Кӏочонареб лъалкӏ тана тарихалда Бекмирзаевазул хъизамалъ

2018 соналъул 12 январалда 296 сон тӏубана Россиялъул прокуратура гӏуцӏаралдаса. Исана гьебго къоялъ, 110 соналъ цеве, Гумбет районалъул Мелъелтӏа росулъ Мавлутил Бекмирзал хъизамалда гьавуна бакълъулазул мухъалда тӏоцеве вахъарав прокурор ва судияв Бекмирзаев Мухӏамад.

Доб букӏун батула, дун Гумбет районалде прокурорлъун витӏун моцӏгӏанасеб заман бачӏеб мех. Мелъелтӏа, дир кабинеталде, саламги кьун, вачӏана гъункараб черхалъул цо херав. Тӏад ретӏараб сси бугеб ратӏлидеги берцинго кӏкӏвараб магжидеги дандекколареб жолъун букӏана, кодор ккурал, гӏемер хӏалтӏизариялъ цӏвак-цӏвакарал магьидул чӏумал. Тӏаде балагьун бихьулеб букӏана, гьев цеве гӏадатияб хъулухъалда вукӏарав гурев, жиндирго къиматги лъалев, лъиде аскӏове вачӏун вугевалиги бичӏчӏулев чи вукӏин. Хъваш-баш гьабун хадуб, херас рагӏизабуна диргун гьоболлъи ва бихьизабуна районалъул прокуратураялдаса рикӏкӏад гьечӏеб жиндирго мина ва ахӏана гьоболлъухъ. Гьесухъе щведал бихьана, дида Мухӏамад сундаго хадувгъурав, калам къокъав чи вукӏин. Бокьарав хьиндалав урхъилеб гӏадаб букӏана гьесул минаялда цебе бугеб пихъил ахги. Пихъил гъутӏбузе кумекалъе ва гӏадамазе сахлъиялъе Мухӏамадица хьихьун ругоан наял, бугоан васасул хъизамалъ тӏалаб-агъаз гьабураб гьитӏинабго фермаги.

Дица чанго нухалъ суал кьуниги, рагӏичӏеб ххвелги гьабун, Мухӏамадица жиндирго хӏалтӏул цӏакъго мукъсанго гурого бицунароан, амма такрар гьабулаан, цӏакъго захӏматаб заман букӏиндал лъаларила, кигӏан битӏун гьабуниги баркала дагьаб хъулухъ букӏанила.

Мухӏамад вукӏана прокуратураялъул ветеран гуревги, пенсионерги, гьединлъидал дун щибаб байрам баркунги щолаан гьесухъе. 1908 соналъул 12 январалда гьавурав Мухӏамадие цӏакъ рекӏее гӏолеб букӏун буго рагъулаб хъулухъ, гьединлъидал гьев 1930 соналъул байбихьуда, кьун гӏарзагун, Багӏараб армиялде уна. 1931 соналда лъугӏизабула Ленинградалъул 42-абилеб рекӏаразул дивизиялъул 19-абилеб полкалъул школа. Хӏалтӏула взводалъул командирасул кумекчилъун ва 1932 соналда взводалъул командирлъун. Армиялъул хъулухъалдаса Мухӏамад тархъан гьавула, рагъулал хӏалбихьиязда щвараб сакъатлъи сабаблъун. Лъикӏго гӏурус мацӏги лъалев, хъвай-цӏалиялъе бажариги бугев, полкалъул школаги лъугӏарав Мухӏамад 1934 соналда тӏамула Гумбет районалъул халкъияв следовательлъун. Лъугӏизабула Махӏачхъалаялда рагьун букӏараб хасаб юристазул школа. Хадув хӏалтӏула Болъихъ, Гумбет ва Чӏарада районазда судиявлъун. 1946 соналдаса 1951 соналде щвезегӏан хӏалтӏула Гумбет ва Ведено районазда прокурорлъун.

Ватӏаналде къоккедал, цоцада хадур гьитӏинал вацалги рагъде ун, хӏукуматалъул хасаб хӏукмуялда рекъон, рагъдеги витӏуларого вугев Мухӏамадие расги бигьа букӏинчӏо, рагъул заманалъул къануназда рекъон, судалъул кьварарал хӏукмаби къотӏизе.

Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьаралдаса гьеб лъугӏизегӏан, Бекмирзал Мухӏамад вукӏана Болъихъ районалъул халкъияв судиявлъун. Араб гӏасруялъул лъеберабилел ва кӏикъоабилел соназда судалъул ва прокуратураялъул хӏалтӏухъаби гӏемерисел унтун яги херлъун жидерго хвелалдалъун хвечӏо, гьезда хадубги гӏунтӏулеб букӏана гӏажалалъул саламгун бачӏунеб тӏухьидул гулла. Рагъда чанго нухалъ бигьа букӏана вихьулев тушмангун вагъизе, амма судалъул ва прокуратураялъул хӏалтӏухъабазе захӏмат букӏана, рихьун цадахъ ругониги, нахъасан речӏчӏулев хӏалихьат лъазе. Гьедин ракӏалдещвезабулаан ветеранас доб захӏматаб заман.

1951 соналдаса нахъе Мухӏамад хӏалтӏула районалъул росдал магӏишаталъул нигӏматал гӏезариялъул ва гьел хӏадуриялъул гӏуцӏабазда, гьабула 13 соналъ мелъелдерил Тельманил цӏаралда букӏараб колхозалъе нухмалъиги. Колхозалъ гӏи-боцӏи гӏезабиялъулъ росарал бергьенлъабазул нугӏзаллъун руго Мухӏамадие щварал батӏи-батӏиял даражабазул шапакъаталги. Батӏаго тӏехь хъвазе бегьила, председательлъун хӏалтӏулаго, Мухӏамадица колхозалъул гӏаммаб магӏишат цебетӏезабиялда хурхун гьарурал хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ. Пенсиялде ун хадувги Мухӏамад рахӏаталда чӏечӏо, байбихьана нухал къачӏазе ва диналда тӏадчӏезе.

Мелъелтӏаса гӏалимчиясул васас бицана, Нечаявкаялде устарасухъе унаго, машинаялда цадахъ кканила Бекмирзал Мухӏамад. Жиндие гьев большевик цадахъ ккезеги бокьичӏила, хӏукмуги гьабунила, кӏудиясухъе дагьавго лъалхъун, чияр бералдаса вахчун ине. Амма жив чӏун хутӏанила, жаниве вачӏунев дунги, къватӏиве вачӏунев Мухӏамадги кӏудиясул кавудахъ цоцалъ тункидал. Рагӏицин абичӏого, гьев анила, гьалгъан гьесда хадуб балагьун хутӏарав живги Кӏудиясул лъадуца рокъове ахӏанила. Ниж кӏиялго Мелъелтӏаса рукӏин лъалей гьелъ бицанила гьаб хадуб рехсараб хӏакъикъат.

Мухӏамад Болъихъ судиявлъун хӏалтӏулаго, расги гӏайиб гьечӏев чи жиндир рос, гьес хӏукмуги гьабун, жанив тӏамунила. Тӏоцеве гьев нижехъе вачӏиндал, гьев судияв лъарай жий гьесда хъачӏго кӏалъанила.

Бичасул хӏукмуялъулъ маслигӏат камулариланги абун, Кӏудияс, доб кьогӏаб заманалъул хъулухъчи, баччизе кӏолеб «юкги» тӏад лъун, берцинал чӏумалги сайгъат гьарун, тӏарикъаталъул нухда тӏовитӏанила. Гьелдаса хадуб Мухӏамад хьвадана Дагъистаналъул гӏалимзабазухъе, щвана киналго зияратазде, ана хӏежалде. Тӏуванго диналда тӏадчӏарав гьев, рокъоса къватӏивецин вахъунароан, жиндирго рухӏияб хисиялъе ккараб гӏиллаги лъиениги загьир гьабичӏого ана гьев, мунагьал чурад, абадияб рокъовеги.

Мелъелтӏа прокурорлъун хӏалтӏулаго, дица Мухӏамадил минаялда аскӏоб, сахаватал чагӏаз кумекги гьабун, рагьун букӏана дирго васалги росдал лъималги цӏализе гьитӏинабго мадраса. Гьеб рагьулеб къоялъги Мухӏамад, дица ахӏаниги, гьениве вачӏинчӏо. Хадув вихьидал абуна, мун гьаниве дибирлъун гурила вачӏун вугев, дудаго тӏадаб хӏалтӏиги гьабун вукӏайила, гьечӏеб бакӏалдаса тӏаде рагӏи балагьичӏого. Кодор чӏумал ругониги, кисиниб коммунистасул билет жеги цӏунун бугев, лъеберабилел соназул большевик, божулев вукӏинчӏин тана дица гьадигӏан бигьаго биххараб, амма гъодигӏан захӏматго гӏуцӏун букӏараб пачалихъ, тӏадбуссинарин абураб жоялда. Мухӏамадил вац Гӏамирхан рагъда араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана, гьитӏинав вац Хӏабиб тӏадвуссана офицерасул чингун ва керен цӏурал шапакъаталгун. Дида батана 1931 соналда байбихьараб Гумбет районалъул прокуратураялъул буюрухъазул тӏехьалда гьоркьоб гьенивго секретарьлъун хӏалтӏулев вукӏарав Хӏабибил берцинаб хатӏалъ хъвараб гӏарза. Гьес хъвалеб букӏана, жиндир бакӏалде дандекколей чӏужугӏаданги йосун, жив Ватӏан цӏунизе рагъде витӏейилан. Бекмирзал Хӏабибгун цадахъав Сайпудин пенсиялде инегӏан хӏалтӏана райисполкомалъул ва райадминистрациялъул финансазул гӏуцӏиялъул нухмалъулевлъун, гьев вукӏана Дагъистаналъул мустахӏикъав экономистги.

Щиб хъулухъалда ругониги, кинаб хӏалтӏи тӏадкъаниги, Бекмирзал васаз гьеб борч, тӏад чи кӏалъаларедухъ, ракӏбацӏцӏадго, квер хъублъичӏого тӏубазабуна. Мухӏамадил кӏудияв вас Нуцалхан, тохтур-травматолог, хӏалтӏана унтаразул сахлъи цӏуниялда тӏад, гьев вукӏана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатги, гьес дарсал кьун куцаразул рахъана бажари бугел тохтурзабиги. Кӏудияв вацасдаса нахъа ккечӏого хӏалтӏана Мухӏамадил гьитӏинав вас Чалабиги, гьев вукӏана мугӏалим. Гьес нухмалъи гьабулеб мелъелдерил школа букӏана кидаго цебесеб кьерда. Бакълъулазул бахӏарчияб ва бечедаб тарихалда цо кӏочонареб лъалкӏ танин рикӏкӏуна дица Бекмирзаевазул хъизамалъ.

Ахӏмад Хӏасанов,

Гъизляр шагьаралъул прокурорасул кӏудияв кумекчи