Гӏумруялъ рачунел талихӏалъул бакъназухъ гьоболлъухъ

Мунагьал чураяй эбелалъ гӏамирко хӏанчӏил хӏакъалъулъ бицунеб букӏараб гӏажаибго берцинаб маргьа ракӏалдещвана дида, республикаялда цохӏого цо бугеб, Махӏачхъалаялъул сакъатал лъималазул «Тӏалаб» интернаталде щведал.

…Киса-кибего боржунеб букӏанила гӏамирко, гьелъ ракьалде хьалеб букӏанила балагьизе бер барахщараб берцинлъи. Гьеб бортаралъур раккулел рукӏанила гьеб хӏанчӏилго гӏадаб берцинлъиялъул тӏугьдулги. Гӏадамазда батӏа бахъизе лъалаанила гӏамиркоялъул кечӏги. Гьелъухъ гӏенеккидал, гьезда къварилъаби кӏочонаанила. Хӏикматаб хӏанчӏица кваркьи хьвагӏидал, дунял дагьабги къалъулаанила…

Гьеб гӏажаибаб хӏанчӏил сипаталда чӏана дида цее интернаталъул директор Ума Качалова. Щибаб лъимералъе бицине берцинал рагӏабиги ратулел рукӏана гьелда, гьелъ къвалакье рачарал гьезул берал кенчӏелел рукӏана, гьезул къвалбаялъе убачаздалъун кьолеб букӏана гьелъ салам.

Чияр лъимал рукӏунаро

Гӏемерал адабаз сверун ккурал, гӏемерал лъималгун гӏумру гьабун ругел лъималазда лъалебцин батиларо жидер щивасул букӏине кколеб букӏараблъи цӏа бакараб гъанситоги, гъанситохъ ахӏулеб бабал хӏасратаб кечӏги, гьеб кочӏохъе гьуинаб макьуялда кьижарал жалгоги, рорчӏилалде аскӏов дадаги ватизе кколеблъиги. Жеги бичӏчӏулеб гьечӏо эбелалъул ургьибго къисматалъ талихӏ бахъарал гьезда Тӏадегӏанасул тӏадкъаялдалъун ракьалда жал цӏунизе ритӏарал хӏурулгӏинзабаз жидедаса инкар гьабураблъиги. Бабайилан цӏар бугеб бакъул чӏоразул хинлъи жидеда киданиги чӏвазе гьечӏеблъи ва гӏумруялъул цӏоб гьечӏеб квачӏикье ккарал лахӏзатаз гьеб бакъухъ жалго гӏашикълъизе рукӏинги.

Гьабсагӏаталда гьеб талихӏалъул квацӏи щибаб къоялъ лъималазе кьолеб буго Умацаги гьелъул хӏалтӏухъабазги. Нижер гьанир чияр лъимал гьечӏоянги абун, гьей цӏидасанги лъималазул гурулъе ана. Гьез нижее ахӏана, рикӏкӏана кучӏдул. Амма цо чӏужугӏаданалъухъ даим урхъун хутӏизе ругел беразул хӏориниб цӏер чӏван букӏана. Гьеб батизе ккола дунялалдаго бищунго йокьулей гӏаданалъул хинлъиялда гурони биинабизе кӏолареб цӏер. Рухӏдаллъизе бачӏана Умада, лъималазде бугеб рокьул цӏураб гьелъул гьурмада гӏажаибго рекъонккараб талихӏаб гьимиялда, гьеб гьимиялде данде кенчӏолел лъималазул беразда, гьеб талихӏалдаги нур рещтӏинабулел интернаталъул киналго хӏалтӏухъабазул сабруялда.

Интернаталъул гӏумру

Гьелъул жанахӏалъур рарал стендаз бицунеб букӏана интернаталъул гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Киса-кирего рукӏана лъималазул суратал ва гьез рахъарал сураталги. Гьениб бугеб рацӏцӏа-ракъалъиялъги лъималазул чӏиргъи-хъуялъги бицунеб букӏана интернаталъул хӏалтӏи кьучӏдасанго хисун букӏин, Москваялде щунгицин ахӏи-хӏур бахъараб доб заманалдаса хадуб. Лъималазухъе тӏадбуссун бачӏун буго талихӏ. Жиндирго куркьбазда гьебги лъун, сакъатал лъималазул свараб гъасда цӏа бакизе, гьезие хинлъи кьезе рещтӏун буго доб хӏикматаб маргьаялдаса гӏамирко хӏинчӏ. Гьелда цӏарги буго Ума.

Ума хӏалтӏизе ячӏаралдаса талихӏ басандана интернаталда. Подвалалъур гӏумру гьабун рукӏарал лъималазда бихьана цӏияб дунял. Щвана гьел гӏумру гьабун ругеб рокъоеги. Гьединго Ума Качаловагун цадахъ рес щвана щибаб рокъое яккизеги. Гьале бусадаса рахъине кӏоларел унтаразул рукъ. Гьаб цояб рахъалда, мадугьалихъ ругоан цӏакъго гьитӏинал, коляскаялдаго ругел лъимал. Гьезул къуватги гӏолеб букӏана щивасе гьимизе. Цӏакъго цӏакъ йокьулей йигоан гьезие Ума адаги. Дагьалъ дорегӏан ругоан цодагьал чӏахӏиял лъимал. Киназего — киналго санагӏатал шартӏал. Лъималаз рихьана жидецаго рахъулел ругел суратал, бихьизабуна кечӏ рикӏкӏине бугеб махщел. Киса-кирего — лъимерлъиялъул гвангъарал лъалкӏал. Умал рокьиялъ, къвалги бан, сверун ккурал гьезие камураб щибго гьечӏин кколеб букӏана. Амма эбелалъул кечӏ… Лъица ва сунца гьеб хисилеб!?

Руго интернаталда цӏигьариялги. Рагьун буго ясли-ах. Гьениб буго къоло щуго лъимер. Эбел-инсуца рада-радал гьенире щвезарула лъимал, цинги бакъанида рокъореги рачунел руго. Ругогури ракьалда гьединал лъималазе гӏоло гӏумруги бичулел, дунялалъул гьайбатлъиялдаса инкарги гьабулел улбулги. Тӏадегӏанас инсанасул хӏалбихьизе кьураб захӏмалъи гьез лъималазде бугеб рокьигун цадахъ баччулеб буго.

Гьединго 2017 соналда интернаталда рагьана школаги. Гьабсагӏаталда гьениб буго ункъо кӏиабилеб классги цо тӏоцебесеб классги. Дарсал кьезе гьенире рачӏунел руго аскӏобго бугеб № 8 школалъул учительзаби.

Гьалдолеб буго интернаталда гӏумру. Гьенир гӏумру гьабулел, талихӏгун дандчӏвазе къеркьолел лъимал гӏахьаллъула республика тун къватӏирехун тӏоритӏулел тадбираздаги. Масала, кӏиго нухалда ана Чачан Республикаялде, «Ращадал ресал» абураб фестивалалда гӏахьаллъизе. Росана цересел бакӏал. Щвана лъималазе сайигъаталги. Гьединго гъоркьиса Владимир областалъул Суздаль шагьаралда тӏобитӏараб «Божилъи. Хьул. Рокьи» абураб фестивалалда гӏахьаллъана Тӏагьирбегов Жамбулат, Юсупова Марям, Корниенко Роман, Салманова Дагира. Тӏадруссана батӏи-батӏиял номинациязда щварал бергьенлъабигун. Кӏудияб кӏвар кьолеб буго Москваялъги интернаталъул хӏалтӏи чӏаголъиялде. Гьабулеб буго кӏвараб кумекги. Масала, Дадаев Тимурие гьениб бохдузе операция гьабуна. Гьанже Тимурица гӏумру гьабулеб буго Москваялъул интернаталда. Ума щвана Москваялъул интернаталдеги, гьелъул хӏалтӏухъ халгьабизе. Ва хӏаракат бахъана, Москваялъул интернаталъул хӏалбихьиялда рекъон, жиндирго хӏалтӏи гӏуцӏизе. Гьелъ лъикӏал хӏасилалги кьолел руго.

Лъималазе ракӏ кьезе хӏадурай

Качалова Ума гьаюна Хасавюрт шагьаралда. Лъугӏизабуна шагьаралъул №4 школа. Гьелдаса хадуй цӏализе лъугьана ДГПУялъул тарихияб факультеталде.

2002-2005 соназда хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул сакъатал лъималазул реабилитациялъулаб централда, 2005-2016 соназда — Махӏачхъалаялда бугеб херазе ва инвалидазе социалияб хъулухъ гьабулеб централда. 2016 соналъул июлалдаса бахъараб жакъа къоялде щвезегӏан — «Тӏалаб» интернаталъул директор. Умал захӏматалъулаб биографиялъул тӏанчал регидал, бихьулеб буго гьелъ тӏасабищараб хъулухъалъул борхалъиги тӏадегӏанлъиги. Гӏадамазе талихӏ бикьулей — гьеле Хунзахъа магӏарулалъул цӏаралда цадахъ рекъараб цадахълъел.

Сахаватал гӏадамазул

кумекалъулаб квер

Гьединазда гьоркьов Умаца бищун цебе рехсана ДРялъул захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министр Расул Ибрагьимовасул цӏар. Гьесул жигарчилъиялдалъун рагьун буго къад лъимал хьихьулеб отделениеги, ай, ясли-ах.

— Аслияб къагӏидаялда гьесул кумекалдалъун тӏоритӏула интернаталда тадбирал, гьесго квербакъана лъималаз батӏи-батӏиял фестивалазда гӏахьаллъи гьабиялъеги. Гьев вуго цӏакъго гӏадатияв хӏаким. Амма лъималазухъе вачӏиндал, гьев гьездасаги гьитӏинлъула. Гьес гьел рачуна шагьаралде экскурсиялъги, гьелгун цадахъ уна кинотеатралдеги, гьайгьай, тӏадруссун щвезарулелъулги, сайигъаталги рачӏуна цадахъ. Расул гӏемер щола лъималазухъе гьоболлъухъ, — илан бицана Умаца.

Кӏудияб адаб-хӏурматалда рехсана гьелъ республикаялъул нухазул агентствоялъул нухмалъулев Загьид Хучбаровасул цӏарги. Гьес интернаталъе босун буго лъималазе къваригӏунеб гӏемераб къайи-къоно.

Гьединго лъималазе кумек гьабулезда гьоркьор Умаца рехсана жиндирго курсцоялги. Гьел щибаб байрамалде рачӏунел руго, лъималазе батӏи-батӏиял сайигъаталги росун.

Хадурагӏи

Гьалеха лъугӏана интернаталде гьабураб сапар. Лъай-хъвай ккана сахаватаб, кӏудияб ракӏалъул магӏарулалъулгун. Цӏидасанги гӏумруялъул хӏакъалъулъ пикраби гьаризе тӏамуна талихӏалъухъ урхъарал лъималаз. Буго гьезул талихӏ. Амма гьелъул кьер батӏияб букӏинеги бегьулаан, къойил рагӏулеб бабал хӏайранаб кочӏол гьаркьихъе рорчӏулел рукӏаралани. Къисматалъ къварид гьарурал гӏечӏого, эбел-эменги жидедаса лъутарал лъималазе саринал ахӏулей йиго доб хӏикматаб маргьаялдаса киназего талихӏ бикьулеб гӏамиркоялъул сипаталда релълъарай Ума Качалова…

Шамай Хъазанбиева