Кигӏан нилъее бокьаниги, гьечӏо Дагъистаналда эркенаб ракь

Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъе ине ракӏалда букӏана пихъ барщулъ, цӏар бугел мокьрол ахакьеги щун кинабго бихьизе, лъазе ва ахихъабазулгун гара-чӏвари гьабизе.

Жакъасеб сапаралда дандчӏвай ккана гӏияхъанасулгун, «Чиркей 2003» КФХялъул (фермеразулаб магӏишат) нухмалъулев Сулайман Къурахӏмаевасулгун ва нижер ккана гьадинаб гара-чӏвари.

— Щиб магӏнаялда магӏишаталда цӏар «Чиркей 2003» лъураб?

— Киназго фермеразулал магӏишатал рагьизе байбихьараб доб заманалда гӏи-боцӏуда вугев дидаги ракӏалде ккана гьеб рагьизе. Рагьулаго, щиб цӏар лъолеб бугебин хӏалтӏухъабаз гьикъидал, гьелда тӏад ургъунго вукӏинчӏев дица, дирго росдал цӏарги гӏуцӏараб сонги хӏисабалде босун, ккана гьеб лъей.

— Чӏикӏаб, гӏемераб цогидалда цадахъ, Дагъистаналда лъала пихъил ватӏан хӏисабалда. Гьезда гьоркьосаги вахъун, гӏияхъанлъиялде свери кин ккараб?

— Цебе гӏухьбузул росу букӏана нижер. Лъеда гъоркье араб Басрияб Чӏикӏаб гӏадамазул ункъого проценталъул абуниги букӏун буго гӏи. Вехьасе гурони кьеларин яс абураб абигицин букӏун буго нижехъ. Нижер агьлуго буго гӏухьбузул, дир эменги, гьесул эменги рукӏана гӏияхъаби, гьездаса дихъеги щвана гьеб махщел.

— Гьабсагӏаталда щиб гьоркьобе бачунеб дур магӏишаталъ?

— Араб гӏасруялъул 50-абилел соназдаго нижер росдал гӏи-боцӏуе ракьал кьун руго Калмыкиялда, нижер анцӏгониги къайи (хъутан) букӏана доба. Хадуб гьел нижехъа нахъе ана, дун 3 участкаялда ижараялъе 4800 гектар ракьулги босун, вуго доваго. Хаслихъе къинлъизе тола 1500-гӏанасеб лемаг-чахъу. Цебе чӏикӏасезул букӏана магӏарул тайпаялъул гӏи. Гьелъул квас бичун унарого, къимат гӏодобе ккун букӏиналъ, дица адильбаевская тайпаялъул куйги биччан, гӏи сверизабуна жубараб тайпаялде. Квас гӏемер кьоларо гьелъ, амма гьеб буго къоги хӏехьолеб, гьанги кьолеб тайпа. Гьаниб, росдадаса 10 километралъ добегӏан, дица бана киналго шартӏал жанир ругеб ферма-комплекс. Гьениб буго, тӏасияб соналда бачалги росун, гьанае 150 баси хьихьизе рес кьолеб бокь. Калмыкиялдаса дица гьанибе гьанае хьихьизе баччула бихьинаб хух ва тӏокӏлъараб, гъая ккараб чахъу, гьабсагӏаталда буго гьединаб гӏиял 200 бетӏерги.

— Ижараялъул кинаб къагӏида дур бугеб?

— Дица ижараялъе босараб ракьалъул, батӏи-батӏияб бакӏалда бугеб 3 бутӏаялъул вуго 3 хважаин. Ракьалде хӏал кколаредухъ, гьезул цоялдаса цогидалде гочинабун кваназабула гӏи. Гектаралъухъ кьолеб багьа-квара буго гьарурал къотӏи-къаязда рекъон чӏезабураб.

— Гӏияе кӏалцӏи-хер кин дуца хӏадурулеб?

— Калмыкиялда бугеб гӏияе къинлъулеб заманалда гурони кӏалцӏи гӏемер къваригӏунаро. Лъагӏалие хӏажалъулеб гьелъул 20-гӏанасеб тонна, бигьаги лъикӏги букӏун, дица босула Дагъистаналдаса. Харил дие гӏола кӏиазаргогӏанасеб танг, гьебги босула Бабаюрталъул зонаялдаса. Сезоналъул заманалда босани, цо танг дие чӏола 120 гъуршиде, хасало босизе тани, гьеб жеги тӏаде уна.

– Цо чияс тӏубалеб магӏишат гьеб гуро, хӏалтӏухъаби киса дуца рачунел?

— Дова вуго 3 вехь – кӏигояв Чӏикӏаса ва цояв Рутул районалъул Кӏусур росулъа. Лъагӏалие щивасе дица кьола кӏикъоялда анцӏ-анцӏ къинлъизе лемаг. Гьезие буго цо моцӏрол отпускги, гьезул рес буго диразда цадахъ жидерго гӏи хьихьизеги.

— Чӏагояб гӏи, гӏиял гьан киб ва кин дуца бичулеб?

— Чахъаби къинлъун рахъарал тӏанчӏазул букӏуна 3 партия. Тӏоцебесеб партиялъул, 3 моцӏалъул тӏинчӏ (16-17 килоялъул) дица кьола бойниялде. Кӏиабилеб-лъабабилеб партиязул (гӏага-шагарго 500-600 бетӏер) цӏуяб тӏинчӏ тола диего, лемаг хисизе, бихьинаб тӏинчӏ гьанибеги бачун хьихьула гьанае. Босизе чи ккун хадуб бичула добаги гьанибги.

— Кинаб букӏунеб къунцӏараб квасул къисмат?

— Дир гӏиял цо бетӏералдаса, гьоркьохъеб хӏисабалда, бахъула квасул 2,6-3 кило. Къунцӏарухъаби, къунцӏараб лемагалъул цо бетӏер рикӏкӏун 65 гъурушги кьун (гъоркьиса букӏана гьеб багьа), рачуна Дагъистаналдаса. Гьанае бугелъул дир гӏи, гьелъие букӏуна аслияб хӏисаб, квасул цӏикӏкӏараб тӏалаб букӏунаро. Гъоркьиса 20 гъуршихъ кило хӏисаб гьабун, кинабго квас босана нижерго росулъа чагӏаз. Хӏасил гьабун, къунцӏарухъабазе кьуралъул бащдабгӏан гурони дие нахъе бачӏунаро, гьелъ кьолеб хайир гьечӏо.

— Дагъистанияв вукӏиналъ, Калмыкиялда хӏалтӏизе кинабгӏаги къварилъи бугищ дуе?

— Нилъеда бараб буго мадугьаллъи, нилъ лъикӏлъани, гъолги квеш рукӏунаро. Дагъистанияв вукӏиналъ бугеб щибго къварилъи гьечӏо доба – я гӏумру гьабизе, я хӏалтӏизе. Амма жанисанго, кьучӏдасанго бугеб рукӏа-рахъин, рижи батӏияб бугелъул, нилъер гӏамал-хасият бичӏчӏизе дозие дагьаб захӏмалъула. Битӏараб бицани, дие бокьилаан Дагъистаналда вукӏине, гьанивехун гочине, амма кигӏан нилъерабго бокьаниги, гьаниб, хасалил мучӏдузда, Кочубеялъул зонаялда щоларо ракь, гьечӏо эркенаб бакӏ. Калмыкиялда гьабсагӏаталда ракьалъул рахъалъ дие эркенлъи буго. Метерисеб нилъеда гьикъун бачӏунарелъул, хӏажалъи ккани вуссина нахъе – гьелъие буго дица гъоб киналго шартӏалги жанир ругеб ферма-комплексги бараб.

— Бугищ дуего абизе бокьараб?

— Киналъулго хӏасил гьабун босани, рецц Аллагьасе буго, дунго дицаго хӏебтӏун вуго, берцинго, бокьухъе хӏалтӏизе тун вуго, дихъа щибниги бахъулеб гьечӏо, гӏакъуба кьолев чи гьечӏо. Хӏалтӏуда рихьулел, дандчӏвалел захӏмалъаби гьечӏого рукӏунаро, гьелги кида тӏуранги тӏурала. Исламияб рахъ, божилъи гьечӏони щибниги лъикӏлъуларо, гьеб суалалъулъги нилъее къварилъи гьабулев, нилъ толарев чи гьечӏо. Дица шукру гьабула, дунялалда тӏад, чанги захӏматал бакӏалги рихьулел ругелъулха нилъеда…

Гӏабаш Гӏабашилов