…Премьер-министрасде щвезегӏан
Заманалдасаги цеве унев вукӏана гьев
Гӏабдуразакъ Мирзабековасул цӏаралда бухьараб буго араб гӏасруялъул 1987-1997 соназда Дагъистаналъул экономика цебетӏей. Гьеб заманалда цӏарги журналистаз ва аналитиказ лъун букӏана «Мирзабековасулин». Дагъистаналъул цӏияб тарихалда гьесул цӏаралъги ккола цо хасаб бакӏ. Гьев мустахӏикъав вуго республика цебетӏезабиялъулъ жидеца бутӏа лъуразул цебесеб кьерда вукӏине. Хӏалбихьи бугев нухмалъулев, республикаялъул жамгӏияталъ жиндир адаб гьабулев вукӏарав, гӏадатиял гӏадамалгун кӏалъазе лъалев — гьединав вукӏана Мирзабеков. Доб захӏматаб, политикаялда ва экономикаялда кӏудиял хиса-басиял кколеб заманалда, гьев ритӏухъавлъун хутӏана Дагъистаналъеги, дагъистаниязеги, жиндирго ишазеги. Гьесие хасияталлъун рукӏана гӏагараб халкъалда цебе жиндаго тӏадаб борч тӏубай, божилъи, яхӏ-намус цӏуни гӏадал гӏамалал.
Гӏабдуразакъ Мирзабековас захӏматалъулаб нух байбихьана 1961 соналда Каспийскалъул «Дагъдизель» заводалда инженерасул хъулухъалдасан. 1972 соналъул байбихьуда Мирзабеков хӏалтӏизе лъугьана Махӏачхъалаялъул приборал гьарулеб заводалъул директорасул заместительлъун, гьебго соналъул ахиралда тӏамуна Гъизляралъул электромеханикияб заводалъул (КЭМЗ) нухмалъулевлъун. Гьениб загьирлъана гьесул гӏуцӏарухъанлъиялъул махщел. Гьелго соназ гьесие щвана кӏиабилеб тӏадегӏанаб лъайги. Гьес Москваялда лъугӏизабуна КПССалъул ЦКялда цебе бугеб жамгӏиял гӏелмабазул академия. Ва гьенибго цӏунана экономикиял гӏелмабазул кандидатасул диссертация.
1986 соналда 46 сон барав заводалъул директор тӏамуна Дагъистаналъул Министрзабазул советалъул председателасул заместительлъун ва хадуб, 1987 соналда — Дагъистаналъул Министрзабазул советалъул председательлъун. Республикаялъе захӏматаллъун рукӏарал гьел соназ Дагъистаналъул хӏукуматалъул бетӏерлъуда вукӏарав Мирзабековас ракӏбацӏцӏадаб хъулухъ гьабуна дагъистаниязе.
Заманалдасаги цеве унаан гьев
Мирзабековасда цадахъ дун хӏалтӏана 11 соналъ. Ва дица нугӏлъи гьабула Дагъистаналъул промышленность ва росдал магӏишат базаралъулаб экономикаялде бачине гьес гьабунщинаб хӏалтӏуе. Абизе ккола, гьелъул рахъалъ гьев заманалдасаги цеве унев вукӏанилан. Россиялъул цохӏо субъекталъе гьеб букӏана цӏакъго кӏудияб хӏалтӏи ва цебетӏей.
1991 соналъул 21 декабралда букӏараб ДАССРалъул Верховный Советалъул иргадулаб сессиялда «Дагъистаналъул кадрабазул политикаялъул хӏакъалъулъ» абураб докладалда гьес абуна республикаялъул цебетӏей ине бугила капитализмалъул нухдасан.
— Дида кколеб буго киназдаго гурин бичӏчӏулеб бугеб республикаялъул политикияб ва экономикияб гӏумруялда кколел ругел хиса-басиязул магӏна. Жамгӏиябгун политикияб гӏуцӏи хисулеб буго цоги батӏияб гӏуцӏиялъ, ай капитализмалъ. Гьединго кӏудиял хиса-басиял ккезе руго гӏадамазул гӏумруялъулги. Нилъ гьелде рачӏунел руго. Ва гьелде хӏадураллъунги рукӏине ккола, — ян абуна гьес.
Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ гьес хъванги букӏана «Регионы. Экономика. Стратегия. Безопасность» абураб тӏохьода.
Цӏирагьиял
Мирзабековасул жигараб байбихьиялдалъун 1989 соналда гӏуцӏана республика гӏарцудалъун жинцаго хьезабиялде ва самоуправлениялде бачӏиналде хӏадур гьабиялъул хасаб комиссия. 1992 соналде щвезегӏан гьесухъа бажарана Россиялъул бюджеталдаса гӏарац босичӏого, нилъерго налогазул кьучӏалда Республикаялъул экономика хӏалтӏизабизе.
Гӏабдуразакъ Мирзабеков вукӏана цӏакъго гӏадатияв инсан. Данде ккарал гӏадамазда гьев кӏалъалаан гӏодове виччан, цӏехолдулаан, гӏенеккулаан бицунелъухъ, кьолел гӏакълабазухъ. Гьелъ квербакъулаан гьесие хӏалтӏи цебе бачиналъе. Гӏабдуразакъ Мирзабековас хӏукуматалъе нухмалъи гьабулел соназ Махӏачхъалаялда рагьана «Адам-Интернешнл» абураб реччеб гьабулеб завод, Дербенталда риччазе байбихьана «Филлипс» телевизорал. Гӏуцӏана «Мугӏрул», «Юг», «Переселение» социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул программаби, балеб букӏана Рихьуниб ГЭС. Гьединго щулалъана Турциялъулгун, Италиялъулгун, Испаниялъулгун дармилал бухьенал. Гьебго заманалда байбихьана республикаялда щуго эркенаб таможенияб зона рагьиялъе гьарулел хӏалтӏаби: аэропорт, ралъдал порт, «Дагъдизель», «Радиотовары», «КЭМЗ». Гӏабдуразакъ Мирзабековасул жигаралдалъун, Россиялъул батӏи-батӏиял ремонтазда байбихьана рагьизе ДРялъул вакиллъаби. Жакъа къоялде гьел руго 50-ялдасаги цӏикӏкӏун. Хӏадур гьаруна Дагъистаналда халкъазда гьоркьосеб эркенаб экономикияб анкьго зона рагьиялъе документал: «Дагъистаналъул юг ва Азербайжаналъул север», «Ралъдал дармил порт» ва цогидалги. Мирзабековасул жигаралдалъун бана Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялъул мина.
Хӏалтӏуца берцин гьабураб гӏумру
Доб заманалда хӏукуматалда кӏвана Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб гьудуллъи ва цоцалъ рекъон хӏалтӏи цӏунизе. Гӏабдуразакъ Мирзабеков киданиги лъугьинчӏо рецц-бакъалда хадув, къваригӏинчӏо гьесие тӏадегӏанал хъулухъалги, гьелъул гӏаксалда, гьесие бокьун букӏана хӏалхьиялде ине. Гьелъул хӏакъалъулъ гьес лъазеги гьабуна 1991 соналъул 31 августалда тӏобитӏараб ДАССРалъул Верховный Советалъул сессиялда. Гьединаб мисал, Бакътӏерхьул улкабазда цебего гӏадатлъун букӏаниги, Россиялда, хасго Дагъистаналда, 42 соналъ хӏалтӏулев вугониги, дида дандчӏван букӏинчӏо. Амма депутатаз гьеб гьари къабул гьабичӏо.
Мирзабековасухъа бажарана республикаялъул экономикаялъулъ кколел ругел хиса-басиял, цӏилъаби гӏумруялде рахъинаризе, кигӏан захӏматаб заман бугониги. Чӏорогоял тукаби, базарал, мискинлъарал колхоз-совхозал — сунцаниги квалквал гьабичӏо гьесие.
1992 соналъул 21 маялда букӏараб ДРялъул Верховный Советалъул сессиялда гьес абуна заман щун бугин президентас республикаялъе нухмалъи гьабулеб къагӏидаялде рачӏине.
— Раккила цӏиял цӏарал, цӏиял программаби, гӏолохъанал кадраби, аналитикияб бажари бугел гӏадамал. Гьединлъидал цӏилъабиги къваригӏуна нилъее», — йилан абуна гьес.
Гьес кӏвар кьолаан цӏиял кадраби хӏадур гьариялде. 1992 соналъул сентябралда ДРялъул Министрзабазул советалда ишазул Управляющиясул заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав дун щвана гьесухъе республикаялда пачалихъиял хъулухъчагӏазул кадраби хӏадур гьаризе ккеялъул суалгун. Партиялъул идараби риххаралдаса нахъе, гьеб суалалде кӏвар кьолеб букӏинчӏо, гьединал хъулухъчагӏазул махщел камил гьабулеб бакӏги букӏинчӏо республикаялда. Гьединлъидал 1992 соналъул ноябралда Дагъистаналда Министрзабазул Советалда цебе гӏуцӏана пачалихъияб ва муниципалияб хъулухъалъул кадраби хӏадур гьарулеб бетӏераб управление. Гьелъ рес кьуна къватӏисел пачалихъазулгун бухьенал щула гьаризе. Гьединго Гӏабдуразакъ Мирзабековас байбихьана конкурсалда рекъон пачалихъиял хъулухъазде кадраби хӏадуризе. Кадрабазул аттестация гьаби байбихьана Министрзабазул Советалъул ишазул Управлениялъул аппараталъул хӏалтӏухъабаздасан. Гьеб иш дагьабги цебетӏуна Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевасул заманалда.
Дагъистаналъул диагностикияб центрги рагьана Мирзабековасул жигаралдалъун. Доб заманалда унтарал цӏакъго гӏемерлъун рукӏана, больницабазда регизе бакӏал гӏолел рукӏинчӏо.
Гӏадатиял гурел ишазул
гӏадатияв дагъистанияв
Гӏабдуразакъ Мирзабековасул гӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб махщелги хӏалбихьиги бихьун, Россиялъул хӏукуматалъ гьев тӏамуна Балтиялъул улкабазда Россиялъул вакиллъун. Ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ гьесие щвана «Захӏматалъул Багӏараб Байрахъ» ва «Хӏурматалъул гӏаламат» орденал, ДРялъул Хӏурматалъул грамота, медалал.
Гӏабдуразакъ чӏвазе къасд гьабуна лъабго нухалда. Гьев гӏумруялдаса ватӏалъана 2008 соналъул 17 июлалда.
Зикрула Илясов