XX гӏасруялъул 20-абилел соназда байбихьана Махӏмудил асарал басмаялда рахъизе
Дагьаб цебегӏан Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гӏелмияб централъул мацӏалъул, адабияталъул ва искусствоялъул (сангӏат) институталъ къватӏибе биччана «Шигӏраби» абураб Хъахӏабросулъа Махӏмудил тӏехь. Тӏехь данде гьабуна, гьелъие гӏелмиял баянал кьуна филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевас. Бачӏинахъего абизе ккола гьеб бугин гьунар тӏокӏав шагӏирасул ирс бакӏариялде, гьелъие унго-унгояб гӏелмияб къимат кьеялде лъураб щулияб галилъун.
XX гӏасруялъул 20-абилел соназдаса байбихьун, магӏарул ва гӏурус мацӏазда чанго нухалъ рахъана Махӏмудил асарал. Амма магӏна-хӏасилалъул рахъалъ щвалде щвезарун, грамматикиялгун стилистикиял гъалатӏалги рекъезарун, мухӏканал баяналги кьун, захӏматал, ричӏчӏуларел рагӏабазул ва рагӏабазул дандраязул лугъатги гӏуцӏун, гьезул къадар, тартиб, тематика хӏисабалдеги босун, хронологияги чӏезабун, бахъараб гӏелмияб басма жакъа къоялде щвезегӏан букӏинчӏо.
Тӏехьалъул цеберагӏиялда бихьизабун буго араб гӏасруялъул къоабилел соназда машгьурав гӏурус гӏалимчи-лингвист Л. Жирковас «Басрияб ва цӏияб магӏарул кечӏ» абураб макъалаялдасан байбихьун ахирал соназде щвезегӏан магӏарул шагӏирасул асарал ракӏариялда, гьезие къимат кьеялда хурхун рагӏул устарзабаз ва гӏалимзабаз гьабураб хӏалтӏи. Гьениб тӏадегӏанаб къимат кьун буго пагьмуяв магӏарул классикасул кочӏоеги гьелъ магӏарул халкъалъул рухӏияб гӏумруялъулъ кколеб бакӏалъеги. Тӏехь данде гьабурас гьелде жанибе босун буго жакъа къоялде щвезегӏан Махӏмудилилан абулел рукӏарал асаразда гьоркьоса хӏакъаблъун чӏезабураб 73 кечӏ.
XX гӏасруялъул 30-абилел соназдаго байбихьана Хъахӏабросулъа Махӏмудил асарал гӏурус ва цогидал мацӏазде руссинаризеги. А. Муртазагӏалиевас абухъе, гьеб букӏана магӏарул классикасул шигӏруги махщелги машгьур гьабиялде тӏамураб кӏвар бугеб галилъун. Щайгурелъул гьесул гьунар, гӏагараб ракьалда гуребги, тӏибитӏулеб букӏана Дагъистаналдаги тӏолабго улкаялдаги. Гьедин, гьел соназда байбихьана Махӏмудил кучӏдул Дагъистаналъул халкъазул мацӏаздаги басмаялда рахъизе.
Гьанжелъизегӏан магӏарул ва гӏурус мацӏазда басмаялда бахъун букӏана Махӏмудил асаразул 15 мажмугӏ. Гӏалимчияс, хронологияб тартибалда рекъон, гьел киналго тӏахьазул гьабун буго сияхӏ, бихьизабун буго киб, кинаб мацӏалда пуланаб тӏехь къватӏибе биччан бугебали. Гьелде тӏадеги, Махӏмудил асарал ракӏариялъул ва басмаялда рахъиялъул хӏакъалъулъ бицунаго, жиндирго цеберагӏиялда А. Муртазагӏалиевас рачунел руго батӏи-батӏиял заманабазда шагӏирасул мажмугӏазе, тӏахьазе, гьезулъ дандчӏвалел гӏунгутӏабиги гъалатӏалги рихьизарун, магӏарул гӏалимзабаз (М.-С. Саидов, М. Муртазагӏалиев) ва цӏалулез (Р. Мухӏамадов, С. Гӏазизов) кьурал кьварарал критикиял къиматалги загьир гьарурал пикрабиги.
Хъахӏабросулъа Махӏмудил шигӏрабазул цӏияб тӏехь ккола, хӏакъикъаталдаги, мухӏканго, щвалде щун гьабураб гӏелмияб хӏалтӏи. Гьеб хӏадурун буго кӏудияв миллияв рагӏул устарасул асаразда тӏад тӏобитӏулеб хӏалтӏи цӏакъ захӏматаб ва жавабияб масъала букӏинги бичӏчӏун.
Гьанжелъизегӏан риччарал тӏахьазде дандеккун, Хъахӏабросулъа Махӏмудил «Шигӏраби» абураб цӏияб басмаялъ тӏубанго хисизабулеб буго магӏарул классикасул гӏумруялъулги поэзиялъулги хӏакъалъулъ цӏалулезул пикруги бербалагьиги. Цӏалдолезда, хасго гӏолеб гӏелалда, Махӏмуд вичӏчӏизе кумек гьабизе буго «Хъахӏабросулъа Махӏмудил гӏумруялъул ва адабияб гьунаралъул тарихал» абураб бетӏералда гъоркь тӏехьалъул ахиралда шагӏирасул хӏакъалъулъ кьурал баяназ. Гьез мухӏканго бихьизабулеб буго Махӏмудил гӏумруялъул ва шигӏрияб гьунаралъул нух, гьелъул аслиял хӏужаби, ва гьелдалъун тӏоцебесеб нухалъ Махӏмудил асаралгун дандчӏвалезе рес щолеб буго гьесул гӏумруялъул сурат цебечӏезабизе.
Хъахӏабросулъа Махӏмудил шигӏрабазул гӏелмияб басма ккола магӏарул халкъалъул культурияб гӏумруялъулъ кӏудияб ва кӏвар бугеб лъугьа-бахъинлъун. Гьелъ хасаб рахъалдасан вихьизавулев вуго Махӏмудги гьесул ирсги, гьеб кколеб буго жинца магӏарул поэзия бечед гьабураб Дагъистаналъул адабияб гӏелмуялъулъ абураб цӏияб рагӏилъун, гьеб цебетӏезабиялъулъ таваккалго лъураб цоги галилъун.
Зикрула Илясов