Квар халатаб, хабар магӏнаяб букӏана

Кварида васандулев Асхӏабгӏалица Галкин хӏикмалъизавуна

Россиялъул телевидениялъул Тӏоцебесеб каналалда буго «Бищун чӏахӏиял» абураб программа. Гьеб гӏуцӏун буго 55 сонил ригьалдаса тӏаде арал гӏадамазе жидерго гьунарал рихьизаризе рес кьеялъул мурадалда.

Дагьалъ цебе рехсараб программаялда гӏахьаллъана нилъер ракьцояв Асхӏабгӏали Хӏасановги. Гьесдаса цеве гьенибго гьунарал рихьизарун рукӏана 87 сон барав Гӏабдурахӏман Гӏабдулгӏазизовасги. Жиндирго ботӏрол расаздаги бан, гьес кодобе босана 102 килоялъул цӏайиги, цабзазги ккун, хадуб бехъерхъана юк баччулеб кӏудияб машинаги.

«Бищун кӏудиял» абураб программа бачуна Максим Галкиница. Гьесда Асхӏабгӏали лъалаан: гъоркьиса гьев щун вукӏана, жинцаго ругьун гьарулел палугьабазул къокъаги бачун, Галкиница бачунеб лъималазул шоуялда гӏахьаллъизе. Лъималазул гьунаралъ пана гьаруна залалда гӏодор чӏаразул ракӏал. Максимица Асхӏабгӏалида дандчӏвай гьабуна «Дагъистаналъул легендаянги» абулаго. Гьес жеги абуна: «Цо-цоязухъа лъимерлъуда билана тӏагъур, цогидазухъа – квердаххелал. Асхӏабгӏалил билана хӏинкъи», — ян. Миллияб парталги ретӏун цеве вачӏарав Асхӏабгӏали гӏолохъанго вихьулин тӏадеги жубана. Къамартӏав, къартӏав дагъистаниясул гӏолохъанлъи цӏуниялъе бугеб балъголъи рагьизелъун, Галкиница Асхӏабгӏалие кьуна чанго суалги. «Инсанасул гӏумруялъул аслулъун ккола рокьи. Рекӏелъ рокьи гьечӏев чиясул бер тӏаде цӏала квешлъиялъ, гьес жиндаго сверухъги бекьула рокьукълъи, ццин», — ан абуна Хӏасановас.

Сахлъиялъул балъголъи кванилъ батилин гьикъидалги, Асхӏабгӏалица бицана, бищунго бокьулеб квен бугин ражигун хинкӏалги, гьангиян.

1972 соналда байбихьана Асхӏабгӏали Хӏасановас кварида гьунарал гьаризе. «Цо нухалда, щуго метралъул борхалъудаса цӏолбол гъабу къачӏалаго, дун гӏодове вортана ва мугъзагьодалъе къварилъи ккана. Тӏокӏалъ квариде вахине бажариларин абун, гьеб иш тана ва лъимал куцаялде вуссана. Амма дица цебелъуна масъала: «Бищун чӏахӏиял» абураб программаялда гӏахьаллъизе кколин абураб. Гьебмехалда дагь-дагьккун байбихьана кварида гьунарал гьаризе. Ва дида бичӏчӏана: инсанасухъа кинабго бажарула, гьабулеб ишалде рокьиги яхӏгун къвакӏиги цӏунун бугони», — ян бицана гьес.

Къокъабго гара-чӏвариялдаса хадуб, Асхӏабгӏали вахана квариде. Гьес гьарулел гьунараз хагазаруна залалда гӏодор чӏарал гӏадамал. Борхалъудасан, цӏан битӏараб шагьранухдасан кинигин, бигьаго хьвадана ва васандана гьев кварида тӏад. Цояб квералъухъ ккураб тӏилида тӏадги лъун, гъадароги ххенезабулаго, бахана гьес иргадулаб нухалдаги кварил манзил. Гьебго кварида лъураб малиялъул болъабазда тӏадеги вахана. Ахиралдаги кваридасан вилълъана, хӏатӏалги тӏарсазда жанир рукӏаго.

Балагьаразул ракӏ асир гьабурав магӏаруласе кьуна хасаб медальги.