Ахираб заманалда гӏадатлъун лъугьун буго интернеталъул сайтазда рагьарал кагътал хъвай

Гьанжезаманалъул хасиятлъун ккола бихьарабги рагӏарабги хехго тӏибитӏизаби. Гьелъие кумекалъе хӏалтӏизарула технологиял алатал. Пуланав чи вухулеблъиги, гӏодов кканиги, хӏакъир гьавулев вихьаниги, къварилъи ккарасе кумекалъе рахъиналъул бакӏалда гӏадамал рортула телефоназде ва лъугьа-бахъин бахъизе байбихьула. Цояз гьеб бахъула копоего, цогидаз – къварилъи ккарасул гӏагарлъи балагьиялъул мурадалда, лъабабилез – интернеталдаги лъун, жидеего «лайкал» гӏемер щвеялъул мурадалда. Рукӏуна гьедин бахъараб роликалдалъун пуланаб масъала цебелъезе къваригӏаралги.

Масала, 2017 соналъул ноябралда Сочи шагьаралъул №4 школалъул учительницаялъ бахъана гьениб бугеб хашаб хӏалалъул хӏакъалъулъ бицунеб видеоролик ва гьеб лъуна интернеталъул сайталда. Роликалдасан бихьулеб букӏана кьучӏдасанго школа къачӏаялъе цебего заман щун букӏин. Интернеталда лъураб роликалъул кумекалдалъун гьеб къачӏаялде кӏваркьелин хьул букӏун батила учительницаялъул. Амма гьей, «школалъул уставалъул тӏалабал хвезарунилан» багьанаги батун, хӏалтӏудаса нахъе йитӏана.

Харж цӏикӏкӏинабичӏо –

малъа-хъвай гьабуна

Дагьалъ цебе лъималазул ахалъул тарбиячӏужуялъги хъвана Владимир Путинихъе рагьараб кагъат. Гьелъ абулеб букӏана, «школалда цебесеб лъайкьеялъул педагогазул харжал цӏакъго дагь ругинги жиндирго гӏарцухъ кагъатги босун, гьелъул гьарурал пособиялги карточкаби къачӏазе кколин».

Палхӏасил, министерствоялъ, гьеб лъугьа-бахъиналда бан данделъи тӏобитӏана. Гьелда гӏахьаллъана министерствоялъулги лъайкьеялъул департаменталъулги хӏакимзабиги, лъималазул ахазул нухмалъулелги, лъималазул умумулги. Гьениб гӏарза хъварай гьерсихъанлъун гьаюна. Бицана харж дагьаб букӏиналъе гӏилла кколин гьелъул тӏадегӏанаб лъай гьечӏолъи. Цӏиял ФГОСазда рекъон, киналго хӏалтӏухъабазул букӏине ккола тӏадегӏанаб лъай. Моцӏрол харжалъул тӏоцебесеб бутӏа ккола базовияб. Гьебги бараб букӏуна дипломалъул даражаялда. Кӏиабилеб бутӏа ккола гъирабазабиялъулаб. Гӏарзахъдарай педагогалъул хӏалтӏи хашаблъун рикӏкӏана (гуребани, гьелъул харжалде тӏадеги жубалароанищха гъирабазабиялъул бутӏа). Гьебги бараб букӏуна батӏи-батӏиял къецазулъ гӏахьаллъиялдаги (гьезда гӏахьаллъизеги гӏезегӏан гӏарац харж гьабизе ккола педагогас ва гьеб гьесие лъицаниги бецӏуларо), гьанжезаманалъул технологиял хӏалтӏизариялдаги, ишцоязе дурго хӏалбихьиялъул бициналдасаги, ай данделъабазда жигараб гӏахьаллъи гьабиялдасаги. Харжалъул лъабабилеб бутӏалъун рехсана лъималазе кьурал дарсазухъ гьезул эбел-инсухъа босулеб мухь. Гьединго данделъиялда бицана, лъималазул ахикь пособиял хӏадуризе киналго шартӏал чӏезарун ругиланги. «Кӏвахӏалай тарбиячӏужуялъ гьел пособиял хӏадурулел рукӏун руго жиндирго гӏарцухъ, ясли-ахикь бугеб аппаратги хӏалтӏизабичӏого», — ян бицана данделъиялда.

Ахиралдаги абила, педагогас тӏадегӏанаб идараялде гӏарза хъваниги, лъайкьеялъул идараялъул халгьабизе битӏун бачӏуна хасаб комиссия. Гьебмехалда халгьабула тӏолалго педагогазул хӏалтӏулги школалъул ахӏвал-хӏалалъулги. Гьединаб мехалда школалъул администрациялъги байбихьула гӏарза хъварав хӏалтӏудаса «жиндиего бокьун» нахъе инавизе.

Доб данделъиялдайин абуни хӏукму гьабуна, гӏарза хъварай тарбиячӏу-жуялда хадув насихӏатчи чӏезавизе. Насихӏатчияс гьелда бичӏчӏизабизе ккола, цӏикӏкӏун харж щвезе бокьани, кин хӏалтӏизе кколебали.

Иргадулаб кагъат

Гьал къояздаги Владимир Путинихъе интернеталдасан хитӏаб гьабулеб буго Пермь краялъул пуланаб школалъул учительзабаз. Масала, дарсазухъ кьолеб мухь щай батӏи-батӏиял бакӏазда цо гьечӏеб? Ставкаялъухъ кьолеб мухь щай чӏезабулареб МРОТги кьочӏое босун? Лъагӏалил ахиралда учительзабазе премия щай кьолареб? Щай, прокуратураялде гӏарзаги хъван, гьелдаса хадуб гӏуцӏараб халгьабиялъухъ гӏакӏа бецӏизе кколеб учительзабазул харжазул фондалдасан? Щай школалъул халгьабизе рачӏунел жидеда тӏасан гӏарза хъван букӏараб идараялъул хӏалтӏухъаби? Учительзабилъун кколарел школалъул хӏалтӏухъабазул харж МРОТалде бахинабиялъул мурадалда щай хӏалтӏизабулеб гъирабазабиялъул бутӏаялъул гӏарац? Щай кружокалги къан, лъимал махӏрум гьарулел школалда тӏадехунисеб лъайкьеялдаса?

Гьеб буго Пермь краялъул учительзабазул улкаялъул президентасухъе гьабураб кӏиабилеб хитӏаб. Гьелъиеги, цебехун бицен гьабураб тарбиячӏужуялъул хитӏабалъего гӏадинаб къимат кьуни, расги гӏажаиблъиларо. Хӏакимзабазухъа цӏакъ лъикӏ бажарулелъулха жалго цӏунизе.

Кавсарат Сулейманова