Пашманаб хабар

Мухӏамад Яхӏияев Гьал къоязда къадаралде щвана Хьаргаби районалъул Хӏоцоб росулъа жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи Мухӏамад Яхӏияев.

Гьавуна Мухӏамад 1928 соналъул 18 октябралда. 1937-1941 соназда цӏалана росдал байбихьул школалда. Гьелдаса хадуб бокьун букӏана Хунзахъ районалъул Гӏарани росдал гьоркьохъеб школалде цӏализе ине. Амма байбихьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ. Рагъде ана эмен. Ва анцӏила цо сон барав Мухӏамадиде тӏаде ккана рукъалъул ва хъизамалъул тӏалаб-агъаз гьаби. Рагъда хадусел соназда Могьохъ росулъ рагьана анкьгосонилаб школа. 1946-1949 соназда Мухӏамад цӏалана гьенив. 1949 соналда цӏализе лъугьана Хьаргаби росдал гьоркьохъеб школалде, 1950 соналда, цӏидасанги, хъизамалъе кумек гьабизе гӏоло, рехун тезе ккана цӏали. Хӏалтӏизе лъугьана колхозалъул бригадирлъун.

1950 соналда цӏализе лъугьана Буйнакск шагьаралъул боцӏухъабазул школалде. Гьебги лъугӏизабун, хӏалтӏизе лъугьана Хьаргаби районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул зоотехниклъун. Заочно цӏалун, лъугӏизабуна Армавиралъул зооветтехникум.

1947 соналдаса — ВЛКСМалъул член, 1955 соналъул августалдаса — КПССалъул член. 1954 соналда Мухӏамад вищана районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул комсомолазул гӏуцӏиялъул секретарьлъун. 1956 соналда — Хьаргаби комсомолалъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун. 1959 соналъул октябралда гьев вищана КПССалъул Хьаргаби райкомалъул кӏиабилев секретарьлъун. 11960 соналда цолъизаруна Унсоколо ва Хьаргаби районал. Гьебго соналъ ана цӏализе Ростовалъул тӏадегӏанаб партиялъул школалде. Гьениб Мухӏамадица гӏахьаллъи гьабулаан жамгӏияб гӏумруялда. Гьев кколаан рищиязул комиссиялъул ва партбюроялъул курсазул членлъун, Ростовалъул фабрикаялда гӏуцӏараб теоретикияб семинаралъул нухмалъулевлъун.

1964-1965 соназда хӏалтӏана КПССалъул Дагъобкомалъул инструкторлъун. 1965 соналъул январалдаса 1971 соналъул апрелалде щвезегӏан хӏалтӏана КПССалъул Хьаргаби райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун. 1971 соналъул апрелалда тасдикъ гьавуна КПССалъул обкомалъул партиялъул комиссиялъул председательлъун. Мухӏамад вукӏана гьеб ишалъул жинде божилъи гьабурав тӏоцевесев дагъистанияв (гьеб хъулухъалда рукӏунаан гӏурус миллаталъул вакилзаби).

1975 соналъул декабралда гьев тасдикъ гьавуна КПССалъул обкомалъул гӏуцӏиялъулабгун партиялъул хӏалтӏул отделалъул нухмалъулевлъун. Гьенив Мухӏамад хӏалтӏана 1984 соналъул январалде щвезегӏан.

1984 соналъул январалдаса 1991 соналъул марталде щвезегӏан хӏалтӏана республикаялъул халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председательлъун. Гьев кколаан экономикиял гӏелмабазул кандидат. Вищун вукӏана Дагъистан АССРалъул анцӏабилеб, анцӏила цоабилеб, анцӏила кӏиабилеб ахӏиязул Верховный Советалъул депутатлъун.

1994 соналъул ноябралда тӏамуна республикаялъул рищиязул комитеталъул председательлъун.

Мухӏамадие щвана ункъо орден: Захӏматалъул Багӏараб Байрахъалъул — кӏиго, Халкъазул гьудуллъиялъул орден, «Хӏурматалъул гӏаламат», «Кӏудияб Ватӏанияб рагъда бихьизабураб мисалияб хӏалтӏухъ» медаль, гӏемерал грамотаби ва шапакъатал.

Мухӏамадица къватӏибе биччана анцӏила кӏиго тӏехь, гьединго республикаялъул газетал-журналазда бахъана экономикиялъул ва политикаялъул хӏакъалъулъ бицунеб кӏикъого макъала, республикаялъул ва централиял газетазда, журналазда бахъана рухӏияб темаялда 200-ялдаса цӏикӏкӏун макъала.

Мухӏамад хвеялда бан, гьесул гӏага-божаразда зигараги балаго, нижеца Бетӏергьанасда гьарула гьев лъикӏав инсан Алжаналъул агьлулъун гьавун ватагийилан.

Редакция

Росдаего ками

87 сонил ригьалда нилъедаса ватӏалъана Казбек районалъул Гуниялдаса Султанбег Байбулатов. Гьесда гӏадамаз, адаб гьабун, Эмеян абулаан. Гьев вукӏана росулъ, районалда къадру-къимат бугев жамгӏияв хӏаракатчи. Росдал гьоркьохъеб школалда пионервожатыясул хӏалтӏудасан байбихьун, гьес нахъа тана бечедаб гӏумру. Хӏалтӏана гӏагараб «Цӏияб гӏумру» колхозалъул магӏишат цебетӏезабиялда батӏи-батӏиял хъулухъазда. Мустахӏикъаб хӏалхьиялде аниги, гьев кидаго ватӏатӏун чӏолароан росдал магӏишатияб ва жамгӏияб гӏумруялдаса. Пенсиялда вугониги, гьес нухмалъи гьабулаан Львовский 6 номералда гӏи-боцӏуе рагӏи-хер хӏадур гьабулеб колхозалъул бригадаялъеги.

Росулъ цоцазе кумек гьаби мурадалда ралел гваязулъа, нух, кьо балеб, лъим бачунеб, яс абулеб, лъимер гьабураб, хвел ккараб хъизамалдаги кидаго вукӏунаан гьев. Районалъул росабалъ гьарулел рекъел-маслигӏаталъул тадбираздаги гьес жигараб гӏахьаллъи гьабулаан.

Гӏемерал соназ гьес нухмалъи гьабуна росдал Советалъеги вукӏана росдал партиялъулаб гӏуцӏиялъул секретарьлъунги. Гӏадамазе кумек гьабизеги бокьулев, гьездасан кумек щвезеги бокьулев ва гьелде киналго ахӏулев инсан вукӏана Эме.

Аллагьас иманалда тӏовитӏун ватаги гьев лъикӏав инсан.

Росдал жамагӏат

акъсир ва тамихӏ

Ришват босулаго ккуна

Полициялъул хӏалтӏухъанасда тӏад

уголовнияб дело гьабуна

2017 соналъул 28 декабралда Махӏачхъалаялъул ГИБДДялъул хӏалтӏухъабаз хъвана административияб низам хвезабиялъул хӏакъалъулъ протокол. Гьелда абулеб букӏана, 2016 соналъул 14 июлалда машина бачине ихтияралдаса махӏрум гьавурав пуланав чияс машина бачунеб батанин абун. Протоколги, рапортги, машинаялъул хъвай-хъвагӏай гьабиялъул хӏакъалъулъ документалги ГИБДДялъул хӏалтӏухъабаз кьун руго полициялъул отделалъул дежурныясухъе. Административияб тамихӏ хисизабиялъул мурадалда, машинаялъул бетӏергьанасухъа 20 азарго гъуруш тӏалаб гьабун буго полициялъул хӏалтӏухъанас. Кодоб гӏарацгун, декабралъул ахиралда гьев ккун вуго ДРялъул МВДялъул жидерго хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялъул оперативиябгун розыскалъулаб отделалъул хӏалтӏухъабаз ва гьесул рахъалъ, хъулухъалдаса пайда босиялда бан, рагьун буго РФялъул УКялъул 159-абилеб статьяялъул лъабабилеб бутӏаялде рекъонкколеб (хъулухъалдаса пайдаги босун, гӏадамал махсараде кквей) уголовнияб дело. Гьеб хӏужаялъул цӏех-рех гьабулеб буго.

ДРялъул МВДялъул пресс-хъулухъ

Гӏайибияв щив?

Республикаялъул ортопедиялъулгун травматологиялъул централда халгьабулеб буго унтарасе кумек кин гьабун бугебали

2017 соналъул февралалда рехсараб медицинаялъул идараялде вачӏун вуго М. Хӏасанов. Гьес бицун буго цебесеб къоялъ жив къотӏнов гӏодов кканин ва квегӏаб махӏу унтулеб бугин. Гьесул махӏу бекун гьечӏеблъиги чӏезабун, 10 къоялъул болжалги цӏан, тохтурас лъун буго гипс (лангета) ва абун буго лъабго къоялдасан бакӏалъул поликлиникаялъул тохтурасухъе айилан. Амма унтарав тохтурасул малъиги тӏубазабун, поликлиникаялдеги ун гьечӏо.

15 къоялдасан гьев цӏидасанги вачӏун вуго РОТЦялде. Гьесул байбихьун батун буго гангрена. Гьесда лъун букӏараб лангетаги нахъе бахъун, ругъунги бацӏцӏад гьабун, гьев витӏун вуго РКБялде. Гьениб чӏезабун буго квегӏаб махӏу къотӏизе кколеблъи.

Унтарас судалде гӏарза хъван буго. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб РОТЦялъул нухмалъулев хисана. Цӏияв нухмалъулес 22 январалда судалде хитӏаб гьабуна, бицен гьабулеб лъугьа-бахъиналда бан, судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъул хӏасил жидехъе битӏеян абун.

Гӏиси-бикъинаб

жо сабаблъун

Рагъана ва больницаялде ккана

иясул ва Къоркъмасовасул къватӏал цолъулеб бакӏалда чанго гӏолохъанчиясда гьоркьоб ккараб рагъул хӏасилалда лъабгояв республикаялъул травматологияб централде ккана. Рехсараб централъул тохтур-травматолог Гӏалиев Ахӏмадица бицана гьел гӏолохъабазул гӏумруялъе щибго хӏинкъи гьечӏин.

«Рагъизе ккеялъе букӏараб гӏилла гьез бицинчӏо. Амма цогидаздасан лъана гьел щибго гуреб гӏиси-бикъинаб жо сабаблъун рагъизе ккун рукӏин», — ан абуна А. Гӏалиевас.

Нури Нуриев