Талихӏ бокьун батани, шайтӏан къезабизе ккола
Газетаздагун журналазда хӏалтӏулел чагӏи-мухбирзаби гӏемер щвезе ккола батӏи-батӏиял росабалъе, дандчӏвазе ккола гӏадамалгун. Гьединаб буго мухбирзабазул хӏалтӏи. Бокьаниги бокьичӏониги командировкайин абун тӏад хъвараб кагъатгун сапаралъ рахъинчӏого тӏураларо. Гьедин, цо пуланаб росулъе щведал, умумузулго рукӏарал гьалбадерил рокъове ана сордо базе. Рукъалъул хважаин хваралдаса лъикӏаланго заман ун букӏаниги, гьесул васас дун цӏакъ лъикӏ къабул гьавуна, кваназавуна ва хабар-кӏал бицун хадуб вегизе хасаб рукъги бихьизабуна.
Амма гьеб киналдаго цадахъ бихьулеб ва бичӏчӏулеб букӏана гьезул рокъоб парахатаб гуреб ахӏвал-хӏал букӏин. Гьеб сордоялъ ялъуни нахъисеб къоялъ гьоболасул васасул лъадиги эбелги цоцада кӏалъалелго рихьичӏо, кигӏанго хӏал лъазе теларилан дида цересан берцинго хьваданиги. Рукъалъул къварилъи тӏаде вачӏарав гьоболасда цӏакъго лъикӏ бихьулин абухъе, гьеб хӏал халлъичӏого хутӏичӏо дидаги. Амма дагьабищха букӏунеб нусалдаги якьалдалдаги гьоркьоб кьал, дандеккунгутӏи. Гӏадада гурелъулха умумузулго аби бугеб, якьадги нусги – расаги гӏункӏкӏгиян абураб. Гьеб ахӏвал-хӏалалде абизегӏанасеб кӏварго кьун букӏинчӏониги, нахъисеб къоялъ гьебго росдал школалде щведал, гьений учительницалъун хӏалтӏулей йикӏарай гьоболасул васасул лъадуца дун батӏаго вачана.
Учительницаялъул гьари
«Я вац, бегьулеб батани, дир цӏарги бихьизабичӏого хъвай газеталдасан якьадзаби кантӏизе гӏадаб макъала. Битӏахъе цӏадул корониб бугеб гӏадин гьелегьун буго рокъоб ахӏвал-хӏал. Толаро хӏалхьуда якьадалъ. Росасдаса, гьей угъраш сабаблъун, ятӏалъизеги бокьун гьечӏо. Гьабулебщиналда тӏад кӏалъала, малъарула, цо щиб бугониги мекъи гьабуни, битӏахъе бодаго суризаюла, халкъалдаги рагӏизаюла. Васасги эбелалъул рахъккола. Дида гьев вичӏчӏула. Эбелалъул хӏурмат рехулев чи гьев гуро. Амма дун хӏалхьуда толаро. Гьей кантӏиледухъ бегьуларищ газеталдасан чанго рагӏи абизе, динияй гӏаданилан чӏарай чӏужуги йигин, Аллагьас жужахӏалъул тӏинде ккад». Къокъго абуни, гьединаб калам букӏана гьоболасул васасул лъадул.
Якьад кантӏуледухъ газеталдасан калам гьабизе гӏураб гӏакълу ва гӏелму бугев чиги дун гурелъул, киндай гьелъул мурад тӏубалебилан вукӏаго, ракӏалде бачӏана цо кидаялиго цӏалун букӏараб бицен.
Нусалъул гӏамал хисун букӏин бихьидал, якьадалъги дир ясилан гурони гьелда абуларо ва щиб лъикӏлъи гьелъие гьабилебали лъаларого гьейги йикӏуна ккара-ккаралъуб нус еццулей. Палхӏасил, бащдаб лъагӏелгӏанасеб заманалда жаниб, битӏахъе эбелалдаги ясалдаги гьоркьоб букӏунеб гӏадаб рокьи гьезулъги щулалъула.
Загьру — рекӏел тӏинда
«Цебе заманалда Китаялда йикӏун йиго пуланай яс. Росасе индал гьелде тӏаде ккун буго росасул эбелалъеги хъулухъ гьабизе. Амма якьадалъ щибаб къойил тӏадкъалеб гьир чӏалгӏарай ва бакӏлъарай, гьелъул малълъари рихарай гӏолилалда ракӏалде ккун буго, якьад гъоб дунялалде йитӏизе. Гьеб мурадгун щун йиго инсул гьудуласухъе – хурдуздасан загьру бахъулев местӏерасухъе. Гьесда бицун буго жиндирго мурад ва гьарун буго, абураб гӏарацги кьелин, инсул рухӏалъе гӏологӏаги кумек гьабейилан.
Валлагь, гьабилин, щайин гьабуларебинги абун, местӏер цин лъикӏго ургъун вуго ва гьадин абун буго: «Гӏенеккея, дир яс. Дица хӏадур гьабураб загьруги кьун гьей хвани, гӏадамал щаклъизе бегьула гьеб дур хӏалтӏи букӏине бегьулеблъиялда. Гьединлъидал, дица хӏадур гьабила цо чӏахӏ-хер, дагь-дагьккун гьелъул чорхолъ унти ккезабулеб ва лъагӏалидаса холеб. Гьеб мехалда дуде щивго щаклъизе гьечӏо. Дица кьураб гьаб загьру, къатӏра-къатӏраккун дуца гьелъул кванилъе бай.
Амма гьебго заманалда жаниб дуца гьелъ малъа-малъарабги гьабе, гьейгун берцингоги кӏалъай, битӏахъе дурго эбелалъул гӏадин хӏурматгун хъатирги цӏуне».
Гӏолилай гьеб шартӏалда разилъула ва местӏерас кьураб загьруги босун рокъое щола. Гьес малъухъе хьвадула ва зама-заманалдасан гьелъул кванилъе «харил мугьалги» ккезарулаго, цӏакъ адабалда йикӏуна.
Цо къоялъ гӏолилай ячӏуна местӏерасухъе ва Аллагьасул цӏар бахъун гьарула якьад хвасар гьайизе дару гьабейин, жинца кьураб загьруялъул хӏасилалда гьей хвезе бокьун гьечӏин, гьелдаса лъикӏай якьадги дунялалдаго ятиларин кӏалъала.
Михъилъеги гьимулаго местӏерас гӏолилалда абула расги ургъел гьабугейин, дица духъе кьураб жо загьру букӏинчӏин, цо гьадингояб, лъиего щибго пайда гьечӏеб чӏахӏ-хер букӏанин. Загьруйин абуни букӏанин дур рекӏелъ ва дуцаго мунго хвасарги гьаюнин».
Ругьел битӏана, хӏасил ккана
Гьаб биценги хъван, ккараб ккун букӏиниланги абун, дица ка-
гъат битӏун букӏана гьоболасул васасул лъадул цӏаралда. Гьелдаса нахъе гьоркьоб лъикӏаланго заманги ун букӏана, дида гьеб лъугьа-бахъинги кӏочон букӏинарищха. Гьанже вахъун гьаб макъала хъваялъейин абуни ккана гьадинаб гӏилла: гьал къоязда дир цӏаралда редакциялде бачӏана лъой гӏаданалъул жаваб. Гьелда хъвалеб буго: «Хӏурматияв, Мухӏамадхӏабиб, дуца дихъе битӏун бачӏараб доб бицен цӏалидал, битӏахъе ццим бахъун лъугьун йикӏана гьабищин батараб дие кьезе жавабиланги абун. Амма тӏатӏаюссун чанго нухалда цӏалана ва щаяли лъаларо, дир ботӏролъ пикраби ххенезе лъугьана. Хӏакъикъаталдаги дун гӏайибияйцин йигодайилан ккана ракӏалде. Пуланаб къоялъ, якьадалъ цо щибалиго малъидал, валлагь гьабилаха, дир хирияй эбелиланги абун, дица гьелда баана. Гьей цин палгъан хутӏана, гьалъие ккараб щибилан йикӏун ятиларищха, хадуб, рекӏеде ячӏараб гӏадинги лъугьун, дир кверазда къочаризе лъугьана. Ниж цоцадаги хурхун лъикӏ мехалда гӏодана ва жинцаго малъараб гьабизе дунги течӏого, дица гьабила, дир ясиланги абун, дида тӏадкъараб гьабизе жийго лъугьана. Гьелдаса нахъе дир эбелилан дицаги, дир ясилан гьелъги гурони нижеца цоцазда абуларо. Хӏакъикъаталдаги, диралдаса лъикӏай якьадги дунялалдаго ятиларо. Унгоха, дир рекӏее лъугьараб бигьалъи, унгоха, нижер рокъоб бугеб парахалъи. Мадулгьаллъи-къоноцин урхъун ралагьула нижер гьоркьоблъиялъухъ ва нижедаса талихӏаб хъизан цоги бати щакаб буго. Кӏочон тезе бахъана. Дун ригьнаде аралдаса лъабго лъагӏел бан букӏаниги, Бетӏергьанас лъимер кьун букӏинчӏо. Кватӏичӏогойин абуни, дир ясалъ тӏубала моцӏ. Нижеда ракӏалда буго, Аллагьас хъван батани, мавлид гьабизе. Бокьилаан, цадахъ хъизан-лъималгун гьоболлъухъе вачӏине. Нилъ гьалбаллъидалха. Цоги, дуца дихъе битӏун бачӏараб кагъат дица ясбер гӏадин нахъе цӏунун буго. ИншаАллагь, яс ригьнаде кьолеб къо бихьани, бищун къиматаб сайгъат хӏисабалда гьелъухъе кьела».