Гъуниб районалъул Салтӏаса Ибрагьим Ибрагьимов ккола рагъулав летчик-истребитель. Гӏаммаб куцалда гьес гьаваялда бан буго 2500 сагӏат. Гьабсагӏаталда Россиялда летчикас лъагӏалида жаниб гьаваялда 15 сагӏат бани, кӏиго лъагӏалица хъулухъ гьабураблъун рикӏкӏуна. Гьелъул хӏисаб гьабуни, Ибрагьимил хъулухъалъул стаж бащалъула 200 соналда.

Амма Ибрагьимилгун нижер гара-чӏвари ккеялъе гӏилла гьеб гуро. Ополченцазул суал буго. Гьанже гӏемер бицунеб «Интербригада» гӏуцӏана Ибрагьимица. Гьел ополченцазул сияхӏ дандбалеб комиссиялда гъорлъе гьев ахӏизейин абуни лъиданиги ракӏалде ккун гьечӏо. Тӏадежоялъе, 1995 соналдаса нахъе офицерзабазул жамгӏияб союзалъеги нухмалъи гьабулеб буго Ибрагьим Ибрагьимовас.

Гьесулгун буго нижер гара-чӏвари.

— «Интербригада» гӏуцӏана дирги цеве вукӏарав Махӏачхъалаялъул мэрасулги квербакъиялдалъун. Дун ккола 1995 соналда республикаялда тасдикъ гьабураб офицерзабазул жамгӏияб союзалъул нухмалъулевги. Гьеб соналда дица нухмалъи гьабулаан «Энергосбыталда» хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабулеб хъулухъалъеги. Бащдаб лъагӏалидасан тӏамуна цойги хъулухъалде – Махӏачхъалаялъул «Энергосбыталъул» начальникасул заместительлъун. Дагьалъ чӏун ана цойги хӏалтӏуде – «Дагъэнергоялъул» хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабулеб хъулухъалде. Ток бикъиялда дандечӏезелъун гӏуцӏун букӏана гьеб. ГЭСаз хӏадур гьабураб тӏолабго токалъул 18-22 проценталдаса гурони пайда босулароан доб мехалда нилъер гьаниб. Дагъистаналъул энергосистемаялда гьоркьобе унаан республикаялъул батӏи-батӏиял мухъазда гӏуцӏараб кӏудияб щуго предприятие. Хӏажат букӏана кколеб куцалда гьел хӏалтӏизаризе. Гӏемер заманго иналде кӏвана гьедин гьабизеги – 18-22 гуреб, нусго проценталъ токалдаса пайда босулеб ва гьелде щвезегӏан анцӏгониги соналъ церего рукӏарал налъаби рецӏизегицин кӏолеб хӏал лъугьана. Гьелдалъун нилъер энергосистема Россиялдаго бищун лъикӏазда гьоркьоб рехсезе лъугьана.

— Сундулго иш лъугӏарал 1990-абилел соназда кин гьеб беццилеб хӏалалда букӏун батулеб?

— Гьеб мехалда нижеца хӏалицаго ахӏвал-хӏал роцӏинабун букӏана. Гьеб «иш лъугӏараб» заман абуни тӏаде щвана 2000-абилел соназул байбихьуда. Чубайсил реформабаз рикьа-къотӏун, тӏатӏала ккезаруна киналго субъектазул магӏишатал.

Тӏадежоялъе, Чачаналда унеб рагъулги букӏана хӏинкъи – ГЭСазда бокьараб диверсия гьабизе бегьулаанха. Гьединал хӏалбихьиял чанги рихьана нижеда. Гьединлъидал Москваялъ цӏакъ хадуб халкквей чӏезабун букӏана гьаниб, ГЭСал цӏунизе цогидал регионаздаса ОМОНги битӏун.

Гьединго 1999 соналда Цӏияб Лакалда рагъ байбихьидал, кӏиго анкьалъ кодоб ярагъги ккун цӏунана нижеца гьенир аскӏоса гӏебеде ругел энергообъектал. Гьеб мехалда нижеда цадахъ вукӏана РФялъул Пачалихъияб Думаялдаса бачӏараб экспертазул къокъаялъул бетӏер – генерал-майор ва СССРалъул Бахӏарчи Александр Солуяновги. Доб мехалда гьес ЮФОялда рагъулел аскаразе нухмалъи гьабурав командующий Геннадий Казанцевасухъе телги битӏун, ярагъги тӏадеги хъаравуллъиги бачӏинабун букӏана энергообъектал цӏунизе.

— Гьедин гӏуцӏараб къокъайищ нужеца букӏараб «Интербригада»?

— Гьедин ккана гьелъул иш. Цо сордоялъ Агъвалисан кӏалъана дихъе щалали лъаларел гӏадамал ругин мугъзада раччарал жалгун, ярагъгун магӏардаса гъоркье лъугьун рачӏунел. Нижер гӏуцӏиялъул цо подстанция буго доба. Гьеб мехалда дун вукӏана экономикияб рахъалъ хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабулеб «Дагъэнергоялъул» хъулухъалъул нухмалъулев. Хъата-масан дица гьелъул хӏакъалъулъ генералияв директорасдаги, МВДялдагун ФСБялдаги лъазабуна. Хадуб доба рагъ-муч байбихьидал, гочинарурал гӏадамал ралъдал рагӏалда бугеб «Дагъэнергоялъул» базаялдаги чӏезарун рукӏана нижеца.

Палхӏасил, гьеб заманалда Махӏачхъалаялъул мэрас ахӏана дун (республикаялъул офицерзабазул жамгӏияб союзалъул нухмалъулев хӏисабалда). Тӏаде къо ккун бугин гьанже, гьединлъидал киналго офицерзаби къватӏире рахъинаризе кколел ругин абуна гьес. Афгъаналъулаздаги абизе ккелила. Гьел киназдасанго гӏуцӏараб къокъаялъе нухмалъиги Шамил Аслановасда тӏад къазе бугин абуна гьес. Асланов вукӏана доб мехалда шагьаралъул администрациялда ихтияразул бутӏаялъул нухмалъулевлъун.

Цинги гьеб суал офицерзабазда дандбазе дун нижерго офисалде «Кавказ» гостиницаялде ана. Иш гьеб бакӏалде ккезе биччанилан хӏакимзабазде рехулел чӏоралги камичӏо цо-цо офицерзабазул. Гьанже гьел жалго ритӏизе ккелин доре Болъихъеян абулеб букӏана гьез. Амма нилъерго умумузул ракьги цӏунун, хадурккунги гьанир чӏезе нилъеда ракӏалда батани, гьеб хабар бицун пайда гьечӏилан абураб хӏукмуялде рачӏана ахирги. Офицерал гурелги, хӏукуматалъулгун тахшагьаралъул администрациялъул вакилзабиги, МВДялъулгун ФСБялъул хӏалтӏухъабиги рукӏана гьенир данделъун. Цӏакъ ракӏрагьарал кӏалъаялги гьаруна гӏемерисез. Гьеб кинабго камераялдеги бахъун букӏана республикаялъул телевидениялдасан бихьизабизеян. Амма, щаяли, къватӏибе кьечӏо.

— Дида бичӏчӏухъе, ополченцал хӏисабалда нуж Болъихъеги щвана, рагъги бихьана… Гьанже статус чӏезабизелъун ДРялъул хӏукуматалде парламенталъ битӏараб ополченцазул сияхӏалда гъорлъ ругищха мунги дуда релълъаралги? Щайгурелъул цогидазулги гӏемер гӏарзал руго гьелда тӏасан.

— Битӏараб бицани, дун гӏарзал рахъулев чи гуро. Дида гьеб сияхӏги бихьичӏо. Гьединлъидал лъаларо, дун гьениве восун вугищ-гьечӏищали.

Амма гӏажаиблъизавуна гьеб сияхӏ гӏуцӏулеб мехалда «Интербригадаялъе» кьучӏ лъурав офицерзабазул жамгӏияб союзалъул нухмалъулев хӏисабалданиги хасаб комиссиялда гъорлъе дун вачинчӏолъиялъ.

Дирги дида релълъаразулги бакӏалда абуни, аскӏобе гӏагарунцин рагъ бихьичӏел гӏадамал ругоан комиссиялда. Гьезда щиб лъалеб доб мехалда гьел лъугьа-бахъиназда сверухъ букӏараб ахӏвал-хӏалги гьенир гӏахьаллъарал гӏадамалги?

Гьезул гӏемерисел руго цӏар-рецц бокьуларел гӏадамал. Жидее шапакъатал кьеян цере кӏанцӏуларелъул гьел. Масала, гьезул цояв ккола Болъихъ энергосбыталъул нухмалъулев Гӏумаров, нижер системаялде вачӏарав хӏалтӏухъан. Рагъ лъугӏун хадуб кьолеб букӏараб Бихьинчилъиялъул орден босизе инчӏо гьев, гьедигӏан кутакаб жо щиб жинца ополчениялда гьабурабиланги абун.

Цӏияб Лакалда рукӏаго Солуяновасги абулеб букӏана дида Бихьинчилъиялъул орден дуеги кьелилан. Амма цӏакъго тӏасан ккезехъин бугилан, дица инкар гьабуна. Гьенивго дида цадахъ вац Хӏажиги вукӏана. Кин букӏаниги, нижее кӏиязего кьуна «За службу на Кавказе» абураб каранда балеб гӏаламат. Гьединго руго шапакъатал цогидал гӏолохъабазе кьуралги.