Кӏочон тараб тарих, рехун тарал памятникал
Глобализациялъул гӏасруйин абулеб гьаб заманалда киса-кирего нухалги рагьараб, бокьараб пачалихъалде щвезе ресги бугеб мехалда, гӏадамал унел руго батӏи-батӏиял улкабазде, цогидал халкъазул гӏумру бихьизе, тӏабигӏиял, культуриялгун тарихиял памятникал рихьизе, гьединго хӏухьбахъи гьабизеги. Туризм цебетӏолеб буго тӏолабго дунялалдаго. Гӏемерал улкаби руго туризмалдаса щолеб хайиралъ экономикаялда кӏудияб бакӏ кколел. Масала, Гӏарабазул Цолъарал Эмиратал, Турция, Греция, Египет, Таиланд, Италия, Грузия ва гь. ц.
Дагъистаналда туризм цебетӏезабизе кколин, гьелъие ресал ругин абулеб, бицунеб буго республикаялъул нухмалъиялъги туризмалъул идараялъги. Хӏакъикъаталдаги, къватӏиса рачӏарал гьалбадерида, туристазда бихьизе чанги тӏабигӏиял, культуриялгун тарихиял бакӏал руго нилъер гьанир. Амма…
Республика байбихьула
тахшагьаралдасан
Дагъистаналде вачӏунев турист тӏоцеве рещтӏуна Махӏачхъалаялда, гьенисан уна тӏасабищараб маршруталда рекъон. Рачӏана туристал тахшагьаралде, щиб бихьизе бугеб гьезда республикаялъул аслияб шагьаралда? Нилъецаго рехселин гьоболасда, вачӏарав туристасда бихьизе бугеб тахшагьаралъул «хӏикматал»: — гвендахарал, чорокал къватӏал, киса-кирего кьишни-къулалъул гъунал, чияс гьава цӏазецин рес гьечӏеб хӏалалда цоцалъ гъункун рарал гӏемертӏалаял минаби, лъелго унесецин нухги къварид гьабун тротуаразда рарал тукаби, киоскал. Изну букӏунги гьечӏогоги, кинабгӏаги архитектурияб магӏна-гӏин гьечӏого цадахъго ралел руго нус-нус гӏемертӏалаял минаби. Кидаялиго Северияб Кавказалда бищун гӏурччинаблъун букӏараб шагьаралда минаби ралаго къотӏун лъугӏизарурал гъутӏби. Миллионгӏан чияс гӏумру гьабулеб шагьаралда гӏураб къадаралда гьечӏел хӏухьбахъиялъе санагӏатал паркал, скверал, газонал. Гӏадамаз гӏумру гьабулел гӏемертӏалаял минабазда цун рарал заправкаби. Нухазда хьвадиялъул низам цӏуничӏого, нух къотӏун унев чиясе рес кьолареб хӏалалда къватӏахъан хъамулел машинаби. Шагьар бакьулъ ругел базарал, гьел сабаблъун лъугьунел хӏалкъаял, сверухъ квешаб махӏ. Ралъдал рагӏалда тӏибитӏун бугеб Махӏачхъалаялда эркенго ралъдахъе инецин рес гьечӏо. Каспийск шагьаралъул рагӏалдаса Чӏегӏерал ганчӏал абураб бакӏалде, гьенисаги Сулахъалде щвезегӏан рагӏаллъаби ккун руго, абухъего, дагьабго бугониги горбода рухӏ речӏчӏарал цӏиял дагъистаниязул минабаз-хъулбуз. Каспий ралъдалъе чвахулеб шагьаралъул канализациялъул бицинего ккеларо. Хӏасил, республикаялъул тахшагьаралъул «берцинлъабазул ва тӏокӏлъабазул» бицун хӏалкӏвеларо. Къокъго абуни, хӏалкъараб, нечараб ва намусаб сурат буго республикаялъул гьумерлъун букӏине кколеб тахшагьаралъул. Гьеб кинабго бихьарав туристасе кинаб асар гьабизе бугеб, вачӏинадай гьев нахъеги нилъехъе, щибдай гьес бицина тӏадвуссарабго?
Дербенталдаса тарих кӏудиял
росаби руго магӏарухъ
Гӏодоблъиялъул Дагъистаналда туристал, гьайгьай, тӏоцере Дербенталде щвела. Кӏиазарго сон тӏубаялъул юбилеялде федералияб ва республикаялъул бюджеталдаса таманабго гӏарацги харж гьабун Дербент шагьарги Нарын-хъалаги къачӏана. Юнескоялъ тӏолгодунялалъул культурияб кӏваралъул памятниклъун лъазабураб бакӏ къачӏайги, гьеб нилъер букӏинги лъикӏ буго. Дербенталда руго гьалбадерие гостиницабиги, культуриял идарабиги, хӏухьбахъизе бакӏалги, гьанжесеб къагӏидаялъ абуни, хӏажатаб инфраструктура.
Республикаялде рачӏарал туристазе бокьила мугӏрузде, магӏарул росабалъе щвезеги, Дагъистан цохӏо Дербент гурелъулха. Магӏарухъ ругелъулха росаби жидер тарих Дербенталдасаги кӏудиял.
Рахъана туристал магӏарухъе ине нухда. Гьанибги абизе кколеб буго гъобго, «амма» абураб рагӏи. Магӏарухъе рачӏунел туристазул нухда тӏоцебе бер речӏчӏула Чӏикӏаб, Рихьуниб, Гьоцӏалъ, Гъуниб ГЭСазул хӏоразда. Рорхатал мугӏрузда гьоркьор циндаго цере рехун рачӏунел гьел хӏораз сверухълъиялдаго гугьар базабун буго. Гьел хӏорал рихьидал лъугьараб лъикӏаб асар циндаго ссун уна хӏорида тӏад лъедолел ругел пластикалъул шушбиги, щибали батӏабахъизе лъалареб ришни-къулги бихьидал. Гьеб бихьарав туристас кинаб къимат кьезе бугеб нилъер «культураялъе», рацӏцӏа-ракъалъиялъе. Нухда рачӏунаго кӏиябго рахъалъ гӏодоре ран ругел кванил хутӏелазул, пакетазул, батӏи-батӏиял шушбузул рехсечӏого толеб буго.
Квешги лъикӏги щвана туристал магӏарухъе, масала, Кӏаратӏе, Мелъелтӏе, Цӏурире яги Кидероре. Гьел рещтӏине, щуго цӏваялъулин абиларо, хӏатта гӏадатиябниги гьалбадерил рукъзал – гостиницаби ругищ? Гостиницаби ругеб кӏиго-лъабго райцентралдаги ругин абун цӏар букӏин гурого, багъилал бакӏал гьенир гьечӏо. Кинаб районалда бугеб дагьабниги ярагьунеб инфраструктура? Гьалбадерида цебе рехун бачӏине буго нилъер мискинлъи, рухӏияб хъарцинлъи. Районазде рачӏарал туристал росабалъе, тарихиял бакӏазде кин ине ругел, лъица гьезие бакӏалъулаб тарихалъул бицине бугеб?
Чӏунтулел памятникалги рихьила
Тарихиялгун культуриял памятниказдалъун бечедаб буго магӏаруллъи. Цӏакъго хашаб буго гьел цӏуниялъе гьабулеб тӏалаб-агъаз, букӏине кколеб бербалагьи гьечӏолъиялъ гьел чӏунтулел, тӏагӏунел руго. Гьанжеялдаса лъеберго-кӏикъого соналъ цебецин Авар ва Гӏанди гӏурул жанирлъабаздагун щобазда, Гуржиязул гӏорхъоде щвезегӏан рукӏана анцӏ-анцӏ хъаравуллъиялъулгун ахӏиялъулал сиял. Гьанже цӏунун хутӏун руго Анцухъ, Мусрухъ, Муни, анкьго си букӏараб басрияб Гьоориб хутӏун буго гӏицӏго кӏигояб. Чанги тарихалъе кӏвар бугеб, культураялъулгун искусствоялъул памятникал, цӏулада ва ганчӏида гьарурал накъишал, жеги жидер магӏна баянлъичӏел хъвай-хъвагӏаял, эпиграфикиял памятникал лъалкӏ течӏого тӏагӏине тана жакъа чӏунталиде руссун ругел магӏарулазул кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун росулъ! Гьеб жо тарихалда цебе гьабураб такъсир кколарищ?
Некӏсияб сипат лъугӏулеб буго гьанжесел магӏарул росабазул. Некӏсияб архитектураялда рарал минабицин къанагӏатги хутӏулел гьечӏо. Щай бегьулареб жаниса гӏадамалги ун чӏунтӏизе тарал, мисалалъе Шамил районалъул Къахӏиб Бакъда, Цӏумада районалъул Ангъида, Акнада, Гъуниб районалъул Гъамсукь росаби цере рукӏараб хӏалалда къачӏан, цебесеб умумузул архитектураги росабазул сипатги цӏунун памятникал гӏадин чӏезаризе. IХ-Хӏ гӏасрабазда гуржиязул миссионераз магӏарухъ насранияб дин тӏибитӏизабулелъул бараб гьатӏан (килиса) буго Шамил районалъул Датуна росдада аскӏоб. Дагъистаналда цого-цо бугеб гьебги, тарихиял памятникал хӏисабалда къачӏани, къватӏиса рачӏарал туристазеги гьелъул интерес букӏина. Махӏачхъала-Хӏебда нухдаса нусго метр гурого килисаялде аскӏобе гьечӏелъул, гьенибе гӏадамал ине квегӏенаб нухги гьабизе бегьула.
Цересел памятникал цӏуниялда цадахъго цӏиял памятникалги разе ккола.
Нилъер тарихалда кӏвар бугел лъугьа-бахъинал ккарал Хицӏиб майданалда ва Ахӏулгохӏда аскӏор рагьун руго мемориалал. Гьеб лъикӏ буго, тӏаде рачӏарал туристазеялдаса гьезул асар цӏикӏкӏараб букӏина нилъер гӏолеб гӏелалъе патриотикияб тарбия кьеялъе.
Кавказалъул рагъул заманалда кьалул майданлъун букӏана магӏаруллъи. Магӏарулазул тарихалда хасаб бакӏ ккола ХӀX гӏасруялда букӏараб халкъалъул къеркьеялъ. Щай бегьулареб гьеб рагъул заманалда магӏарулаз бахӏарчилъиги къохӏехьейги бихьизабурал цо-цо бакӏазда кинаб бугониги ишара, хъвай-хъвагӏайгун памятникал лъезе? Гьел лъезе бегьила Аргъвани, Хьаргаби, Уллухъала букӏараб бакӏалда, Тӏарада Инхело, Тӏелекь, Чӏохъ, Кӏитӏури….
Кавказалъул рагъ лъугӏун хадуб пачаясул Россиялъ рана хъулби Болъихъ, Гъуниб, Хунзахъ, Къородисезул кьода. Магӏарулазда тӏад кверщел гьабиялъе гӏоло ран рукӏаниги, гьанже гьел ккола заманалъул, тарихалъул бутӏа лъун. Жакъасеб къоялда гьезул расги лъикӏаб хӏал гьечӏо, чӏунтун унел руго. Памятникал хӏисабалда къачӏазеги къачӏан, гьенир рагьизе бегьилаан музеял.
Къокъаб шаригӏаталъул заманалда, ай 1877 соналъул багъа-бачариялда хурхунги гьечӏо бараб цониги памятник.
Хӏасил гьабун абуни, туризм цебетӏеялъе республикаялда ресал руго хӏалтӏи гьабуни.
Гӏицӏго хӏажат буго республикаялъул даражаялда мухӏканаб планги бахъун, некӏсияб тарихалъул памятникал цӏунизе. Гьеб мехалда такрарлъи гьечӏеб нилъер тӏабигӏаталде, беричал мугӏрузде рачӏунел туристалги гӏемерлъила.
Пайзула Пайзулаев