Лъаратӏа районалъул тӏадиял росулъа рагъде ана 28 чи. Гьезул цояв, 18 сон барав Гӏалил Гӏусманил Рамазан армиялде ахӏана 1940 соналъул ихдал. Гьес хъулухъ гьабулеб букӏана типлис шагьаралда, гӏарадачагӏазул полкалда. Кӏудияб ватӏанияб рагъ байбихьараб мехалда полк ккана ункъабилеб украинаялъулаб фронталде.
1945 соналъул ихдал эбел-инсухъе бачӏана кьалул майданалда вас хванин абураб кагъат. Гьеб гурони, батӏиял баянал гӏагарлъиялъухъ рукӏинчӏо. Рамазанил къисматалъулги, бахӏарчилъиялъулги, гьесие кьадар щвараб ва вукъараб бакӏалъулги мухӏканлъи лъана интернеталдасан.
Тбилиси шагьаралдаса байбихьараб Рамазанил рагъулаб нух халат бахъана Польшаялъул Краковшагьаралде щвезегӏан. Гвардиялъулав гьитӏинав сержант Рамазан Гӏусмановас рагъда живго вихьизавуна лебалав, хӏинкъи гьечӏев солдатлъун. Гьев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе ва командирзабазул реццазулал кагътазе.
Рагъулаб шапакъаталъе гьев вихьизавураб буюрухъалда хъван буго: «1944 соналъул 7 маялда Крымалъул Балаклава шагьар фашистаздаса эркен гьабулаго рукӏарал рагъазулъ, красноармеец Гӏусманов Рамазаница лъукъарав гьалмагъ хисун гӏарадаялдаса гӏужилаб кьвагьи лъуна ва тушманасул щулалъи щущахъ биххизабуна. Гьелъул хӏасилалда рес щвана кьвагьдохъабазул полкалъе гьужумалъ цере ине. Бихьизабураб гьунаралъухъ Гӏусманов Рамазан мустахӏикълъана « За Отвагу» медалалъе».
Рагъ байбихьилалдего армиялда хъулухъ гьабун вукӏиналъги батила, Рамазан вукӏана гӏарадаялдаса гӏужилго кьвагьдезе бажари бугев солдат. Гьев вукӏана гӏарадачагӏазул расчеталъул командир.
Рагъулаб нухда чанги батӏияб захӏмалъи бихьана магӏаруласда.
Чанцӏулго лъукъун госпиталаздеги ккана. 1945 соналъул 28 январалда Польшаялъул Йорданув шагьаралда унел хӏалуцарал рагъазулъ Рамазан Гӏусмановас бихьизабуна иргадулаб бахӏарчилъи.
Гьелъухъ кьураб «Орден Славы» шапакъаталъул буюрухъалда хъван буго: «Йорданув шагьаралда аскӏор унел рагъазулъ красноармеец Гӏусманов Рамазан тӏоцеве кӏанцӏана тушманасул окопахъе ва квержубараб рагъда тӏагӏинавуна фашистазул лъабго солдат, живгоги лъукъана».
Сахлъун хадув Рамазан ккола батӏияб полкалде. Кватӏичӏого, 12 марталда, иргадулаб гьужумалда Рыхулд росдада аскӏор рукӏарал вахӏшиял рагъазда гьес жиндирго гӏарадаялдаса лъураб гӏужилаб кьвагьиялъ тушманасул дзот ва кӏиго пулеметалъулаб расчет тӏагӏинабуна. Гьеб гьунаралъухъ Рамазан мустахӏикълъана «Красная Звезда» орденалъе. Бахӏарчияв солдатас армиялда хъулухъ гьабуна тӏубараб щуго соналъ. Амма пайда щибха, гьесулги къисмат батана, рагъ лъугӏизе чанго къо хутӏараб мехалъ къанщрал аза-азар советиял солдатазулго гӏадаб. 1945 соналъул 16 апрелалда иргадулаб гьужумалда захӏматго лъукъарав Рамазан къадаралде щвана. Гьеб букӏана, документазда хъвавухъе, рагъда Рамазанида щвараб лъабабилеб ругъун. Рагъ лъугӏизе хутӏун букӏана 15-20 къо. Вукъун вуго Польшаялъул Краково воеводствоялъул Поломя росдал хабалалъ. 23 сон байдал хварав Рамазан кӏочон гьечӏо гӏагараздаги росдал жамагӏаталдаги. Гьесул цӏар лъуна гьесул вацгӏал, рагъул ветеран, кӏиго «Багӏараб Цӏва» орденалъул кавалер Тӏинахӏажиясул Сагӏидбегица ва гьесул вас, дунялалда цӏар рагӏарав тохтур, Италиялъул «Сапиенса» университеталъул профессор Жалалудин Сагӏидбеговас жидерго лъималазда.
Баркала буго Рамазан Гӏусмановасулги жеги анцӏ-анцӏ рагъда тӏагӏаразулги тӏадруссаразулги баянал ралагьизе кӏудияб хӏалтӏи гьабулев, Ибрагьимотар росдал школалъул учитель Мурад Хӏусеновасе.
Кӏудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тӏубаялъул юбилеялде гьес гӏагараб школалда гӏуцӏулеб буго рагъда тӏагӏаразул къисматалъул ва гьунаразул бицунеб тадбир.