечӏо, щайин абуни эркенлъиялдаса бергьун кӏудияб пайда босарал гӏемерал руччаби «рахсидаса» тӏун ана. Гьез цӏунуларо я шаргӏалъул нух, я умумузул кьучӏ. Чӏужугӏаданалъухъе рокъоб-ги къватӏибги ихтияр щвеялъ магӏирукъгицин тепсиялде буссинабулеб буго. Хвелги бертинги тӏобитӏиялъул низам руччабазухъ буго. Гьелдалъун гьечӏищ зарал нилъер жамгӏияталъе? Бихьиназул рагӏи билълъунгутӏи — гьеб гурищ нилъ пашманлъизе ккараб хӏужа? Кредиталги росун бертаби гьаризеги чӏужугӏадан йиччаялде ккун буго гӏемерал бихьиназул даража.

Чӏужугӏаданалда бакӏлъи борхун бажарулеб букӏиналде ругьунлъарав бихьинчи загӏипавлъун лъугьунев вукӏиналъул мисалал гӏемер руго. Чӏужугӏаданалъулин абуни тӏабигӏатго бихьинчиясда-са цӏикӏкӏун захӏмалъи хӏехье-зе кӏолеблъун бижараб буго. Ракӏбакъвайги, тӏаде бачӏараб ба-

лагь-къварилъиги хӏехьезе чӏужу-гӏаданалъухъа цӏикӏкӏун бажарула. Хӏасил-калам — чӏужугӏаданалъул бажари цӏикӏкӏанагӏан бихьинчиясулъ чаран чучлъана».

Патӏимат, жамгӏияй хӏара-катчӏужу: «Бихьинчиясулгун ращадал ихтиярал щваралдаса нахъе хӏалтӏудаги жамагӏаталда гьоркьобги чӏужугӏаданалъул гъуждузда тӏад буго цӏакъ захӏматаб «гьир». Кӏудияб хӏалтӏуда йигей магӏарулалъе жакъа жиндирго напс квешабщиналдаса цӏунизе бигьаяб иш гьечӏо. Хисардулеб гьаб заманалъул квешлъабаздаса жийго цӏуниялъе цеетӏурай чӏужугӏаданалъе сабаблъун буго гьитӏинго щвараб исламалъул кьучӏ, чорхолъ бессараб росдал гӏадат-гӏамал, умумузул ракьалъул-гун кидагосеб бухьен. Гьединай чӏужугӏадан йикӏине бегьула 100 бихьинчиясда гьабизе бажарулареб лъикӏлъи халкъалъе гьабулейлъун-ги. Лъикӏаб тӏадегӏанаб лъайги щварай, иманги, исламги, адабги чорхолъ бугей чӏужугӏадан ккола жамгӏияталъего пайдаяй гӏадан. Гьелдалъун берцинлъула гьелъул тухум, росу, Дагъистан.

Жакъа чӏужугӏаданалъе кутакалда захӏмалъулеб буго хъулухъалда йикӏине, гьелдаго цадахъ жиндирго ва хъизаналъул къадру-къимат мустахӏикъаб борхалъуда цӏунизе. Гӏемерал гьечӏониги политикая-лъулъги, жамгӏияб гӏумруялъулъги бихьиназдаса лъикӏ хӏалтӏи гьабулелги руччаби руго нилъер. Жеги цӏикӏкӏун рукӏинеги бегьилаан жамгӏияталъе цӏикӏкӏун пайда кьолел руччаби. Чанги лъайги гӏакълуги цӏикӏкӏарал руччабаз хъулухъ-ишалда данде тӏаса бищулеб буго лъималазе тарбия кьун рокъор чӏезе. Гьел ратилаха лъикӏаб бажариялъул бихьинчи рокъов вугел хъизанал».

Марият, бизнесчӏужу: «Микь- абилеб марталъул байрам кидаго кӏодо гьабулаан нижеца. Магӏарул чӏужугӏаданалъ хурзабахъ ва бокьазухъ гьабизе кколеб захӏматаб хӏалтӏи тӏаса ана. Рес щвана лъай босизе, бокьараб ишалде руссине. Рос хӏалтӏулев вугин, гьес хьихьун йигин абун, дун щай рокъой чӏезе кколей? Гӏицӏго богорукъги, хурги, бокьги гурони бихьизе мустахӏикъай гьечӏищ чӏужугӏадан? Бихьинчиго гӏадин Аллагьас йижарай, гьесулго гӏадинал анищалги хьулалги ругейлъун ккола чӏужугӏаданги. Росасул жиндирго хӏалтӏи ва анищал руго, диеги гьукъуларо гьес анищазда хадуй лъугьине. Гӏумруялъго цӏалулей, лъай босулей йикӏине ккола чӏужугӏадан. Лъималазда малъизе ккани, цин эбелалдаги лъазе ккола дунял. Дица машинаги бачуна, дирго бизнесги рагьун буго, гьеб дие гьукъулев чиги гьечӏо. Амма камуларо рокъор гӏодорги кӏусун, дилъ жахӏда гьабулел руччабиги».