Арал гӏодоркъоязда «Ютэйр» авиакомпаниялъ Сагӏудиязул Гӏарабиялде гьабулеб букӏараб роржен гьоркьоб къотӏизабуна. Гьелда рекӏун рукӏана гӏумраялде унев вукӏарав 250 хӏажичи.

Хӏажизаби нуха регӏулеб «Марва-Тур» компаниялъул нухмалъулев Булат Къурбановас бицана Сагӏудиязул Гӏарабиялъ кӏиго батӏияб виза кьолин — туристазе ва гӏумра гьабулезе. Туристазул виза щолеб буго дунялалъул 49 пачалихъалъе, гьезул бащдазе Сагӏудиязул Гӏарабиялде сапар гьабизе гьукъун буго, амма Россия гьукъаразда гъорлъ гьечӏо.

Гьеб сияхӏалда гьечӏониги, гӏумра гьабизе россиялъулазеги рес гьечӏо, щайгурелъул коронавирус бахинаредухъ, гьитӏинаб хӏеж гьаби гьабсагӏат гьоркьоб къотӏизабун буго киналго пачалихъазе. Гӏумра гьабизе бегьула лъагӏалида жаниб бокьараб мехалда.

Булат Къурбановас бицухъе, рорженал къотӏизарилалде цебе, «Ютэйр» компаниялъ щибаб кӏиго анкьида жаниб 250 чиги вачун гьарулаан сапарал.

8 марталда Махӏачхъалаялде нахъруссана республикаялдаса хирияб ракьалде сапар бухьун букӏарал хӏажизаби. Гьебго самолеталда Сагӏудиязул Гӏарабиялде ине кколеб букӏараб къокъаги гьенибе битӏичӏо.