Гьанжегӏагар Махӏачхъалаялъул СИЗОялде щвана ДРялъул Жамгӏияб палатаялда цебе гӏуцӏараб жамгӏияб халкквеялъул комиссиялъул (ОНК) нухмалъулев Гӏумар Гӏумаров. Гьесда цадахъ вукӏана инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ республикаялда бугеб официалияб вакиллъиялъул аппараталъул хӏалтӏухъан Руслан Сулеймановги.
Гьез гара-чӏвари гьабурал туснахъазул цо-цояз жамгӏиял хӏаракатчагӏазухъе кагътал рачӏун рукӏана жидее гӏолел-гӏоларел рахъазул бицун.
Масала, мугъзал гьодалъе жагъаллъи бугев жив туснахъалъул больницаялде вачунев гьечӏилан гӏарз бахъана туснахъазул цояс.
Ришватчилъиялда данде къеркьеялда бан республикаялда байбихьараб компаниялъул заманалда туснахъ гьарурал хъулухъчагӏазда гьоркьове ккана гьев.
Цин ДРялъул хӏукуматалъул минаялдаги хӏалтӏун, хадув Захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул министерствоялде тӏамун вуго. Гьенисан вачун жанив лъун вуго «Путь к сердцу» абураб НКОялъе 127 млн гъурущ биччаялъе квербакъун бугинги абун. Амма жинца нухмалъи гьабулеб отделалъул бухьенцин букӏинчӏин гӏарцул суалалдехунилан бицана гьес. Гьанже гьеб битӏарабищ-гьересийищали чӏезабизе анцӏго адвокатги ккун вукӏун вуго гьес.
Жамгӏиял хӏаракатчагӏаздасан гьесие къваригӏараб кумек букӏана сахлъи щула гьабизе медучреждениялде витӏизави.
Руччабазул камераялда гьезда ятана Бельгиялъул гражданка Аеза Хӏажиханова. Гӏодулаго бицана гьелъ жийго Махӏачхъалаялда махсараде ккураблъиялъул.
Эбел татарай, эмен лезгияв рагӏула гьелъул. Кӏудияй гӏедал, Бельгиялдаса бахъарай ячӏун йигоан гьей эмен валагьизе. Жеги ватун гьечӏо. Гьелъие кумек гьабулеб букӏун буго Мурад абулев цо гӏолохъанчияс. Цинги гьевги рекӏее гӏун, Аезада ракӏалде ккола Бельгиялда бугеб тукенги бичун, Махӏачхъалаялде яхъине. Яхъуна. Гьаниб гьелъ босула — ралъдал рагӏалда – ункъо коттеджги, ресторанги, тукенги. Цо заманалда Мурадил хъизаналда махӏ чӏвала гьеб жоялъул. Лъилали телефонги меседил рахасги бикъун бугилан, жий жаний тӏамизе хӏаракат бахъанин Мурадил чӏужуялъилан гӏод-гӏодун йиччана Аеза.
ОНКялъул нухмалъулев Гӏумар Гӏумаровас рагӏи кьуна гьелъул цӏех-рех гьабизе.
Гӏезегӏан гӏолохъанал руччаби ругоан наркотиказе гӏоло туснахъ гьарурал. Цо-цоязул россалги ругоан мадугьалихъ камерабазда. Тӏаде балагьун берцинал, жидедаго хадуб хъулухъ гьабулел ясал рукӏана гьел. Гьез бицунеб жоги цого бугоан – россалгун цадахъ унеб мехалда полициялъ чӏухьбана гьезул чунтбузухъ, цинги «за соучастие» абун, жалги лъунила жанир (жидехъ наркотикал рукӏинчӏониги).
Гьединго терроризмалда хурхарал статьябазда рекъон жанир тӏамуралги ругоан. Масала, Цӏунтӏа районалдаса Хӏабиб Хӏажиев. Гӏумру гьабун Комсомольское росулъ буго гьезул хъизан. Лъабго лъимерги чӏужуги йиго гьесул. Таксистлъун хӏалтӏулевги вукӏун вуго. Лъагӏелгун бащдаб заман рагӏула гьев туснахъ гьавун. Гьебщинаб мехалда жаниб цониги нухалда цӏех-рехалъул цогӏаги тадбирги гьабун гьечӏо.
Хӏабиб Хӏажиевас бицана чанго соналъ цебего полициялъ жинда тӏаде босизабулеб букӏанила жиндихъ граната батанин абураб гӏайиб. Амма жив мукӏурлъичӏила. Гьанже гьеб жо бецӏулел ругила дол.
Цойги йиго гьений Болъихъ районалдаса гӏолохъанчӏужу, Египеталда вугев дурцасул карточкаялде гӏарац битӏунилан туснахъ гьаюрай.
«Дида лъаларо щиб ккарабали, амма нижер дурц цӏех-рехалда вукӏинчӏо, гьукъараб рагъдаги гьев гӏахьаллъичӏо. Гьес чанго карточкаялъул номер битӏун бачӏун букӏана гӏарац рехизе бегьулеб. Гьезул цонигиялъул бетӏергьан вукӏун ватилаха хасал хъулухъаз хадуб хал ккурав», — илан бицана гьей гӏолохъанчӏужуялъ.
Туснахъазе чӏезарурал шартӏазул хал гьабулелъул, богорокъор дагьа-макъалго гӏунгутӏаби ратана ОНКялъул нухмалъулесда. Гьев вачӏараб заманалда хӏалтӏулел ратичӏо белъараб гьанал кескал цӏалел электронниял цӏадираби. Цереккунго гъулбасал лъун ратана туснахъазе хӏадурараб кванил хӏалбихьун хадуб хъвай-хъвагӏай гьабизе кколеб журналалдаги.
Гьединго жалго туснахъазул цояз абулеб букӏана жидее цӏарагӏ ва чӏабар чурулел жал хӏажат ругиланги. Дербенталдаса цо гӏолохъанав наркоманас гьарулел рукӏана художествиял тӏахьал.