12 марталда Халкъияб Собраниялъул иргадулаб гуреб сессиялда гьоркьоб лъун букӏана РФялъул Конституциялда гьарулел ругел хиса-басиязул суал.

90 депутатасда гьоркьоса 72-яс загьир гьабуна гьел хиса-басияздаса жидерго бугеб разилъи. Анлъго чи дандечӏана. Парламенталда бугеб коммунистазул тӏубараб фракциялъ абуни хӏукму гьабуна гьаракьго кьечӏого чӏезе.

Гьеб суал тӏубала исана 22 апрелалда. Гьеб къоялъ улкаялда тӏобитӏизе буго гьел хиса-басиял хӏажат ругищ-гьечӏищали халкъалъул пикру цӏехолеб референдум.

Сессиялъул байбихьуда Халкъияб Собраниялъул комитеталъул нухмалъулев Гӏалавудин Мирзабалаевас баян гьабуна Конституциялда щай хиса-басиял гьарулел ругелали. Гьесул рагӏабазда рекъон, гьабсагӏаталда бугеб Конституция Россиялда къабул гьабун букӏана цебесеб пачалихъияб гӏуцӏиги биххун, кинабго магӏишат тӏатӏала ккун, сундасан щиб байбихьилебали лъаларого ругеб мехалда — 1993 соналда.

Гьанже ахӏвал-хӏал тӏубан батӏияб бугин, додинаб хӏапу-чапурги гьечӏин, амма букӏаниги, гӏадамазул гӏумру хисулеб бугин, гьединлъидал дагьа-макъал хиса-басиял гьаризе кколел ругин бицана Мирзабалаевас. Гьединаб пикру загьир гьабуна президент Владимир Путиницаги.

Хасго хӏажат бугила социалияб рахъалдеги, улкаялда тӏадегӏанал хъулухъаздехун чӏезаризесел тӏалабаздеги кӏвар кьезе.

Гьел хиса-басиял гьаризе улкаялдаго тӏаса рищарал экспертазда гъорлъ вуго Халкъияб Собраниялъул спикер Хизри Шихсагӏидовги.

Гьес бицана хиса-басиязда хурхун 900-ниги батӏияб пикру битӏун бачӏанила комиссиялде. Гьезул 200 къабулги гьабунила. Нилъер республикаялъул Жамгӏияб палатаялдасагун ДГУялъул юридикияб институталдасаги рукӏанила гьезда гъорлъ.

Цо-цо гӏарзал рагӏизе бегьула, бицунел рукӏин гурони, хас гьабун щиб гьениб хисизабизе бугебали лъицаниги бицунеб гьечӏилан.

Гьезул цо-цоял гьадинал ругин бицана Хизри Шихсагӏидовас.

Масала, РФялъул президентлъиялде кандидатура лъезе бегьулила Россиялда 25 соналъниги гӏумру гьабурав чияс. Гьанжелъагӏан 10 сон гӏолеб букӏана гьелъие. Гьединго Конституциялъул судиязул къадар дагьлъулеб буго 11 чиясде щвезегӏан (19 судияв вуго гьабсагӏаталда).

Пачалихъиял хъулухъчагӏазул кӏиго гражданство букӏинеги, къватӏиб пачалихъалда гӏарац цӏунизе яги мина-карт босизе бегьуларин абураб гьукъа-къаялъул бицунеб бакӏги буго гьениб. Гьебги цӏакъ лъикӏаб рахъ бугин абуна Шихсагӏидовас.

Гӏаммаб куцалда абуни, гьесул пикруялда, гьел хиса-басиял рухьарал руго халкъалъул рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялда.

Хӏалтӏухъ бищун гӏодобегӏанаб къадаралда кьолеб мухьгун социалиял пенсиял цӏикӏкӏинариги Конституциялъ хӏисабалде росулел ругин, гьел рахъал тӏурачӏони, пачалихъалъул аслияб документ, Конституциялъул низам хвезабилъун рикӏкӏине бугин кӏалъана спикер.

Хадубго гьес рехсана эбелалъул капитал цӏикӏкӏинабулеб букӏин, класс бачарав мугӏалимасе харжалда тӏадеги кьезехъин бугеб 5000 гъурщил (нилъер республикаялда гьеб щвезе рагӏула 25000-гӏан мугӏалимасе).

Вице-спикер Сайгидахӏмад Ахӏмадовасги тасдикъ гьабуна гьебго пикру. Гьединго тӏаде жубана гьанжеялдаса хадуб Конституциялда тасдикъ гьабулеб бугила халкъазда гьоркьосеб ихтияралда тӏад миллияб ихтияралъул бугеб тӏокӏлъи.

«Гьелдаса пайда босизе буго нилъер миллиял мурадал хвезарулеб мехалда. Халкъазда гьоркьосеб ихтияралъул даражаги гӏезегӏан кӏудияб гьечӏищха. Букӏаниги, нилъеда гӏемер бихьулеб буго къватӏир пачалихъаздаса нилъер партнераз халкъазда гьоркьосел ихтияралги хвезарулел рукӏин. Гьединлъидал гьадаб хиса-баси Конституциялъулъ гьабуни, нилъер пачалихъалъ щиб гьабизе кколебали малъарулел чагӏи рукӏинарилан», — абуна Сайгидахӏмад Ахӏмадовас.

Гьесго тӏаде жубана гьел хиса-басиязул магӏнаги бичӏчӏун халкъалъ, гьаб нухалдаги президентлъун вачӏине ракӏалде ккани, Путинил рахъкквезе букӏиналде хьул бугила жиндир. Гьаб заманалда Россиялъе къваригӏарав, улка цебехун бачине бажарулев чи гӏицӏго гьев гурони гьечӏила.

Халкъияб Собраниялда «Справедливая Россия» фракциялъул нухмалъулев Камил Давдиевасги загьир гьабуна гьебго пикру.

Амма вице-спикер ва КПРФялъул фракциялъул нухмалъулев Махӏмуд Махӏмудовас абуна Конституциялда хиса-басиял гьаризе церего хӏажат рукӏанила, гьабсагӏаталда гӏадин хъата-масан гуроанилаха.

Гьес ракӏалде щвезабуна 1993 соналда цӏияб Конституция къабул гьабулелъул халкъалъул букӏараб разилъи гьечӏолъи. Щайин абуни, гьелде щвезегӏан букӏараб 1977 соналда тасдикъ гьабураб Конституция гӏемерго лъикӏаб букӏанила инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ. Амма цебесеб тӏалъиялъ Москваялда гьерсал рицанила дагъистаниязул 70 проценталъ цӏияб Конституциялъул рахъ ккунилан.

Унго-унголъунги улка цӏи гьабиялде ишан босулеб бугони, тӏуранго хисизаризе кколин аслиял рахъал — финансазулгун экономикияб ва социалияб рахъалъ гӏадамал хьезариян рикӏкӏунеб буго Махӏмудовас.

Улкаялъул КПРФялъ кьурал малъичӏого, гӏицӏго нилъер республикаялдаса коммунистияб партиялъ микьго пикру битӏун букӏун буго Москваялде. Амма гьезул цонигияб хӏисабалде босун гьечӏо.

Гьедин коммунистазда лъикӏаблъун бихьулеб бугоан пачалихъалъул тӏабигӏиял бечелъабазул бетӏергьабилъун халкъ букӏине ккей ва ракьулъа магӏданал рахъун щолеб хайиралъул бутӏа гӏадатиял гӏадамазеги щвей.

Голландиялдагун Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазда гьедин букӏунин абуна Махӏмудовас.

Санайилго улкаялда 23 трлн гъурщиде сырьё бичараб мехалда, 8 трлн гурони бюджеталде бачӏунеб гьечӏила.

Пенсиялде унел бихьиназул ригь 60, руччабазул – 55 сон букӏине ккелиланги абулеб буго коммунистаз.

ЖКХялъул хъулухъазухъ гӏадамаз кьолеб гӏарац хъизаналъе щолеб хайиралъул 10 проценталдаса цӏикӏкӏине бегьилариланги абулеб буго гьез.

Хадусеб суал буго Россиялъул Банк пачалихъалъухъ букӏине ккеялъулъ. Махӏмудовас абухъе, гӏемер хабар буго гьелда сверухъ, амма улкаялъул экономикаялъе асар гьабулеб аслияб бакӏ лъихъ бугебали жаваб кьолев чи гьечӏо.

Гьединго Конституциялъул пунктал тӏураялъе гарантиялги рихьизаризе ккелин абуна Махӏмуд Махӏмудовас. Масала, рищиязул бицунеб бугила жинца. Гӏадамал рищиязда гӏахьаллъичӏониги, мандаталги щолел ругила.

Палхӏасил, Хизри Шихсагӏидов гьесда тӏад рекъечӏо. Докторский колбасаялдаги цогидалдаги хадур иргаялда гӏадамал чӏолел рукӏарал 80-90-абилел соназде ахӏулел ругила КПРФялъул вакилас халкъин абуна.

Гьал бицен гьабулел хиса-басиял абуни, пачалихъ щулалъиялъе гьарулел ругила. Гьел сабаблъун тӏалъиялда хутӏизе президентасе бокьун бугин кколеб батани, гьелъие цогидаб рес букӏанин гьесулин бицана парламенталъул спикерас.