Дагъистаналъул тӏолабго халкъалъул, хасго мугӏрузда ругел гӏадамазул киданиги букӏинчӏо бигьаяб гӏумру. Амма дица абила цогидазда бихьичӏебги бихьанин цӏунтӏадерил халкъалда. Гьединлъидал, 1930 соналда Цӏунтӏа район гӏуцӏи нижер умумуз къабул гьабуна гъираялда ва кӏудияб хьулгун. Амма гьеб рохелги халат бахъинчӏо.
1944 соналда, пачалихъалъул тӏалъиялъул хӏукмуялда рекъон, чачаналги ингушалги хӏал гьабун гочинаруна Гьоркьохъеб Азиялде. Гьезул ракьалде, лъилго разилъиги цӏехечӏого, хӏал гьабун гочинаруразде гъорлъе ккана гӏемерал дагъистаниялги. Хасго нижер халкъалда аскӏоб пачалихъалъ бихьизабуна кинабгӏаги хӏажалъи гьечӏеб вахӏшилъи — тӏагӏинабуна гӏуцӏун гӏемер заманго бачӏеб район, цо чи течӏого гочинабуна тӏолабго халкъ, щущазаруна росаби, чӏобоголъараб ракьги ккана гуржиязул кверщаликье. Ругьун гуреб, лъазего лъалареб бакӏалде гочинариялда, росаби риххизариялда цадахъго чӏунтана магӏарухъ букӏараб магӏишат, тӏубанго хисана рукӏа-рахъин, гӏумруялъул гӏуцӏи, пасат гьабуна тӏабигӏат. Чачаналдаги ккана гӏемераб ками, цӏакъго захӏмалъана цӏияб бакӏалда магӏишат гӏуцӏизе. Цинги, цӏидасан ЧИАССРги гӏуцӏун, гьенире тӏадруссине чачаназе ва ингушазе ихтияр кьун хадуб 1957 соналда нижер халкъ гьенисаги гочине ккана. Нахъеги байбихьана добго гӏакъуба, чӏобоголъараб ракьалда цӏидасан гӏуцӏизе ккана магӏишат. Дагь-дагьккун рухӏ лъуна гӏаммал магӏишатазда, къокъабго заманалда жаниб гӏи-цӏцӏаназул бетӏер 50 азаргоялдаса тӏадеги цӏикӏкӏана, 15 азаргоялде гӏагарлъана чӏегӏербоцӏул къадар.
Хадусел, пачалихъалда кӏудиял хиса-басиял ккарал соназда, кибго гӏадин, нижехъги кутакаб захӏмат бихьун гӏуцӏарал гӏаммал магӏишатазул буголъи гьородахъ биччана.
Цӏунтӏа буго тӏабигӏиял шартӏазул рахъалъ бечедаб, амма гьебго заманалда пачалихъиял идарабаз кӏвар кьечӏого тараб район. Федералияб кумекалъулги цӏакъго мукъсанаб бутӏа гурони нижер рахъалде щоларо. Гьединлъидал гьадингоги захӏматал шартӏазда ругел, гӏемераб гӏакъуба бихьарал нижедехун гьединаб бербалагьи букӏин дида битӏараблъунги бихьуларо. Дагьалниги шартӏал чӏезаруни, цебетӏелаан район, лъикӏлъилаан гӏадамазул рукӏа-рахъин. Рачинин цо-цо мисалалги.
— Район буго цогидаб пачалихъалъул гӏорхъода, амма гьечӏо гьеб хӏужа бихьизабулеб статус. Гьединаб статусалда рекъон районалъе рукӏине ккола хасал бигьалъаби.
— Гьанир руго гӏорхъаби цӏунулезул заставаби. Амма гьел рукӏиналъ районалъе кьолеб жо гӏемер гьечӏо — гьенир цӏакъго дагь гурони гьечӏо нижер гӏолохъаби, киналго нигӏматал (цӏуладе гӏунтӏунги) гьенире рачӏуна цогидал регионаздаса.
— Цӏунтӏа мухъалда къанагӏат гурони ратиларо гӏи-боцӏиги хьихьуларел, ах-хурги гьечӏел хъизамал. Амма цӏакъго захӏматаб масъалалъун лъугьун буго гӏезарурал нигӏматал ричиялъул суал. Бегьилаан гьел къабул гьарулел ва къачӏалел бакӏал рагьизе. Гьеб мехалда гӏадамазе хӏалтӏигӏаги букӏинаан, кинабгӏаги хӏажалъиги букӏинароан Липецкиялдаса сокалги, Таганрогалдаса ханалги, Волгоградалдаса картошкаги цӏунтӏадерил мугӏрузде баччизе.