Гӏиса аварагасул цӏаралда балеб бугеб рухӏиябгун лъай кьеялъул комплексалда (мазкар) 10 марталда гвай бана Гъуниб районалъул Гьонода росдал жамагӏаталъги. Щибаб районалъул росдае цо-цо къо бихьизабун буго гьениб хӏалтӏизе.
Мадинатул Наби — нур бараб шагьар
Хӏалтӏул къо букӏиналъухъ балагьичӏого, рачӏун рукӏана гьенире гӏадамал. Кӏиабизе, лъабабизе рачӏаралги рукӏана. Хӏакъикъаталдаги кумек къваригӏараб хӏал буго гьениб. 30000 квадратияб метралъул кӏодолъиялда балеб гьеб мажгиталъул проект ккола Мадинаялда, салат-салам лъеяв Мухӏамад аварагасул цӏаралда бугеб мажгиталъулго гӏадинаб.
«Мадинаялдаго гӏадин, гьалъулги букӏине буго хирияв аварагасул равзаялда тӏасанго гӏадаб гӏурччинаб къуба», — ян бицана рухӏияб централъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Ахӏмад Хӏабибовас.
Гьениб букӏине буго салат-салам лъеяв аварагасул асарал жанир цӏунулеб рукъги. Мажгиталде жанибе лъезе буго кинабниги 23 рагьу. Жанире-къватӏире хьвадулел гӏадамазе хӏалкъай букӏунареб куцги хӏисабалде босун буго архитектораз.
Какичурулел рукъзалги ракьулъ жанир гьаризе ругин бицана Ахӏмадица. Гӏаммаб куцалда, 20 000 чи жаниве гьунеб мажгит букӏина гьеб.
Гӏурччинаб сверухълъиялъ
бацараб мазкар
Гьанжего цебе чӏолеб бугин мажгит рагьараб къоялъ гьаниб букӏинесеб суратилан ругоан гвавулъе рачӏарал гӏадамал.
20000 чиясда гьоркьоса гӏемерисезухъ машинаги букӏунелъул, гьел лъезе бакӏ балагьулаго щиб къодай бихьила бетӏергьабаздаян абулелги рукӏана.
Гьеб рахъги цебего хӏисабалде босараб къагӏида — 5000 машина лъезе бакӏ къачӏалеб буго гьениб. Мажгиталда сверухълъи гӏурччинлъиялъ цӏезабизе ракӏалда буго. Гьединго аскӏобго балеб буго муфтияталъе цӏияб минаги.
«Халкъияб аллея» абун цӏарги лъун, батӏи-батӏиял гъутӏбуз берцин гьабун, къачӏазе буго мажгиталде рачӏунеб нух.
«Рухӏияб центр балеб буго, аслияб куцалда, халкъалъ садакъаде кьураб гӏарцухъ. Гӏемерав чияс харж гьабуна гьанибе жиндирго боцӏи. Гьабсагӏатги гьабулеб буго. Гӏарац кьезе бокьарав чиясе кидаго рагьараб кассаги буго, хӏалтӏулеб бухгалтерияги буго. Узухъда, гьабизе хӏалтӏи жеги гӏемер буго. Гьанжего-гьанже къадал эхетиялъул иш рагӏалде бахъанин абизе бегьула. Жеги цебе буго буго тӏохалъул ва жанир хӏалтӏаби гьариялъул иш. 2025 соналде, киналго хӏалтӏаби рагӏалде рахъун, рухӏияб центр хӏалтӏизе биччазе ракӏалда буго, ИншаАллагь», — ан бицана Ахӏмадица.
Исламалъулъ буго хвасарлъи
Гӏун бачӏунеб гӏелалда рухӏияб центр балеб куц бихьизе гьенире экскурсиялъ рачӏунел руго школазул цӏалдохъабиги. Советияб заманалда атеизмалъул идеологиялъул асаралда гъоркь куцалеб букӏана гӏолеб гӏел. Жакъайин абуни, Аллагьасе рецц, Аллагьасул нухда куцазе рес кьун буго. Гьелъ лъикӏал хӏасилалги кьолел руго. Мадрасабазде хьвадулел лъималазул кьерал цӏилъулел руго соналдаса соналде. Бацӏцӏадаб исламалъулъ бугин нилъее хвасарлъийин абулеб буго гӏалимзабазги, имамзабазги, гӏумру бихьарал гӏакъилал харабазги. Терроралъулгун лъугӏел гьечӏел КТОязул дандерижиялъул бакӏалда, будунасул роцӏараб гьаркьица чӏаголъизаризе къваригӏун руго чӏунтун ругел гӏадамазул ракӏал.