Рада-радал хӏалтӏуде уневщинахъе, вореха дир вас, цӏодорго вукӏайилан малъа-хъвай гьабула эбелалъ дие. Дицаги эбелалъ малъухъе гьабизе хӏаракат бахъула. Гӏурччинаб канлъи бакараб мехалда гурони нухги бахунаро, нухлул ракьанчӏван гурони хьвадизеги хьвадуларо, маршруткаялде тӏаде вахунелъулги гъоркье рещтӏунелъулги рахъ-рахъалде бералги речӏчӏизарула.

Гьаб нухалдайин абуни, къосун ккана, малгӏун иблисалъ мекъи рехана.

Маршруткаялъухъ валагьун чӏарав дун, нухлул ракьанда гурев, дагьав цеве гьункьун чӏун ватана. Гьебгиха, дидаго лъачӏого. Циндаго бихьана, пири гӏадин боржун бачӏунеб, «Джип» машина. Лъикӏалъегӏаги батагихайилан пикру гьабизехъин вукӏаго, бугоха гьединабго цоги «Джипги», гьебго хехлъиялда данде бачӏунеб. Гьел «Джипал» цоцазда дандречӏчӏизе кколаан. Амма цояб «джипалъулас» жиндирго айгъиралъул руль дун вугеб рахъалде сверизабиги, гьелъул капоталда тӏад дун рещтӏиги цадахъ ккана. Гьебго лахӏзаталда жаниб гьаб цояб «Джипалъул» хьолболъ доб цояб «Джипги» речӏчӏана. Гьаб «Джипалъул» капоталдасанги воржун, дун доб цояб «Джипалъул» нуцӏида речӏчӏана. Лъикӏго бетӏер тункиялъгӏаги батилаха, ккара-тараб бичӏчӏуларого гӏадин лъугьана.

Амма цо чанго хьабалахъгӏучӏги кваранаб рукьги бекараблъи якъинго бичӏчӏана. Хӏал лъазе теларилан, тӏадеги вахъун, цоцалъ хурхун чӏарал «джипазул» хважаинзабазде гьоркьове лъугьине хӏаракат бахъана. Сабру гьабе, гӏолохъаби, сабруянги ахӏулаго, дун цояв цоясдаса ватӏа гьавизе тӏаделъана. Инсуца абулаан «гьоркьове лъугьиналдаса бокьове лъугьинго лъикӏаб букӏунин» абураб кици бугила магӏарулазул. Цо чанго бакӏаб зар щвараб дир гьагаб гвангвараялдаса гьарзаго би чваххизе лъугьана. Берги бачӏана гьорон- бегьуларо гъарималда гьури хъвазеги, мамент хъахӏиллъула.

Гьеб параялъ дида ракӏалде щвана магӏарул газеталда хӏалтӏулев вукӏарав, мунагьал чураяв Мухӏамадсултӏан Шахтамановас бицун букӏараб цо лъугьа-бахъин.

Араб гӏасруялъул 90-абилел соназда модаялда рукӏана чӏарадисел, гьезде данде гьункьизе лъиего бокьулароан. Палхӏасил, Чӏарадаса гӏолохъаби цоцалъ кьабгӏезе ккун руго. Маслихӏаталъе гьоркьове лъугьун вуго цояв. Гьоркьове лъугьарасда цӏикӏкӏун щолеб гӏадатищ букӏунебали лъаларо, цояс кьабураб жоялъ цӏан витӏун лъун вуго гьев. Цо заманалдасан вигьа-вичун вачӏиндал, гьес абурабила «гьа, гьанже щибха алъул ккарабилан». Гьелъухъего, «джипалъулазде» гьоркьове лъугьарав дунги, чанго щулияб ударалдаса хадув, хварав гӏадин ауталде ккана. Лъавуде вачӏиндал, ГАИялъулги, милица-полициялъулги ва дида лъаларел цоги хъулухъазулги хӏалтӏухъаби ракӏарун ратана гьенире. Кӏиявго «Джип» рекӏарас, дидехун килщалги ритӏун, цо ричӏчӏуларел жал рицунел рукӏана. Гьеб параялъ полицаяз, тӏадги речӏчӏун, цояб бекараб, цогидаб бекизе къачӏараб кӏиябго кверги нахъехун кьурун, дун жидерго бобикалъув къазавуна. Больницаялдегӏаги вачунев ватилинха талихӏкъадазилан пикрабиги рачӏунаан мех-мехалъ, амма нахъехун квералги рухьун гьениве вачунеб къагӏида жеги бихьун букӏинчӏелъул, сундаялиго щаклъулевги вукӏана. Цо заманалдасан щвана, Ленинил лъаларо, Кировасул лъаларо, цӏар лъураб полициялъул отделениялде. Гьениб, цо къваридабго кабинеталъувеги вачун, жужахӏалъул хъаравул гӏадав цо согӏав чияс байбихьана сурав босизе.

— Гьая, бихьинчи, бице щиб дица дуе гьабизе кколебали?- ян гьикъана гьес, гъажалда рарал цӏвабзазда кверги бахъун.

— Дида щибго бичӏчӏуларо, ккараб жогӏаги щиб? — ан кӏалъана дунги.

— Дудайищ бичӏчӏулареб? Дица бичӏчӏизабила гури! — ян хьвагӏун бачӏараб хъапазгӏанасеб хъаравуласул заралъ зодове «воржизавуна», дагьав цевегӏан ракьалда хъурщулев вукӏарав дун. Гьев ментасул гъажалда рарал цӏваби гӏадал жал паркъезе лъугьана берда цере.

— Ма, гьабги цӏале, гъоркь гъулбасги гьабе, бандит, — иланги абун, гьес дида цебе рехана тӏомгӏанасеб кагъат.

Гьелда хъвараб цӏалидал иргадулаб нухалъ лъавудаса ине дагьалъ хутӏана. Амма, хӏалалъ яхӏги гьабун, ахиралде щвезегӏан цӏалана «къиса». Гьелда хъван бугоан гьадин:

«Пуланаб къотӏносан бачӏунеб букӏана пуланав милиционерасул машина. Гьелда цевеги кӏанцӏун, пуланав чияс, ай дица, гьелъул капот хвезабуна, гьеб малаца бухана. Милиционерасул машина хӏакъир гьабулеб бихьана, жиндирго машинаялдаги рекӏун аскӏосан унев вукӏарав, прокуратураялъул хӏалтӏухъанасда. Гьеб хӏехьезе кӏвечӏев прокуратураялъул хӏалтӏухъан кумекалъе вортана. Амма дов чи, ай дун, чӏезавизе кӏвечӏо ва прокуратураялъул хӏалтӏухъанасул машинадул нуцӏа заруца бухун хвезабуна. Нуцӏида зарал ралаго, гьесул, ай дир, рукьги бекана. Гьеб гӏечӏого, бекизегӏан жиндирго бетӏер кьабгӏунги, дорожни хулиганас «хвалилаб ругъун» лъуна кӏиябго машинаялда.

«Гьеб кинабго ритӏухъ гьабула, гӏайибалъе тӏуванго мукӏурлъула ва кӏиябго машина бецӏизе тӏаде босула». Гьедин хъван бугоан дица гъоркь гъулбасине кколеб тӏанчил ахиралда.

— Гьанже бичӏчӏанищ дуда? — ян тӏаде гьункьун вачӏана рокьукъав милиц.

— Бичӏчӏана, бичӏчӏунгутӏизе эниб щиб бугеб? Амма дихъа, кьварун вакъварав, харжалъул бадиве валагьун, гӏумру тӏамулев мискинчиясухъа, гьеб зарал бецӏун бажаруларо, — ян жаваб кьуна дица.

— Бецӏун бажаричӏони — бецӏаб туснахъ!- илан диде тӏаде цӏавуцӏахъдана довго чи. — Лъабго гургинаб лъагӏел.

Палхӏасил, иш ккана судалде. Чӏухӏарал цӏороберазда тӏасан дихъги валагьун, судияс лъабго соналъ «санаториялде» витӏизе хӏукму гьабуна.

Гьалеха, «хӏухьбахъулев» вуго ва «хӏухьбахъулеб» бакӏалдаса гьаб макъалаги хъвана.

Бокьарас цӏалила, рихарас, бихъун, нахъе рехила казият.

Амма, бихъилелде, гьаб дир насихӏаталъулаб чанго мухъгӏаги цӏаличӏого тоге:

«Гьудулзай, жидерго нухда унел машинабигун воре киданиги рагъуге ва нухлул ракьандасан гурони, кьвагьун хваниги, галиги бахъуге».