Д. Халидов: «Дагъистаналда эркенаб журналистика ва эркенаб пикру цӏуниялъулъ аслияб бакӏ ккола Гӏали Камаловас»

2018 соналъул 1 февралалда Москваялда, Россиялъул Журналистазул минаялда тӏобитӏана «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор, Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель, РФялъул Журналистазул цолъиялъул секретарь Гӏали Камаловасул 70-сонилаб байрам.

Байрам гӏуцӏана Россиялъул Журналистазул союзалъул, централияб федералияб округалда бугеб Дагъистаналъул дармил вакиллъиялъул, РФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб ДРялъул хӏукуматалъул вакиллъиялъул ва Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул хӏаракаталдалъун.

Байрамалда гӏахьаллъана улкаялъул Пачалихъияб Думаялда ругел Дагъистаналъулги ДРялъул Халкъияб Собраниялъулги депутатал, Москваялда ругел дагъистаниял – гьениб гӏумру гьабун ругел творческияб интеллигенция, гӏалимзаби, ишалъулал хӏаратакатчагӏи ва цогидалги.

Гьудуласул хӏакъалъулъ рагӏи

Всеволод Богданов (1992-2017 соназда вукӏана РФялъул Журналистазул цолъиялъул председательлъун): «Гӏали Камалов кидаго вукӏана Россиялъул журналистикаялъул церехъабазул кьерда. Гӏемерал соназ цадахъ хӏалтӏана ниж. Дида бичӏчӏана Гӏалие Россия ва гӏагараб Дагъистан хӏаталдаса ун бокьулеблъи. Гьес жиндирго рекӏелъан риччала республикаялда ккарал киналго лъугьа-бахъиналги халкъалъул пашманлъигун рохелги.

Гьев кидаго вукӏана махщалие ритӏухъавлъун, хилиплъичӏо газета цӏалулезе.

Къуркьулареб гӏамал букӏиналъ, кигӏан хӏалуцараб заман бачӏаниги, гьев нахъе къачӏо ва цӏунана Россиялдаго бищун жигараблъунги къадар цӏикӏкӏараблъунги кколеб Дагъистаналъул Журналистазул союз».

Сулиета Кусова (Россиялъул Журналистазул цолъиялда цебе гӏуцӏараб СМИяздасан рорхулел миллиялгун диниял масъалабазул централъул нухмалъулей):

«70 сон! Гӏураб ригь буго, аралъул хӏасилал гьаризеги букӏинеселъул хӏисаб гьабизеги. Амма жеги къо радалго буго. Хасго Гӏали Камаловасе, мехелалда жаниб гьесул 24 сагӏаталдасаги цӏикӏкӏун букӏуна заман. Гурони, кин тӏуразе ругел церечӏанщинал, ахир гьечӏел масъалаби? Гӏалихъа бокьараб захӏмалъиялъулги суал тӏубан бажарула. Амма гьесул гӏумруялъул аслияб ишлъун кидаго букӏана, дир пикруялда, гӏагараб «Хӏакъикъат» газета. Гьелъие Гӏалица кьуна гӏумруялъул 50 сон».

Надежда Ажгихина (Европаялъул журналистазул федерациялъул вице-президент): «Щиб гьабулеб бугониги, жинцаго тӏаде босараб ишалде ракӏунтараб бербалагьиялъ ва, кигӏан кьогӏаб батаниги, къуркьичӏого ритӏухълъи батизелъун унев гьесул гӏамалалъ загьир гьабула, гьабсагӏаталда щвезехъин бугеб пайдаялдаса, инсанасул чилъиги, яхӏ-намусги, рекӏел бацӏцӏалъиги къиматаб букӏин гьесие. Загьир гьабула хӏилла-рекӏкӏалдалъун хъулухъалъул болъабиги рахун, щолеб хӏакимлъи гӏаданлъиялдаса цебе кквезе бегьулареблъи ва, кинаб ахӏвал-хӏал кканиги, къадруяв инсанлъун вукӏине кколеблъи.

Северияб Кавказалъулги, Москваялъулги, Европаялъулги гӏемерисел ишцояз гьесул цӏакъ хӏурмат гьабула, гьезие гьев ккола къадру тӏадегӏанав инсанлъунги, ритӏухъаб ва бахӏарчияб журналистикаялъул игӏланлъунги, жив вижараб ракьалъул унго-унгояв вакиллъунги. Гьес пана гьабула бокьараб аудитория гӏагараб Дагъистаналъул бицунаго».

Гӏумаргӏусман Хӏажиев («Дагъистан» басмаханаялъул директор):

«Дагъистаналъул гьанжезаманалъул захӏматаб тарихалъул лъугьа-бахъиназул коронив вукӏана Гӏали Камалов журналист, политик ва жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда. Гьес киданиги бахчичӏо жиндирго пикру, кигӏан гьеб нухмалъулезе ва къимат-къадруялда ругезе дандекколеб гьечӏониги. Гьелъ гьев кидаго лъалхъизавичӏо.

Дица рикӏкӏуна, гьесул гӏамалалъул бищун аслияблъун кколин къвакӏи ва цебелъураб масъала тӏубазелъун, сункьаго къачӏого, цеве ин».

Денга Халидов (политолог): «Ахирисеб 25 соналда жаниб гӏемерал политикиялги жамгӏиялги лъугьа-бахъинал ккана республикаялда. Амма Гӏали кидаго хутӏана жанисеб эркенлъи цӏунарав чилъун. Дагъистаналъул нухмалъиялдаги гьеб бихьичӏого хутӏизе рес букӏинчӏо. Чанцӏулго хӏалбихьана гьев къуркьизавизе, гьев чӏвазе хиялалцин гьаруна, гьесде бана рогьразул гъегъ, амма гьесухъа цӏунун бажарана доб жанисеб рацӏцӏалъиги жиндирго къадруги.

Дир ракӏчӏола, Дагъистаналда эркенаб журналистика ва эркенаб пикру цӏуниялъулъ аслияб бакӏ Гӏали Камаловас кколеблъиялда».

Зикрула Илясов (Россиялъул халкъазул Ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул председатель):

«Республикаялъул жамгӏиябгун политикияб ва информациялъулаб гӏумруялда пресса цӏунулев жигарав хӏаракатчи вуго Гӏали Камалов. Араб гӏасруялъул 90-абилел соназда, редакциязе гӏарац мукъсанлъараб заманалда, жиндиего зарал ккеялдасаги хӏинкъичӏого, гьес банказдаса къарзалъ гӏарац босана. Гьедин гьес цӏунана магӏарул газеталъул редакция гуребги, цогидал миллиял газеталги. Гьес цӏикӏкӏинабуна Журналистазул союзалъул хӏаракатги – 26 соналъ гьелъиеги нухмалъулеб буго Гӏалица».

Качар Хӏусейнаева («Илчи» газеталъул бетӏерай редактор):

«Гӏали Камалов – тӏад кӏалъазе рагӏи гьечӏев, хӏажат вугин ахӏидал, ва ахӏичӏониги кумекалъе ватулев гьудул. Гьединлъидал чӏухӏула, цого пикруялъул, гӏумруялде ритӏухъаб бербалагьи бугел Дагъистаналъул машгьурал васазул кьерда ятиялдаса.

Гьесул рекӏел жанги жигараб хӏаракатги халатал соназ жеги гӏеме-гӏемерал лъикӏал ишазе гӏела – гьеб гьарула ракӏ-ракӏалъ дица Гӏали Ахӏмадовичасеги».