Гӏаданги дунялги хисулел руго хадур гъолареб хӏалалъин абула нилъеца. Абулаго гьеб чваххиялъ нилъгоги хъамулел ратула. Гӏажаиблъула тӏорщалил магь баччун уней чӏужугӏадан йихьидал, гьоцӏиб тӏамулеб лал жеги бугин рагӏидал, лъилниги рокъоб цӏунун некӏсияб цагъур батидал. Шагьаралдаса магӏарухъе гочун бараб 12 соналда жаниб, хӏалтӏул къваригӏелалъ цо-цо гӏедегӏун ячӏун къасиялде нахъюссуней дида гьаб шагьаралъул гӏумру бихьунго букӏун гьечӏо. Кӏудияб хӏикматлъун къабул гьабула, магӏарулазе гӏадатияблъун букӏараб ретӏа-къаялъул чи шагьаралда дандчӏвани, бахиллъула рокъоб рахьдал мацӏ бицунел лъималазда, чӏухӏула болмацӏалъ кӏалъалел гӏолилаздаса. Амма лъиего гӏажаиблъи гуро цӏвакараб нодоялъул, рукӏкӏалаби хъвачӏеб гьумералъул гӏуцӏа-кӏутӏарай кӏодоэбел, кӏутӏбузул риццалъиялъ гьурмал сипат хисарал ясал.
Нилъго берцин рихьизе бокьиялъ гӏорхъолъа рорчӏулел гьечӏищ руччаби? Соназул сиялъ толел лъалкӏал-рукӏкӏалаби, Аллагьас бижараб куц-мухъ хисизаби, бусурбанай чӏужугӏаданалъ гӏадатияб жолъун къабул гьабизе кин гьеб бегьулеб?! Сунца тӏамулел ругел ригьдаса унел руччаби балагьизе ракӏкъараб хӏалалъ жидер кӏутӏби, кӏаркьаби понцӏозаризе. Щиб гьезие гьелдалъун бокьараб?
Гьел суалалги рехсон «ботоксалъул эпохаялда» дагьалго жанире раккизин. Россиялда ботокс хӏалтӏизабизе байбихьун къогогӏан сон буго. Байбихьуда соназ толел лъалкӏал — рукӏкӏалаби рацӏцӏунел рукӏана гьурмадаса актераз, кочӏохъабаз.
Мадина — тохтур: «Лъагӏалида жаниб кӏиго нухалъ гьабулаан цебе дицаго ботокс кӏутӏбузда сверухъ, нодоялда. Гьумер цӏвакизабизе бокьиялъ хъалалъе биччалеб жоялъул черхалъе бугеб заралалъул, сахлъиялъе бугеб хӏинкъиялъул пикру гьабулароан. Америкаялдаса бачӏараб жо загьруги дарулъун бихьулелъул нилъеда.
Гӏолохъанго йихьизе бокьи — гьеб щияй чӏужугӏаданалъун анищ батила. Бигьаго гьедин берцинлъизе бугеб ресалдаса пайда босичӏого телищха. Гӏемер лъикӏаб бицинчӏого разилъула руччаби гьелде. Гьелдаго цадахъ буго хъантӏиги, гьел операциял, процедураби гьарун щолеб хайир кӏудияб буго. Гьумер-черх гӏолохъанлъизабулел гӏемер къагӏидаби руго нилъер заманаялъ.
Релъулеб, гӏодулеб, рохел ва пашманлъи гьурмада загьирлъулеб асар лъугӏизабулеб буго рукӏкӏалаби ритӏизаризе гьаналъе риччарал жалаз. Берцинлъизеян гьабураб гьелъул гӏаксалда ккеялъул мисалалги цӏакъ гӏемерал руго. Жиндир заманалда чӏезе лъалеб гьечӏо, жеги цӏикӏкӏун гьабулеб буго. Цебе лъагӏалида жаниб цо-кӏиго нухалъ гьабун гӏолаан. Гьанже лъабго моцӏидасан гьабизе кколеб буго. Щибаб цӏияб жого гӏадин, ботоксалъул ва гьелдаго релълъарал препаратазул даража гӏодобегӏанлъулеб, хвезабулеб буго. Дир махщелцояз бицуна руччабазе пластикаялъул операциял гьариялъулъ лъабабилеб бакӏ кколеб бугин кӏутӏби чӏахӏа гьариялъ. Тӏоцебесеб ва кӏиабилеб гьаниб бицине цӏакъго намусал руго. Африкаялъул чӏегӏераб тӏом бугел руччабазда релълъинарулел руго жалго, кӏутӏби гурелги лугбалгицин хисизарун».
Гӏайшат — маданияталъул хӏаракатчӏужу: «Гьалмагъалъул васасул берталъ йихьана цеего лъалей йикӏарай кочӏохъан. Битӏараб бицани, дида гьей лъачӏо гьаркьидаса гурони, лъалеб хӏалги хутӏун гьечӏоан сипаталъул. Цее гьей йикӏана узданай, магӏарулай йикӏин лъалеб хаслъиялъул яс. «Жиндирго талихӏкъин буго пакъиралъул», — ин угьун биччана дида аскӏой гӏодой чӏарай цӏикӏкӏарай гӏаданалъ. «Кочӏохъабаз гуребги гьабуларого батиларо гьеб «ремонт» батӏаго. Хӏижаб тӏад къаразулги чанги бихьанагури гьаниб гьедин къачӏалаго хвезабураб куц-мухъ». Гьел гӏемерлъиялда гурищха гӏажаиблъиго гӏолеб бугеб. Нухлул низамги хвезабун, хъамун машинагун хьолбохъан гьел индал, хьамиялъул калам борчӏулеб рагӏана бихьиназул кӏалдиса».
Салихӏ — таксист: «Руччаби рулалда нахъа рукӏиналъ бугебщинаб квалквал нухазда, кӏутӏбиги понцӏорал, бетӏерги гьодорал. Жинде бихьинчиясул балагьи буссине гьабулеб жоха, бихьиналгойищ гьазул рокъор гьечӏелали лъаларо. Гӏажаиблъи, берцингӏаги киндай бихьулеб гьезда, дирни ракӏ багъарула маймалакалъул нахъаса рахъ гӏадаб куцалда».
Мухӏамадгӏали — гӏолохъанаб хъизаналъул бетӏер: «Гьединал ясазул рахъалъ бихьиназул лъикӏаб пикру букӏине рес гьечӏин ккола дидаго. Сурукъ бихьун гурони, жеги беццулеб рагӏичӏоха. Гьездаго релълъараб хьвада-чӏвадиялъул бихьиназе бокьулеб батизеги бегьула.. Сах-саламатав инсул ясалъ, магӏна бугев росасул чӏужуялъ гьеб гьабиларо. Чӏужугӏаданалъул тӏадагьлъи, гӏакълуялъул мукъсанлъи, рокъосел бихьиназул къвакӏи гьечӏолъи тасдикъ гьабула гьединал хиса-басияз. Палхӏасил — гьезул рахъалъ бихьиназул пикру цӏакъго тату хвараб буго.
Дица гьединай яс ячинароан, ячунелги ричӏчӏуларо. Гьел ясалго гӏадал тӏадагьаб гӏакълуялъул улбузул васазда берцин бихьулеб батилаха гьеб мода».
Майсарат — мугӏалим: «Битӏараб бицани, цояз цогидал цӏала гьеб нухде. Университеталда цадахъ цӏаларал ясалгун мех-мехалъ данделъула ниж. Аслияб къагӏидаялъ гьаб хабар букӏуна — лъица мегӏералъе операция гьабураб, кире ун кӏутӏби къачӏарал, щиб салоналда рукӏкӏалаби ритӏизарурал. Диде тӏаделъула нодо битӏизабулареб щай, мегӏер гьитӏин гьабулареб щаян. Гӏолохъаби гӏурал лъималазда цее кин дун йикӏиней куцги хисизабун, какие сужда чӏвалелъул Аллагьасдаса нечеларищ? Кигӏанго дие гьел гьалмагъзаби рокьулел ругониги, мех-мехалъ рекӏекълъула дандчӏваялде иналдаса. Гьез рикӏкӏунеб буго рицатал, чӏахӏиял кӏутӏби берцинлъиялъул гӏаламат бугин.
Ганчӏил гьабураб гӏадаб, рохел яги пашманлъиялъул асар тӏад загьирлъуларел дугъдарал гьурмал жидеегогӏаги кин рокьулел?»
Хадижат — исламалъул дарсал кьолей мугӏалим: «Исламалъ изну кьолеб буго чӏужугӏадан къачӏа-кӏатӏазе жиндирго росасда берцин йихьизелъун. Гьединго гьукъараб гьечӏо махӏрамиял бихьиназда цее, цохӏо руччаби ругеб бакӏалда гвангъараб ретӏел ретӏине, гьурмада релъен бахине.
Исламалъ гьукъун буго сахлъиялъе зарал кколеб хӏалалъ жиндир лага, Аллагьас бижараб сипат хисизабизе. Чурун нахъе унареб релъен гьурмада гьаби, тӏомода тӏад сурат бахъи (татуировка), кӏутӏби рицалъизарулеб операция — гьел хӏарамал рукӏин лъала хӏакъикъиял бусурбабазда. Гьел руччабазул гӏемерисезда гӏорхъиго лъалеб гьечӏо. Дир хӏисабалда, гьезулъ лъугӏулеб буго магӏарул чӏухӏи, яхӏ-намус. Исламалъ кӏодогьаюрай чӏужугӏадан гьелъ жинцаго гӏодоегӏан, учузлъизаюлей йиго. Гьелда цадахъго учузлъулел руго гьелъул сверухълъиялда ругел бихьиналги .. Гӏадамазда цее сурукълъиялъул, Аллагьасда цее гӏодоегӏанлъиялъул гуребги, жиндир сахлъиялъе кколеб заралалъул пикруго гьабулеб гьечӏо гьелъ.
Шаргӏалъул нух ккурав бихьинчияс гьеб биччаларо, чӏужугӏаданалъги гьабиларо. Нилъер гӏадаталда, исламалда данде кколареб гӏамал гьаби бегьулеб жого гуро. Бетӏергьанас бижаралда гӏей гьабичӏолъи гьеб илбисалда цадахъги рилълъин, гьелъие бокьухъе рукӏин гурищ? Сахлъиялъе, чиясул гӏумру гьабиялъе захӏматаб сакъатлъи бугони гурони сипат, лугбал хисизаризе бегьуларо. Жеги росасе инчӏел ясазцин гьабулеб буго куц хисизе. Гьезул эбел кин ургъулей, эмен кинав?»
Мухӏамад — хирург: «Дармилаб къагӏидаялъ ботокс, ксеомин, диспорт абулел препаратал хӏисабалда рукӏкӏалаби ритӏизариялъе хӏалтӏизарулел жалазул хӏинкъи буго беразул, гӏадалнахул сахлъиялъе. Гьелдалъун тӏуранго бецлъиялъул ва инсульт ккеялъул хӏужаби рукӏин чӏезабулеб буго чанго улкаялъул сахлъи цӏуниялъул гӏалимзабаз. Гьумер, лугбал хисизариялъул иш гьабулеб буго хасаб лъай ва хӏалбихьи гьечӏел гӏадамаз, хас гьабун хӏадуричӏел щакал бакӏазда. Гьедин гьурмада гьабураб процедураялъ инсанасул сахлъиялъе сах гьабизе кӏолареб зарал, хӏатта хвеялъул хӏужабигицин кколел руго. Гӏадалнахуда ва инсанасул гьурмада гьоркьоб бухьен хвезабулеб буго. Гьелдалъун чиясул рохел — пашманлъи гьурмада загьирлъулеб гьечӏо. Гьединго сипат гьетӏун, хисун, цебеккун букӏинчӏеб сурукълъи лъугьунеб буго, хӏатта кваназе захӏмалъулеб буго.
Нилъер руччабазда дица абилаан: гӏемерал харжалги гьарун нужерго сахлъиялъе заралалъе хӏалтӏугеян».
Каримат — кийниги хӏалтӏуларей ригь арай гӏадан: «Лъицаниги кьоларо дие 63 сон, бицаниги божуларо. Квен гьабулелъул рахьдал, бахчаялъул, пихъил нигӏматазул хутӏа-сутӏараб жо гьурмада, кверазда бахунеб букӏана дица кидаго. Мунагьал чураяй дир якьад йикӏана кутакалда берцинай гӏадан. Гьелъха дун рекӏеда ятизаюрай. Гӏумру шагьаралда аниги, жеги цониги салон абулеб жо дида бихьичӏо, пудра-кремалги дир рукӏинчӏо».
Ахиралдаги. Бащдаб гьумер цӏурал кӏутӏби гӏемерал рихьулел руго нилъеда интернеталда гуребги. Гьел руччаби-ясазул гӏумруго гӏазабалде сверула.. Гьеб мехалъги гӏайибияллъун тохтурзаби гьарула, жидерго гӏакълу гьечӏолъиялъе мукӏурлъуларо. Бетӏергьанас кьураб сипат берцинго цӏунани, сахлъиялъеги хӏинкъи букӏинаро, мунагьазукьеги ккеларо.
Гьуинаб хабарги бицун, квешлъиялде чи цӏаялъул кӏудияб мунагь буго, хъачӏго бугониги, ритӏухъаб, хӏарамалдаса цӏуниялъе рагӏи бицунесе даражаги буго. Тавбу гьабун квешалдаса руссине гӏакълу кьеги Аллагьас.