Цӏумадаса хъвалеб буго
Гъоркьиса лъикӏаб хӏалтӏи гьабуна Болъихъа Агъвалибе унеб шагьранухда
Гьигьалъ-гӏурухъе щвезегӏан гӏатӏид гьабун ва хъил тӏун рагӏалде бахъана нух. Исана Гьигьалъ-гӏурухъа Агъвалиб бугеб полициялъул посталде щвезегӏан, 6 километралъул манзилалда, хъил тӏезе ракӏалда буго, гьелъие харж гьабизе гӏарацги бихьизабун буго. Гьеб хӏалтӏи, Аллагьас хъван батани, риидалиде тӏубазабизе пикру буго гьеб иш тӏаде босараб идараялъул.
Гӏадамазе гьелъул бугеб санагӏалъи гьечӏолъиги бихьун, цӏияб соналъ районцоязе сайгъат хӏисабалда, гьеб нух къачӏазе нигат ккана вацал Ахӏмад ва Мухӏамадзагьид Давудовазул. Пачалихъалъул кинабгӏаги кумек гьечӏого гьев кӏиявго вацас жидерго харжаздалъун къачӏалеб буго нух. Къойил микьго машинаялъ баччулеб буго Тӏисси-Ахикьа чабахх, грейдералъ битӏизабулеб буго нух, нухда бачунеб буго михир. Хъил тӏун рагӏалде бахъинегӏан нух къачӏазе кколеб идара хъил тӏезе тӏаде босаралги кколелъул, нужеца щай гьеб нух къачӏазе тӏаде босарабилан гьикъидал, Ахӏмад Давудовас абуна жиндирги Мухӏамадзагьидилги нигат кканин, Аллагьасе гӏоло, гьеб нух, хъил тӏун рагӏалде бахъинегӏан, гӏадамал ва машинаби хьвадизе бегьулеб хӏалалда чӏезабизе. Гьез гьеб хӏалтӏи гьабизе байбихьидал, хъил тӏезе тӏаде босараб идараялъги, кумек хӏисабалда, гьенибе битӏана кӏиго тонна цӏатаридул, грейдер ва михир. Радал сагӏат 7-ялдаса маркӏачӏул мех щвезегӏан хӏалтӏула гьенир Ахӏмадил ва Мухӏамадзагьидил хӏалтӏухъаби. Гьелгун цадахъ кӏвахӏ гьечӏого гьезие нухмалъи ва малъа-хъваял гьарулел руго «Дорстройсервис» ОООялъул нухмалъулесул заместитель Нурмухӏамад Гӏалиевас.
Нухлухъ балагьизе щварав районалъул бетӏер кутакалда рази хутӏана гьезул хӏалтӏудаса ва баркалаги загьир гьабуна гьезие. Районалда тӏоритӏулел тадбиразулъги кӏудияб гӏахьаллъи букӏуна гьев кӏиявго вацасул, ккараб бакӏалда кумекалъеги ратула гьел.
Кӏиявго вацас гьабурабщинаб лъикӏлъи, Аллагьасда цере щведал, нухде бараб тӏех гӏадин батила.
Гӏубайдула Малачдибиров