Махӏачхъалаялъул №40 школалда ккараб пашманаб лъугьа-бахъин ва законалъул тӏалабал
Гьеб школалде хьвадулел микьабилеб классалъул цо-цо васаз цадахъ цӏалулей яс хӏакъир гьайиялъе гӏиллалъун экспертаз рехсолеб буго рокъоб тарбия кьолеб къагӏида дандеккунгутӏи. Масала, пуланаб хъизамалда лъималазда малъула гӏел бащадалгун рекъон рукӏаян. Цогидаб хъизамалда лъимал куцала дурго мурадалъе гӏоло щиб гьабуниги бегьулин абураб пикруялъул кьучӏалда. Ракълидалъун масъала тӏубазе куцараб лъимер парахатго букӏуна ва гьеб хасияталда тӏадги релъанхъизе бегьула гӏолилал. Дарсаздаса хадуб гӏемерисел лъимал, хасго васал уна компьютеразул залалде ва гьенир хӏалел хӏаязулъанги гьезулъ цӏикӏкӏун щулалъула тушманаб къасд, вагъизе гъира. Гьел хӏаязулъ бихьараб вахӏшияв багьадурасул хасият жиделъгоги куцазе хӏаракат бахъула гьез.
Кинаб тамихӏ гьабизе кколеб?
Школалда яги къватӏазда гӏелцоял рагъиялъул хӏужаби чанги ккола. Инсан хӏакъир гьавиги рикӏкӏуна такъсирлъун. Хасго бакӏаб такъсирлъун ккола тӏомол кьер, дин ва цогидаб, ай напсалда хъинтӏулеб хӏужа гьоркьобккун, чи хӏакъир гьави.
16 сон бачӏеб лъимер жавабчилъиялде цӏазе ихтияр кьоларо законалъ. Гьелъие далиллъун рикӏкӏуна, жидеца гьабулеб иш такъсирияблъун кколеблъиги гьелъухъ жаваб кьезе букӏинги лъималазда жеги бичӏчӏунгутӏи. Балугълъиялде рахинчӏел лъималазулгун хӏалтӏулеб хасаб комиссиялде цӏех-рехалъул идарабаз битӏула уголовнияб дело рагьизе инкар гьабулеб бугин хъвараб кагъат. Гьелда цӏар рехсараб лъимер босула полициялъул сияхӏалде ва участокалъулав инспекторас зама-заманалдасан гьесулгун гара-чӏвариги гьабула. Балугълъиялде бахинчӏеб лъимадул эбел-инсухъа бахъула гӏакӏа – букӏине кколеб тарбия лъимадуе кьунгутӏиялъухъ. Квешаб гӏамалалъул лъималгун хӏалтӏизе ккола школалъул психолог, гьел рукӏине ккола классалъул нухмалъулесул хасаб берзукьги. РФялъул Уголовнияб кодексалъул № 20 статьяялъул тӏоцебесеб бутӏаялда рекъон, жинцаго гьабураб такъсиралъухъ чияс жаваб кьезе ккола 16 сон бан хадуб. Амма гьебго статьяялъул кӏиабилеб бутӏаялда рекъон, жавабчилъи тӏалъула 14 сон барав чиясдаги, хасго судалъ чӏезабуни, жиндасаго гьитӏинав чиясул рахъалъ цебеккунго ургъун гьабураб такъсир гьеб букӏин.
14 сон бараб мехалдаго лъимер ккезе бегьула судалде, гьес цогидав чиясул сахлъиялъе зарал гьаби чӏезабун бугони. Сахлъиялъе гьабураб заралалъул даражаялда бараб букӏуна гьабулеб тамихӏги. Гӏисинлъималазул рахъалъ гьабураб такъсирлъун рикӏкӏуна гьеб бухиги, гӏакъуба-зулму гьабиги, сахлъиялъе зарал гьабиги. Гьезда гьоркьоса бищунго тӏадагьаб такъсирлъунги ккола лъимер бухи. Лъимер бухаралъухъ судалъ 40 азарго гъуршиде щвезегӏан гӏакӏа бахъула яги бащдаб лъагӏелалъ хӏалтӏизе тӏамула, ялъуни лъабго моцӏалъ жанив тӏамула.
Пуланав чияс балугълъиялде бахинчӏеб лъимер гьоркьоса къотӏичӏого бухулеб бугони ва гьелдаго цадахъ психологияб тӏадецуй букӏараблъиги загьирлъани, гьесие гьабулеб тамихӏ къвакӏизабула. Лъималазул къокъаялъ цогидаб лъимер бухани, гьеб бухарал лъималазул эбел-инсухъа гӏакӏа бахъула. Гьел лъималги полициялъулаз хасаб сияхӏалде росула.
Щиб гьабилеб лъимадуе
къварилъи ккани?
Чанцӏулго вухун, хӏакъир гьавун нужер вас яги яс рокъоре рачӏунел ругони, гьелъул хӏакъалъулъ чарагьечӏого лъазабизе ккола классалъул нухмалъулесда. Ине ккола школалде ва лъазабила лъимер бухиялъе гӏиллалъун щиб ккарабали. Лъикӏаб букӏина, нужер лъимералдехун квешаб яги рокьукъаб бербалагьи гьабулесулгун гара-чӏвари гьабуни. Накъиталдалъун рекъел-маслихӏаталъе нухал рати буго бищун лъикӏаб иш. Цогидал лъималазе рахӏат толарел цӏалдохъабазулгун хӏалтӏизе тӏадаб буго школалъул психологасдаги полициялъул балугълъиялде рахинчӏезул рахъалъ инспекторасдаги. Къварилъуде ккараб лъимадул эбел-инсул ихтияр буго, гӏарзагун полициялде инчӏого, гьесде хитӏаб гьабизе. Гьел тадбираздаса хадубги лъимадуе гьабулеб къварилъи лъугӏулеб гьечӏони, бегьула гӏарзагун полициялде ине.
Гьедин кьураб гӏарзаялъулги хӏасил кколеб гьечӏони, ай лъимералъе къварилъиги бугони, полициялда такъсирги батулеб гьечӏони, гӏарза кьезе ккола бакӏалъул прокуратураялде. Гьелда хъвазе ккола, полициялъ нужер хитӏабалъул сан гьабулеб гьечӏилан.
Балугълъиялде вахинчӏев чияс тӏоцебесеб нухалда такъсир гьабун батани, судалъ инкар гьабизе бегьула уголовнияб дело рагьиялъе. Амма судалъ чарагьечӏого хӏукму гьабула такъсирчиясул эбел-инсухъа гӏакӏа бахъизе ва къварилъи ккараб лъимадул хъизамалъе зарал бецӏизе. Судалъеги судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъеги харж гьабураб гӏарацги бецӏизабула такъсирчиясул хъизамалда.
Муса Азаев