Ресал ва квалквалал
ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевасухъе хитӏаб гьабуна Гъуниб районалъул Чӏохъ-Коммуна росулъа предпринимателас. Гьес хъвалеб буго росдал бегавул Салим Салимовас тӏекъал ишал гьарулел ругин. Гьедин хъварал макъалаби рахъана араб анкьалда республикаялъул газетаздаги. Гьениб бахъун букӏана низам цӏунулел идарабаз щибго гьабулеб гьечӏолъиялда бан хъвараб Сайпула Салихӏовасул рагьараб хитӏабги.
Сайпула гьавуна ва гӏуна Чӏохъ-Коммуна росулъ. Гьесул анищ букӏана ферма базе ва гӏи-боцӏухъанлъиялъул магӏишат гӏуцӏизе. Хӏалтӏун данде гьабураб гӏарцухъ гьес бана гьитӏинабго бокь ва бичун босана цо чанго гӏака. Амма нилъерго тайпаялъул гӏачи хьихьун хайир щолеб батичӏо: мугӏрузул шартӏазде ругьунаб хӏайван букӏин гурони, гьелдаса бечӏчӏулеб рахьги дагьаб букӏуна, гӏемер букӏунаро гьанги.
Сайпулада кидаго берцин рихьулаан телевизоралдаса рихьизарулел Европаялъул фермабиги гьезул боцӏиги. Гьесие бокьун букӏана нилъер мугӏруздаги тайпадулаб боцӏи гӏезабизе. Гьес чанцӏулго хитӏаб гьабуна республикаялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялде. Ахир-къадги гьесие кьуна 400 азарго гъуршил грант.
Москва областалдеги ун, Сайпулаца босана цо чанго гӏака: немцазул чӏегӏерчараб «галштеналъул» тайпаялъулги хъахӏаб бетӏерги бугеб хъазахъазул «герфорд» абулеб тайпаялъулги. Республикаялде тӏадвуссун хадуб, щибаб гӏакдадаги басиялдаги бана хасаб чип – пачалихъалъ кьураб гӏарац сунде харж гьабулеб бугебали халкквезе рес кьолеб электронияб къагӏидаялъул алат.
Гранталъул гӏарцухъ Сайпулаца бана бокь. Гьеб ракьги босун букӏана росуцоясухъа. Байбихьана боцӏи гӏезабизе. Гьелго тайпабазул боцӏи жидееги хӏажат бугилан рачӏана Сайпулахъе мадугьалихъа фермабазулги тайпадулал гӏи-боцӏухъанлъиялъул магӏишатазулги бетӏергьаби. Амма байбихьана масъалабиги.
Росдал бегавул Салим Салимовас, хъулухъалдаса пайдаги босун, байбихьана предпринимателасул магӏишат цебетӏезабиялъе квалквал гьабизе. Гьес Сайпулахъе ритӏана районалъул халгьабиялъул идараби. Предприниматель къуркьичӏо ва батӏи-батӏиял идарабаздеги ун, жиндирго ихтиярал цӏунизе жувана. Гьебмехалда бегавулас судалде хитӏаб гьабуна, ва судалъ хӏукмуги гьабуна Сайпулаца рарал бакӏал риххизе кколин.
Гӏачиязул бокь биххиялъе гӏиллалъун бегавулас рехсолеб буго гьеб базе Сайпулал ихтияр гьечӏолъи. Предпринимателас судалда цебелъолеб буго, гьеб базе ихтиярги гьарун, жинца росдал бегавуласухъе ритӏарал ва жавабго кьечӏого тарал хитӏабал. Гьесухъ кодор руго гьабсагӏаталда бокь бугеб ракьулги гьелда тӏад рарал объектазулги бетӏергьан жив кколевлъи тасдикъ гьавулел документалги. Жаваб щун гьечӏо гьес ДРялъул прокуратураялде гьабураб хитӏабалъеги.
ДРялъул Арбитражияб судалъ Чӏохъ росдал бегавуласул рахъккуна, ай предпринимателас бараб бокь биххизе кколин абураб хӏукму гьабуна. Гьебгощинаб къоги бихьун гӏезабулеб букӏараб тайпадулаб боцӏул 90 процент хъвезе ккана Сайпулаца. Гӏемерал соназ нилъер шартӏазде ругьун гьабураб цӏияб боцӏул тайпа хьихьизе бакӏ гьечӏолъиялда бан, ай хасало цӏорон хвеялъул хӏинкъи букӏун, гӏадада хвезе теларин абун, хъуна ва базаралда гьан бичана.
Росдал бегавуласул «цӏакъго жигар цӏикӏкӏараб хӏаракаталдалъун» Сайпула Салихӏовасул тайпадулал бусби тӏокӏалъ рахинаро росдал магӏишаталъул выставкабазул сверулъе. Гъуниб районги махӏрумлъана жалго бетӏергьанаб тайпадулаб боцӏухъанлъиялдаса.
Гӏали Къасумов