Кӏвар бугеб суал
Данделъи нухда бачана «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камаловас. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул печаталъулги информациялъулги министрасул заместитель Мухӏамадбег Ахӏмадовги, Болъихъ РУОялъул нухмалъулев Хӏажигӏиса Измагӏиловги, Цӏунтӏа РУОялъул нухмалъулев Мухӏамад Къурбановги, Чӏарада РУОялъул нухмалъулев Шамил Мустӏапаевги, Унсоколо районалъул рахьдал мацӏалъул учительзабазул цолъиялъул нухмалъулев Сулейман Мухӏамадовги, ЦОДОУ ЗОЖалъул (ТУО) нухмалъулев Шапи Жахӏбаровги.
Гӏали Камаловас бицана рахьдал мацӏги миллаталъул маданиятги цӏуниялъул мурадалда редакциялъ гьабулеб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ. «Дагъистаналда вуго магӏарул мацӏги бицунев, гьебги лъалев анлънусазаргогӏанасев чи. Нилъер халкъ ккола бищун кӏудияб миллат. Лезгиязул буго ункъо район. Щибаб районалъул бетӏерас кӏудияб кӏваркьолеб буго миллияб газета хъвазе. Гьезул газеталъул тиражги буго 10000. Гьелъие квербакъана Сулейман-Стальск районалъул бетӏерасул хӏаракаталъ. Гьес ДГУялъул филологияб факультеталда цӏалулел студентазе кьолеб буго стипендияги, рахьдал мацӏалъул учительзабазе харжалде тӏаде гӏарацги.
Гьабсагӏаталда миллияб хаслъиги, маданиятги, мацӏги цӏуниялъул магӏна бичӏчӏулев чилъун рикӏкӏуна учитель. Нилъер магӏарул районазул школазда хӏалтӏулев вуго гӏага-шагарго 9000 учитель. Гьезул щивас жинцагоги цоги чиясда хъвазеги гьабуни, магӏарул газеталъул тираж бахинаан 18 азаргоялде. Жакъайин абуни тираж буго щуазарго. Кинха нилъ хӏалтӏилел? Бугищ гьеб захӏматаб суал? Щай нилъер халкъалъе гьечӏеб кинабгӏаги ургъел жиндирго мацӏалъулги миллияб газеталъулги? Мацӏ тӏагӏунеб бугин, мацӏ гьечӏони, миллатги букӏунарин, миллияб хаслъи цӏунизе кколин бицун свакан руго ниж. Нижее кумекалъе лъайкьеялъул идараби рахъинчӏони, гьеб ахӏи гӏададисеблъун хутӏулеб буго», — ян абуна гьес ва рехсана щибаб магӏарул районалда газета хъваялъул хӏужаби.
Редакторас бицана Дагъистаналъул парламенталъулги РФялъул Пачалихъияб Думаялъулги данделъабазда кватӏичӏого цебелъезе бугин миллиял мацӏал цӏуниялъул масъала.
«Гӏицӏго газеталъул тираж цӏикӏкӏинабиялда бараб иш гуро рахьдал мацӏ цӏуни. Нижер буго Бабаюрт районалда Шава абураб хъутан. Гьениве щвараб мехалда, гӏагарав чияс абуна, жеги ункъо лъагӏел бачӏеб лъимер гӏурус мацӏалда гаргадулеб бугилан. Кин гьес гьеб лъазабураб, я рокъоб я къватӏиб рагӏулебги гьечӏони? Лъазабуна телевизоралдасан. Щвана дун магӏарухъе – гьенибги бицунеб буго гӏурус мацӏ. Рахьдал мацӏ лъазабизеян риидал росулъе ритӏарал лъималазги дора ругел умумузда малъун батула гӏурус мацӏ. Гьанжесеб кӏудияб гӏел цебеса арабго, миллияб мацӏ тӏубанго тӏагӏиналъул хӏинкъи буго.
Ниж ун рукӏана Татарстаналде. Гьезул школазда киназдаго малъулеб буго татар мацӏ – гӏурусав ватаниги, доба гӏумру гьабулев магӏарулав ватаниги, батӏалъи гьечӏого. Гьелде дандечӏарав чиги къанагӏат гурони вукӏунаро. Гьединаб бичӏчӏи хӏажат буго нилъер халкъалъеги.
Газет-журналал хъваялъ иш хвасар гьабуларин абун, кинабго бичча-бихъан тунги данде кколаро. Хӏадуризе ккела мацӏ цӏуниялъул программа, цониги документ. Гьелъул кьучӏалда гӏуцӏизе ккела хӏалтӏиги», — ян абуна Шапи Жахӏбаровас.
«Татарстаналда гӏумру гьабулев вуго пуланав даргияв. Гьев ккола Лаваша районалдаса. Гьесда лъала дарги ва магӏарул мацӏал. Гьесул кӏиябго лъимералда лъикӏ лъала татар мацӏги. Гьеб мацӏалда кучӏдул цӏалиялъул къецалдаги гьезие щун руго тӏоцересел бакӏал. Нилъер гьаниб гӏаксалда кколеб буго иш.
Цогидал миллатазул вакилзаби-гӏалимзабаз абула, магӏарулаз байбихьичӏони, мацӏ цӏунизеги, газетазул иш рукӏалиде ккезабизеги, миллиял суалазул масъала цебелъезеги цониги чи вахъунарин. Гьединлъидал цогидал редакциязул хӏалбихьиялъухъ балагьиялъул жо кколаро. Республикаялъул нухмалъулездаги, халкъиял депутатазулги гьеб масъалаялде кӏварбуссинабизеги хӏалбихьана нижеца, амма гьелъулги хӏасил ккечӏо. Халкъалъул хъвай-хъвагӏаяздасан бихьулеб буго, соналдаса соналде дагьлъулеб букӏин рахьдал мацӏалда кӏалъалел гӏадамазул къадар. Гьебги жакъа нилъер хъизамазда бугеб хӏалги хӏисабалде босун, ракӏалде ккана, вижухъе чи – лъугьухъе чӏагӏаян абухъего, гьаб иш тезе бегьиларин.
Республикаялъул лъайкьеялъул министрлъун вукӏарав Бадави Хӏажиев халкъалъул рекӏелъ цӏунун хутӏана миллаталъулги, маданияталъулги, рахьдал мацӏазулги цӏикӏкӏараб тӏалаб гьабурав министр хӏисабалда. Шагьгӏабас Шагьовасги рагӏи кьун букӏана мацӏазул тӏалаб гьабизе. Я нилъер хӏукуматалда, я республикаялъул администрациялда жакъа гьечӏо нилъеца бицунеб масъала бичӏчӏизе хӏалгӏолев яги гьеб рекӏелъан биччалев чи. Хӏадурун рукӏана мацӏал цӏуниялда бан хасал программабиги мацӏалъул хӏакъалъулъ законги.
Миллиял ишазул министерствоялда хӏалтӏулеб заманалда дун ун вукӏана Ригаялде. Гьезул тахшагьаралда букӏана гӏажаибаб рохалил байрам – найил тӏалаялъуб гӏадинаб хӏал букӏана тахшагьаралъул къватӏазда. Гьез чӏухӏун абулеб букӏана, жидер хӏукуматалъ къабул гьабунин мацӏазул хӏакъалъулъ закон. Киса-кирего чӏван рукӏана гьелъул хӏакъалъулъ бицунел игӏланалги, киосказда ричулел рукӏана брошюрабиги. Гьел рукӏана араб гӏасруялъул 80-абилел сонал. Жакъа буго 2018 сон, амма нилъер республикаялда жеги гьечӏо мацӏазул хӏакъалъулъ закон. Доб Ригаялда букӏараб гӏадаб бичӏчӏиги гьечӏо нилъер халкъазул. Хӏукуматалъ тасдикъ гьарурал программабиги тӏуразарулел гьечӏо. Миллиял мацӏазул цебетӏеялъул мурадалда бюджеталдаса гӏарац кьоларо. Жакъасел цӏалдохъабазул умумузги абулеб буго, жидер лъималазе рахьдал мацӏалъул дарсил бакӏалда химияги цогидабги дарс кьеян. Гьел умумул ккола 1990-абилел соназул гӏел: улкаги биххулеб рухӏияб тарбиялда малги бараб заманалъул лъимал», — ан абуна Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб бутӏаялъул председатель Зикрула Илясовас.
«Унсоколо районалъул школазда магӏарул мацӏ хӏажат бугищан абураб масъалаго цебелъечӏо киданиги. Дарсалги кьола, умумузги гьелде кӏварбуссинабула, умумузул тарихги маданиятги гьеб мацӏалда бижараблъиги жакъа цебетӏолеблъиги бичӏчӏуларев чиги ватиларо. Газеталги хъвалел руго аслияб къагӏидаялда учительзабаз. Нижер школалъул директор Муса Гӏисалаевас данделъиялда цӏалана «Хӏакъикъаталъул» редакциялдаса бачӏараб кагъатги ва абуна газета хъвазе ккелин. Гъоркьисаялде дандеккун, кӏицӏул цӏикӏкӏун буго исана подпискаги», — ян абуна Сулейман Мухӏамадовас.
«Районалъул нухмалъулевлъун таравго, Мухӏамад Патхӏулаевас дида тӏадкъана, магӏарул мацӏалде кӏваркьеян. Гьелдаса нахъе халкколебги буго дарсал кьеялъулги миллияб маданият лъималазда малъиялъулги. Дун нечарав вуго Болъихъ районалда лъабнусго гурони чияс магӏарул газета хъван гьечӏеблъиялдаса. Программаби ургъулел рукӏинчӏого, гьабсагӏат нилъеца байбихьила газета хъваялдаса. Кье нижее гьелъие кӏиго анкь. Дие бокьун буго нуж районалде рачӏине, кин кьолеб бугеб магӏарул мацӏалъул дарс, кинаб хӏал бугеб школаздаян балагьизе», — ян абуна Гӏисахӏажи Измагӏиловас.
«Цӏунтӏа районалда бицунеб буго щуго батӏияб мацӏ. Щибаб росдал рахьдал мацӏалде тӏаде школалда малъула магӏарулги, гӏурусги, къватӏисел улкабазулги мацӏал. Гьединлъидалги захӏмат буго жакъа цӏалдохъабазе. Масала, Болъихъ районалъул гӏадамал цоцалъ кӏалъала магӏарул мацӏалда. Цӏунтӏадерида магӏарул мацӏ рагӏула гӏицӏго школалда, дарсида. Дун гӏемер къацандизе кколев вуго школазул директоралгун. Гӏемерисезе бокьун буго кӏиабилеб цӏалул планалда рекъон хӏалтӏизе – гьединаб ункъо школа буго гьабсагӏаталда. Гьединаб хӏукму гьабуна гьез школалъул коллективалъул данделъиялда. Бачӏун букӏана Республикаялъул хӏукуматалъул кагъатги, тӏоцебесеб цӏалул планалда рекъон хӏалтӏизе кколин абураб. Дица абула, магӏарул мацӏ буго гӏелмуялъул мацӏ, нилъер динги буго гьебго мацӏалда. Амма цӏалдохъабазул умумул руго гьелде дандечӏарал. Цӏакъ захӏмалъун буго гьеб иш районалда. Асахъ мухъалъул цӏунтӏал лъикӏ кӏалъала магӏарул мацӏалда, олимпиадабаздаги гьез ккола цересел бакӏал. Райцентралде гӏагарлъухъ ругезе гьеб захӏмалъулеб буго», — ян бицана Мухӏамад Къурбановас.
«Дир эбелалъул насихӏат тӏубайлъун рикӏкӏуна дица магӏарул мацӏ цӏуниялъул мурадалда гьабулеб иш. Гьей гӏемерал соназ хӏалтӏана рахьдал мацӏалъул учительлъун. Фейсбукалдаги, Твиттералдаги, Инстаграмалдаги нижеде, ай районазул лъайкьеялъул нухмалъиялде балеб буго рогьразул гъегъ: абулеб буго, ниж хӏинкъулел ругин республикаялъул нухмалъулезукьа ва школалда магӏарул мацӏ малъунгутӏизе хӏаракат гьабулел ругин. Гьеб буго гьереси! Дида ракӏалде ккола, Чӏарада гуребги, щибаб районалъул лъайкьеялъул нухмалъулесда тӏадаб бугин рахьдал мацӏ цӏунизе, гьелъие хӏаракатги гьабизе кколин. Мацӏги, маданиятги, гӏадат-гӏамалги цӏуниялъул рахъалъ чӏарадисел кидаго рукӏана церехъабазул кьерда.
Жакъа лъикӏаб хӏал гьечӏо магӏарухъ. Росаби чӏунтулел руго, гӏадамал гочунел руго гӏатӏиракьалде. Шагьаралдаса риидал магӏарухъе рачӏараб заманги гӏолеб гьечӏо лъималазе мацӏ лъазабизеги хасият босизеги. Газета хъваялда гӏей гьабун чӏечӏого, мацӏ бицине ккола рокъобги, къватӏибги, хӏакимлъуде вахараб мехалдаги. Районалъул данделъабиги тӏоритӏизе ккела рахьдал мацӏалда.
Чӏарада районалдаги рукӏана, рахьдал мацӏалъул бакӏалда биология ва цогидаб дарс кьезе бегьуларищан. Гьанже гьединаб суал цебелъолев учитель яги директор вукӏунаро. Дица халгьабила, «Хӏакъикъат» хъварал чӏарадисезда гьоркьов чан учитель вугевали», — ян абуна Шамил Мустӏапаевас.