«Трезвая Россия» абураб федералияб проекталда рекъон, Унсоколо районалда тӏобитӏана гӏаммаб зарядка. Гьелда гӏахьаллъана районалъул администрациялъулги Шамилхъала поселокалъул лъай кьеялъул идарабазулги вакилзаби ва поселокалъул гӏолилал.

Акциялъул гӏахьалчагӏазде саламалъул хитӏаб гьабуна рехсараб проекталъул Дагъистаналда вугев координатор Шамил Гӏалиевас. Гьес баркала кьуна проекталъул рахъ ккуралъухъ.

Акциялъул ахиралда киналго гӏахьалчагӏазе рес щвана «чемпионасул радал квеналъул» хӏалбихьизе.