Шагьаралъул цӏияб больница хьезабун буго хӏажатабщиналдалъун
15 январалда Махӏачхъалаялда, Сепараторазул поселокалда, хӏалтӏизе байбихьана цӏияб больница. Гьелда абула шагьаралъул №3 клиникияб больницайилан. Гьеб бана ва хӏажатабщинаб алат-къайиялдалъун хьезабуна Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмад-апандил жигаралдалъун, ресалда ругел дагъистаниязул гӏарцудалъун ва, гваял ран, гӏолохъабазул чӏаголъиялдалъун.
Гьенир медицинаялъул хӏалтӏу-хъабазе гӏуцӏун ругел шартӏазул, унти чӏезабиялъе ва унтарал сахгьариялъе ругел ресазул бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна больницаялъул директорасул заместитель, ДРялъул мустахӏикъав тохтур Гӏабдула Хӏажиевасулгун.
«Цебе гьаниб букӏана ясазе бараб мадраса. Гьелъул бакӏалда, цӏидасан къачӏазеги къачӏан, гӏатӏидги гьабун бана больница. Гьаниб буго 135 чиясе вегизе бакӏ, поликлиника. Гӏадамал сахгьариялъе чӏезарун руго киналго шартӏал», — ан бицана Гӏабдула Хӏажиевас.
Гьабсагӏаталда гьениб хӏалтӏулеб буго лъабго отделение: терапия, хирургия ва гинекология. Терапиялъул отделениялда кумек гьабула рекӏел ва бидурихьазул, чехь-бакьалъул, гьуъразул ва гьуъразул мащабазул, кӏващул унтаби ругел чагӏазе. Хирургиялъул отделениялда гьарула операциял. Масала, гьаб заманалъул эхосонография аппараталъул кумекалдалъун хирургазул рес буго нусалъ къотӏичӏого ургьире раккун операциял гьаризе ва къокъабго болжалалда унтарав сах гьавизе. Эндоскопия абулеб къагӏидаялда унти чӏезабиялъе ва операциял гьариялъе больницаялда руго Fijifilm Fujinon EPX-4450 HD (Japan) фирмаялъул алатал. Операциял гьарула Россиялъул машгьурал клиникабаздаса рачӏарал тӏадегӏанаб лъаялъул ва гьединабго махщел бугел хирургаз. Хирургиялъул отделение хӏалтӏулеб буго антигепатит и антиСПИД абулеб программаялда рекъон, больницаялда гьелъие хӏажатал киналго шартӏалги руго.
Гьединго гинекологиялъул отделениеги хьезабун буго бокьараб унти чӏезабулел ва захӏматал операциял гьаризе бажарулел алатаздалъун. Больницаялда цебе буго поликлиникаги. Гьенирги хӏалтӏулел руго хӏалбихьи бугел специалистал: терапевт, кардиолог, хирург, невролог, офтальмолог, оториноларинголог, онколог, гинеколог, уролог, эндокринолог, нефролог, ревматолог, дермато-венеролог. Буго лабораториябгун диагностикияб хъулухъал тӏуразариялъе хӏажатабщинабги.
— Гӏабдула, цӏияб больницаялда хӏалтӏизе тохтурзаби ва медсестраби кин росулел? Кинаб даражаялда бугеб гьезул лъай, махщел, хӏалтӏул хӏалбихьи?
— Больницаялде росарал тохтурзабазул гӏемерисел руго Россиялъул регионазда ругел больницабазда хӏалтӏул хӏалбихьи щварал специалистал. Масала, больницаялъул бетӏерай тохтур, терапевт ва кардиолог Мариян Сайгидхӏусенова хӏалтӏулей йикӏана Тулаялда. Махщел камилай тохтур Рашидат Лайпанова, анкьида жаниб кӏиго нухалда, Москваялдаса ячӏуна захӏматал операциял гьаризе. Поликлиналъул нухмалъулев Хӏасан Алхасов ккола 20 соналъ Москваялда хӏалтӏарав уролог ва УЗИялъул тохтур. Къокъго абуни, гьединалго руго цогидалги тохтурзаби.
— Бокьараб бакӏалдаса вачӏарав унтарав вегизавулищ больницаялда, кинал документалгун гьел рачӏине кколел?
— Гӏумру гьабун вугеб бакӏалъул поликлиникаялдаса направлениеги босун, республикаялъул бокьараб шагьаралдаса ва районалдаса вачӏарав унтарав къабул гьавула нижеца. Больницаялда вегизе вачӏунев чиясухъ рукӏине ккола: анализазул хӏасилал, УЗИ ва гьуъразул рентгеналъул сурат. Гьединго къваригӏуна медицинаялъул страховияб полис, паспорт, унтиялъул бицунеб выписка (амбулаторияб картаялдаса).
— Унтаразе кинал шартӏал гӏуцӏун ругел?
— Киналго палатаби руго кӏи-кӏи ва лъаб-лъаб чи вегулел. Щивасул бусада аскӏоб буго, тохтур яги медсестра хӏажалъани, гьел ахӏулеб хасаб кнопка, цӏияб гьава биччалеб алат ва бидул тӏадецуй борцунеб аппарат. Унтарал рази руго кванидасаги. Руго лъай ва хӏалбихьи бугел богогьабиги, кванил даражаялда хадуб халкколел диетологалги.
— Гӏарацги кьун тӏуралел хъулухъал ругищ больницаялда?
— Гьечӏо, рукӏинеги гьечӏо. Киналго хъулухъал унтаразе чӏорого гьарула.
— Больницаялъе гӏолареб жо щиб бугеб?
— Къокъго абуни, гьабсагӏаталда унтаразе кумек гьабизе камураб жо щибго гьечӏо, амма хадубккунги больницаялъул хӏалтӏи цебетӏеялъе ва унтаразе гьабулеб хъулухъ гӏатӏид гьабиялъе босизе хӏажат буго хирургиялъул отделениялъе операция гьабулеб кӏигогӏаги стол, реанимациялъе тӏадеги аппаратура ва цоги рентген-аппаратал.
— Гьел тӏаде рехсарал аппаратал ва цогидалги больницаялъул хӏажалъаби тӏуразе гӏарцулаб кумек гьабизе бокьарав чи вугони, лъида аскӏоре ине бегьулеб?
— Больницаялъул банкалъулаб счеталъул номер цӏехон кӏалъазе бегьула 66-00-03 телефоналде. 2017 соналъул ноябралдаса декабралъул ахиралде щвезегӏан больница хӏалтӏана гурхӏел-рахӏмуялъул фондалдаса биччараб гӏарцулаб кумекалдалъун. 2018 соналъул январалдаса нахъе больница буго ФОМСалъул сияхӏалда. Больницаялъе лъагӏалие къваригӏунеб гӏарцул лъабил бутӏа гурони гьез хъвалеб къотӏи-къаялда рекъон, бицанихъе, 2018 соналда щвезехъин гьечӏо.
Нури Нуриев