Мухӏамад Дудуевасулгун дир лъай-хъвай кӏиго соналъ цебе ккун букӏана. Казбек районалъул Дилим росулъ тӏобитӏулеб букӏана «Хӏакъикъат» газеталъул къо. Байрамалде вачӏарав гӏолилас рикӏкӏараб Расул Хӏамзатовасул «Магӏарулай» поэмаялдаса бутӏаялъ битӏахъего асир гьаруна гьенир киналго.

Анищалъул цӏваялда хадув

Щуго сон барав чи вукӏана гьев, тӏоцебе Авар театралъул спектакль сценаялдасан бихьараб мехалъ. Росулъе бачӏараб Авар театралъул «Мугӏрузул Гӏали» трагедия бихьаралдаса нахъе гьес гӏемер пикру гьабуна театралъул. Гьесул рекӏелъе ана актер Хирамухӏамад Хирамухӏамадовасул цевевахъинги.

Жив Хирач вугиланги абун, гьесухъего хӏалев вукӏунаан вас ро-къов. Кӏудияв гӏунагӏан театра-лъухъ гӏащикълъулев вугониги, Мухӏамадида бичӏчӏулаан мурадалде щолеб къеркьей хӏалуцараб букӏинеблъи. Шаргӏалъул тӏалабал цӏунараб хъизамалда гӏолев, школалда цӏалулеб мехалда, нашидал ахӏун цеве вахъунев гьесие бигьаго букӏинчӏо театралияб искусствоялде гали тӏамизе. Эбел-инсудаса байбихьун тӏубараб тухум дандечӏун букӏана гьесул гьеб гъираялде. Амма гьесда къуркьизе ракӏалда букӏинчӏо. Школалда цӏалулев Мухӏамад ахӏана хӏалтӏизе районалъул культураялъул рокъове. Гьенир лъолел сценкабаздаги ролал хӏалаан Мухӏамадица. Дагьавги кӏудияв гӏедал, цадахъ хӏалтӏулезул квербакъиялдалъун,

районалъул театр цӏигьабизе бокьана гьесие. Къо бахъанагӏан Авар театралде ракӏцӏалеб букӏана Мухӏамадил. Нухда унеб харжа-

лъухъ балагьичӏого, Махӏачхъа-лаялде сапарал ризлъулаан гьасул, кидагосеб мурадги — цоги нухалъ Авар театралде щвей.

Тӏоцебесеб нухалъ театралъул кӏалгӏаялде щведал, Мухӏамадие цӏар лъезе лъалареб асар гьабуна. Бокьун букӏинчӏо гьесие гьениса нахъе инецин. Гьесда бичӏчӏана жиндир къисмат гьаниб, театралъул кӏалгӏаялда бухьараб букӏин.

— Гьаб буго дие гӏумруялъ майилан кьолеб сайгъат. Йохъ! Гьеб дица къабул гьабизе ккола. Дида кӏалъалеб буго къисмат. Гьелъ, кверги ккун, цӏалев вуго дун искусствоялъул гьайбатаб дунялалде. Киданиги гьабизе гьечӏо инкар! Гьедин ахӏулеб букӏана гӏолиласул ракӏалъ.

Мухӏамадил лъай-хъвай ккана ракьцояв, театралъул актер Хӏайбула Хасаевасулгун. Гьесухъ гӏенеккидал, дагьабги гъира ккана сценаялде вахине.

Мухӏамадицаги цадахъ хӏалтӏу-лезги цӏияб рухӏ гъуна Казбек районалъул театралда. Гьел гӏахьаллъана Махӏачхъалаялда тӏобитӏулеб халкъиял театразул фестивалалда. Районалъул театр цебе бахъунеб букӏана «Мугӏрузул Гӏали» спектакльгун. Мухӏамадица хӏалеб букӏана Гӏалил роль. Гьелдаса хадуб Мухӏамадил пагьму-гьунаралъе тӏадегӏанаб къимат кьуна Дагъистаналда машгьурай театралияй махщелчӏужу Гулизар Султӏановалъ. Гьебго заманалъ Казбек районалъул театралъе кьуна Халкъиябин абураб цӏар.

Жиндирго анищалъухъе гӏедегӏун вугониги, Мухӏамадие бокьун букӏинчӏо эбел-инсул адаб тараб жо гьабизеги. Кьучӏдасанго гьесул гӏумру хисиялъе сабаблъун ккана районалъго кӏудияб адаб-хӏурмат жиндир гьабулев цо чияс (Мухӏамадие бокьичӏо гьесул цӏар бицине) васасе квалквал гьабугейилан инсухъе бачӏараб ругьел. Гьеб букӏана гӏолиласул бищунго талихӏал къоязул цояблъун.

Дунялалда жаниб цогиги дунял

Мухӏамадил берал кенчӏолел рукӏана, театралъул бицунелъул.

— Театр — гьеб ккола дунялалда жанибги бугеб дунял. Хӏикматго берцинаб, бацӏцӏадаб, гьуинаб тӏагӏамалъул хӏайранаб дунял. Цодагьабго хӏинкъиги бачӏуна рекӏелъе – къабул гьавилевдай дун гӏагараб халкъалъ. Бажариладай дихъа гьезул божилъи ритӏухъ гьабун. Гьединал суалалги рачӏуна дихъе сардилъгицин. Театр — гьеб буго нилъер гӏумруги, къисматги, къисаги. Бокьун бугеб куцха гьелда квер хъвазе, гьелъулгун лъай-хъвай гьабизе, — ян бикьана Мухӏамадица театралде бугеб жиндирго рокьи.

Заманалдасан Хӏ. Хасаевасул кумекалдалъун гьесда лъала театралъул режиссер Гӏалисултан Батиров ва Хӏусен Казиев.

Гӏалисултаница гӏемерал малъа-хъваялги гьарун, Мухӏамад гӏемер цӏалдезе тӏамуна. Цо пуланаб къоялъ гьес Мухӏамад ахӏана театралде.

Талихӏалъ къвал барав гӏолиласул рохалие гӏорхъиго букӏинчӏо.

Тӏоцебесеб хӏалбихьи,

анищаб цевевахъин

«Кив дун мекъи ккарав?» — гьеб драмаялда, къваригӏел гьечӏел ишазде гьоркьове ккарав Аминил роль хӏаялдаса байбихьана Дудуевас Авар театралъул сценаялда тӏоцебесеб гали.

Гьение дунги ахӏун йикӏана Мухӏамадица. Сценаялда дида вихьана гӏумруялда вугесдаса тӏубанго батӏияв гӏолилав. Гьадигӏан тӏабигӏат берцинав Мухӏамад сценаялда сверун вугоан бахьикъосарав Аминиде.

Чӏвалеб хъатил гъугъаялъ кьуна гӏолохъанав актерасул махщалие къимат.

Васасул гьунар режиссераздаги бихьичӏого хутӏилищха. Жиндихъегоги ахӏун, гӏолиласул хадурккунисел пикраби, анищал лъазаруна Гӏ. Батировас. Мухӏамадица жаваб кьуна жиндие театралъул васлъун вукӏине бокьун бугилан.

— Актерасул махщалиде гъорлъе лъугьине, гьелъул балъголъаби лъазе, дие кӏудияб кумек щола Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏ. Казиевасдаса, — ян бицана Мухӏамадица.

— Гьес нижеда бичӏчӏизабула сценаялда цӏараб хӏухьелалъул, битӏараб квералъул, хӏатта балагьиялъулгицин актерасул жавабчилъи букӏине кколеблъи. Дие кӏудияб баркала кьезе бокьун буго Хӏ. Казиевасе, Гӏ. Батировасе, Хӏ. Хасаевасе театралияб искусствоялде тӏамулел тӏоцересел дир галабазе дандчӏвай гьабуралъухъ. Хӏусен гӏемер хӏалтӏана дир гьаракьалда, кӏалъаялда, балагьиялда, кверазул ишаназда тӏад. Гьевгун, Гӏалисултангун дун гӏемер ккола цадахъ паркалда тира-сверизе. Бокьула гӏенеккизе гьез бицунелъухъ. Халбихьи цӏикӏкӏарал гьел актераз дие рагьула театралъул тарихалъул тӏанчал, хӏасратаб рокьигун бицуна жидерго театралияб гӏумруялъул…

Мухӏамад Дудуевас хӏараб кӏиабилеб рольлъун букӏана «Навруз» спектаклялъул аслияв герой Тӏалибил роль.

— Гьанжего гьанже театралде хӏалтӏизе лъугьарав духъе кингӏаги кьолел аслиял ролал? — илан дица кьураб суалалъе нечадго гьимана Мухӏамад.

«Мун йиго дир эбел» абураб спектаклялдаги аслияб роль хӏалеб буго Мухӏамадица. Мирзаханил роль ккола гьес хӏараб лъабабилеб роль.

Нилъеда сценаялда вихьула ракӏчӏун жиндирго роль хӏалев гӏолохъанав актер. Щибаб цӏияб роль хӏалаго, гӏолиласул бажариялда хадуб халккведал, бахиллъизе бачӏуна гьесул букӏинеселда. Жахӏдаялъ цебе хӏетӏеги ккун, гӏодов ккезавичӏони, жиндирго анищазул гвангъараб цӏваялъухъеги боржинаан гьесул гьунар.

Гьанже гӏагар Мухӏамадица спектаклязда хӏарал аслиял ролазул цояб ккола «Намус» спектаклялда Намусалъул роль.

Гьес хӏалел ролаздасанги бихьулеб буго живго гьевги бацӏцӏадаб ракӏалъул, борхатаб намусалъул, магӏарул яхӏалъул тӏалабазда рекъа-раб хьвада-чӏвадиялъул гӏолилав вукӏин.

Мухӏамадица рехун течӏо районалъул маданияталъулгунги бухьен, гьенив халкъияб творчествоялъул рахъалъ бетӏерав специалистлъунги хӏалтӏулев вуго гьев. Халкъияб театралъул коллективалда цадахъ иргадулаб цевевахъиналдаса хадув Мухӏамад мустахӏикълъана ДРя-лъул культураялъул министралъул баркалаялъул кагътие.

Гьунар цӏубалеб гӏужалда

Жакъа Мухӏамадил махщел тӏегьалеб буго. Гьединаб гӏужалда гьеб беэдизе ва гӏумруялъул бураназдаса цӏунизе ккола.

Дида гӏемер дандчӏвачӏо Мухӏамад гӏадинал, театралъухъ рокьи ккарал гӏолилал. Театралияб искусствоялде гьесул рекӏелъ гьалдолеб гӏищкъул цӏадухъ чанги хинлъизе ратила нилъ.

Гара-чӏвариялъул ахиралдаги Авар театралъул гӏолохъанав артист М. Дудуевас абуна:

— Дие бокьун буго гӏумру театралъе кьезе, тӏолалго къасдалги, пикрабиги, хьулалги сценаялдасан халкъалъе рикьизе.

Нух битӏаги гьесул анищазе. Биччанте гӏолиласул гӏумруялъул нухал гвангъизаризе гьесул цӏиял ролаз, цӏияб гъасда жинцаго бакараб талихӏалъул цӏаялъ.