Гьаб иш ккана Кӏудияб ватӏанияб рагъул заманалда. Местӏерухъа Асхӏабов тажудин вукӏана Румыниялъул ракьалда. Тажудин вукӏана гӏараб гӏелму лъалев гӏалимчи. Цо нухалда, немцазул гучги цӏикӏкӏун, нилъер аскарал нахъе къазе ккана. Киналгоги нахъе ун, кӏудиял тӏалабазда гьоркьов, как кватӏизе гурилан, ракьуца таямумги гьабун, как базе лъугьана тажудин. Какие салам кьезе цояб рахъалде вуссарав гьесда 40-50 рагъухъан вугеб немцазул къокъа бихьана тӏаде щолеб. Кумекалъе чиги гьечӏого живго цохӏо хутӏарав гьес лъутизе хивал гьабуна. Амма иман бугев чи вукӏиналъ, «Лъутун киве дун ворчӏилев? Аллагьас хъвараб жо бихьичӏого хутӏуларо. Щиб лъалеб Аллагьас щиб хъван бугебали», — ян пикру гьабуна.

Тажудиница автомат босана ва речӏчӏаризабуна. Гӏемерисел чӏвана, чӏаго хутӏарал лъутун ана. Амма цӏидасанги рачӏине лъугьана немцал. Тажудинихъа гулла-хер лъугӏана. Чара тӏагӏарав гьес Аллагьасда гьарулеб букӏана жив хвасар гьавеян, устарзабаздеги ахӏи бана кумек гьабеян. Цойидасан Тажудинида немцазул гаргар рагӏизе лъугьана. Бетӏер борхун балагьарав гьесда цояс граната бахъулеб бихьана.

Лахӏзаталдасан гьесухъ кодобго граната кьвагьана ва кӏиявго немцавги чӏвана. Бигьагьавун гьезде аскӏовеги хъурщун, кӏиясулго автоматалги росун, гьезул горбода рукӏарал сумкабиги рахъун, Тажудин тӏад вуссана.

Гьес санагӏатаб бакӏалда щулалъи ккуна ва лъутун унел тушбабазда хадуб автоматалдасан чӏер барсизабуна. Щобде нахъе щвезегӏан нахъе балагьичӏого тӏурана чӏаго хутӏарал немцал. Дов чӏварав кӏигоясул сумкабазухъин абуни Тажудинида автоматалъул кӏи-кӏи рожокги батана. Палхӏасил, щуябго диск лъугӏизегӏан гъурана гьес фашистал.

Живго хвасарлъиялъе Аллагьасе щукруги гьабун, щукрудал какги бан, гьес Бетӏергьанасда гьарулеб букӏана: «Я, Бетӏергьан Аллагь, киданиги дица гӏадамасе зарал гьабичӏо, гьадалгощинал фашистал чӏвай дица гьабураб гъазаватлъун рикӏкӏеха, Аллагь», — абун.

Гьеб заманалда нилъер аскар тӏад буссун бачӏана. Цеве-цеве вукӏарав командирасда жиндирго как-диналда

Тажудинги вихьана. Аскӏовеги ун, командирас гьесда гьикъана: «Ты у немцев был?» — ан. «Бил», — ан абуна Тажудиницаги. «Расстрелять подлеца!» — ян буюрухъ кьуна командирас.

Цевеги къотӏун, чӏвазе вачун унев Тажудин вихьана полкцояв хунзахъесда. Гьес гьикъана щиб ккарабин.

— Дуца немцал чӏванищилан командирасги гьикъана, чӏванилан дицаги абуна. Гьанже киве вачунев вугевали дидаги лъаларо, — ян жаваб кьуна Тажудиница.

Палхӏасил, полкцояс цӏех-рех гьабуна ва баянлъана гӏурус мацӏ лъангутӏиялъ Тажудиние тамихӏ гьабизехъин букӏин.

— Тажудин, хирияв вац, «был» абурабги «бил» абурабги рагӏабазул магӏна батӏи-батӏияб буго. Гьанже гьеб нилъеца рекъа-решезабилин, рилълъа командирасухъе…

Хунзахъес командирасда бицана Тажудиница жиндаго бицараб жо -гьадалгощинал фашистал чӏварав чи Тажудин вукӏин: нилъ киналго нахъекъалеб заманалда как балев живго Тажудин хутӏиялъулги патроназул щуго рожок лъугӏизегӏан немцал гъуриялъулги.

Цо-цо гурого рожокги (диск) кьун букӏинчӏин рагъухъабазухъе, гьесие щугояб киса щвараб, гьес гьереси бицунеб батилин командирас абидал, тӏалабазда нахъа лъун рукӏаралъуса щуго дискги лъабго автоматги Тажудиница хунзахъесдаги командирасдаги цере рехана. Хунзахъес командирасе таржама гьабуна местӏерухъес бицараб.

— Ох, дурак! Чуть не убил я Героя Советского Союза! Ты же герой! Через неделю получишь звезду Героя! — янги абун, командирас жиндирго заместителасе буюрухъ кьуна Тажудиние Бахӏарчиясул цӏар кьезе материал хӏадуреян…

Амма Тажудиние Бахӏарчиясул цӏар щвечӏо, кире ккаралали лъачӏого тӏагӏана хӏадур гьарурал кагъталги. Гьезул тӏалаб гьабизе гӏурус мацӏ лъалебги букӏарабани, цӏар-рецц хӏажатав чи Тажудинги вукӏаравани, Гӏахьвахъ районалда цоги Бахӏарчи вукӏинаан.