Ахираб заманалда дунялалда кколел лъугьа-бахъиназул хӏисабги гьабун, харабаз ракӏалде щвезарулел руго жидерго лъимерлъиялъул захӏматал сонал. Гьаб халкъул гӏаламалда гӏаданлъиги къохӏехьейги щибали бичӏчӏизе ва Аллагьас кьураб нигӏматалъухъ щукру гьабизе баккараб жо батилин, кибго тӏибитӏараб, унтиян угьун биччала гьез.

Къватӏисел улкабазда карантинги лъазабун, гӏадамал рокъор чӏезарулел рукӏин лъайдал, хӏикматаб хъантӏи тӏатана цо-цо гӏадамазулъ. Рихха-хочун базаразда ва тукабазда бугебщинаб жо рокъобе баччизе байбихьана гьез. Лъагӏалица бункералъур тӏамулел ругеб гӏадаб хӏисаб букӏана хал гьабидал. Ракъи баккани, гьаб гӏорцӏараб гӏаламалъ щибдай гьабилаян абулеб рагӏула гьединазде гӏумруялъул бакӏлъи баччарал чӏахӏиял гӏадамаз.

Кваникълъи хӏехьезе лъидаго кӏвезехъин гьечӏо, гьебго заманалда лъалеб гьечӏо чадил къимат гьабизеги. Ракӏ унтула рищни-къул балел къалазда сверухъ кванил нигӏматазул гохӏал рихьидал. Гьелда гьоркьоб ккал чӏвараб чедгицин бихьуларо. Гӏемерисеб мехалда гьенибе рехун батула бакъвараб чед. Цонухалда гьеб чед бищулей кӏудияй гӏаданги йихьун, якъиялъ рощнолъа квен балагьулейдай гьей йигоян абун цӏоро-гъорон хутӏана дун. Дир пикру рагӏараб гӏадин, гьелъ абуна: «Аллагьасукьагӏагийищ нечоларел гьаб нигӏмат инжит гьабизе, рощнолъе бачӏого боцӏи яги гӏанкӏу-хӏелеко бугел гӏадамал цӏехон гьезухъегӏаги щвезабизе бегьуларищ? Чадил кесекалъухъ урхъараб заман бачӏани щибдай нужеца гьабила?» — ян.

Унго-унгоги нилъ ругьунлъун гьечӏищ бигьаяб гӏумруялде? Дагьабгӏаги захӏмалъи тӏаде бачӏани, гьеб хӏехьезе кӏоларого хутӏулел руго. Чангиязулъ загьирлъулеб буго иманалъул загӏиплъи, аскӏов вугесул къварилъи-гӏатӏилъиялъухъ ралагьулелго гьечӏо. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамаз бадибчӏвай гьабуни, гьебги рихунеб буго. — Нужер заман батӏияб букӏанин, гьанже заманалда рекъон хьвадулин жал, — илан чӏахӏиязда данде чӏолел руго. Щиб кканиги нужеда хӏехьезе кӏвараб жидедаги кӏолилан кьуркьудулелги камуларо. Бетӏергьанас нилъее кьураб нигӏматалъухъ ва лъикӏлъабазухъ щукруги гьабизе, щивас жиндирго гӏумруялъул ва сверухълъиялъул хӏисабги гьабизе заман щун гьечӏищ?

Рекӏелъ иман бугесул – щукру цӏикӏкӏараб

Гьитӏинаб мехалда нижеда малъулаан нухда батараб богӏоллъи, чороклъиялдаса бацӏцӏадги гьабун, санагӏатаб бакӏалда лъезе. Масала, къадада тӏад. Гьениб лъураб чед лъицадай кваналаян хадуб халги кколаан нижеца. Цо-цо мехалда къадако бихьулаан чед бугеб бакӏалда рещтӏун. Хӏанчӏихъе щвечӏониги, хӏутӏ-хъумуралъегӏаги камулароан гьелъул пайда.

Исламалъ нилъ тӏамула нилъее щварал лъикӏлъабазухъ ва нигӏматазухъ баркала кьезе. Квен ккола Аллагьас нилъее кьурал лъикӏлъабазул цояб. Къуръаналда абун буго (магӏна): «Нуж ракӏбацӏцӏадго Аллагьасе гӏибадат гьабулеллъун ратани, Нижеца нужее кьураб хӏалалаб нигӏмат кванай ва Аллагьасе реццги гьабе», — ян. («Бакъара», 172 аят).

Ракъиги рагъул кьогӏлъиги бихьарал харабазе захӏмалъула гӏолилаз кӏвар гьечӏого «хьвагӏун балеб магӏишат бихьидал».

Гьанже гӏадамаз басрияб ретӏел кӏкӏалахъе бан батидал, гьелъухъги валагьун, цо кӏудияв чияс абуна: «Вай, бачӏун бугеб заман! Бихъичӏеб, я рукъицин бачӏеб ретӏел гьадин нахъе рехизе ккани, кинаб ияхӏ букӏине кколеб? Цо-цояз квен чурулъецин балеб букӏуна. Рекъараб квенги гьабун чӏоларо гьел. Чехь гӏорцӏаниги, бер гӏорцӏичӏого кколелдаса цӏикӏкӏун росула кванил нигӏматалги. Кванил ва ратӏлил къимат гьабичӏогоян бадибчӏвай гьабуни, цебе букӏараб захӏматалъул бицани, ракъул заман гурин гьабиланги абун, гӏолилаз нижер хабар санго гьабуларо. Гьезда нижер ракӏунти кинха бичӏчӏилеб?» — ан.

Рагъул кьогӏлъигун ракъи бихьугеги

Нижер кӏудадал вац Султӏанмухӏамадил Малагӏарипица ракӏалде щвезабула рагъул заман, ракъул сонал:

«Кӏиабилеб классалда цӏалулев вукӏана дун, эмен рагъде араб мехалда. Эбел колхозалдаги хӏалтӏулаан, нижерго хур-херги боцӏиги тӏубалаан. Ратӏликъго рукӏунаан. Цӏоко-къехьалъул гьабураб ретӏел-хьит букӏунаан гӏемерисезда тӏад. Ххамги, цӏакъго хираго букӏиналъ, босизе щолароан. Колхозалъул гӏемерисеб тӏощел ва рахьдал нигӏматал фронталде ритӏулаан.

Цогидазда гӏадаб ракъи бихьизе течӏо эбелалъ нижеда. Нижер хъизамалда ункъо лъимер гурони букӏинчӏо. Цо-цо кӏудиял хъизамазеян абуни, чӏахӏ бакӏарун гурони, богӏоллъицин щолароан кваназе. Бокьоб боцӏи гьечӏелги рукӏана хъизамал. Аслияб къагӏидаялъ росулъ бижулеб ва кванилъ хӏалтӏизабулеб жо картошка букӏунаан. Белъараб картошкаги чухӏун, гьелда гъорлъ мичӏ, жух ва ччутиги жубан, дагьабго ханжуги тӏаде хӏулун, панкъал гьарулаан.

Рагъул заманалда хӏалтӏизе рахъине бажаруларел херал гӏадамал лъималаз рехун толароан. Щибаб къойил, радалги бакъанидаги, гьезие кӏи-кӏи хинкӏги парацӏиги битӏизе кколаан (хинкӏал гъорлъ релъун лъугьараб гьагӏуялда абулаан парацӏиян). Гьебги букӏунаан гъорлъе цӏамги бан бугони, цо дагьабго рахьги гъорлъе тӏун. Щибаб лъимада гьоркьоб иргаги букӏунаан. Цин тӏоцевесес цо моцӏица хьихьулаан эбел-эмен, хадусеб моцӏалъ кӏиабилесул ирга букӏунаан.

Магӏишат гьабизе цӏакъго захӏмат букӏана руччабазе. Магӏардаса хер мугъалъ баччулаан. Гьединго, чанго километралъул манзилалъ Кӏаратӏе, исполкомалъул чуязе базеги баччулаан хер. Гьеб къо колхозалда захӏматкъолъун хъвалаан. Лъагӏалил ахиралда гьел захӏматкъоязухъ колхозалдаса цӏоросаролъги кьолаан.

Магъилъ бекьараб ролъулги кӏиго-лъабго лал гурони тӏамулароан. Цо лалилъа хъап цӏураб ролъ щолаан, цо-цо мехалда бащдабгицин хъап цӏолароан. Росдал магъил цӏикӏкӏарасел хурзабахъ пурчӏина ва бугӏа хьалаан. Рии тӏаде щвезе моцӏ хутӏараб мехалда ролъ хьалаан, къого къо хутӏидал, пурчӏина хьалаан. Роол щуго къо индал, лъелъ хьалаан»,— абун.

Цӏоросаролъ босизе Чачаналълъе хьвадана

Кӏудадацаги бицуна рагъда хадусел соналги расги бигьаял рукӏинчӏин.

«Росдал мегъ колхозалъеги щибаб хъизамалда гьоркьобги бикьидал, гӏадамазе кваназе тӏощел гӏолароан. Росулъ лъикӏ бижулеб картошка бекьулаан нижеца. Картошкадухъ цӏоросаролъ яги пурчӏина хисун босизе Чачаналълъе хьвадулаан. Хӏамузда картошкаги къан, руччаби-лъималгицин унаан. Нухда анкьги балаан. Лъабго сордо-къо — добехун, лъабго — нахъе, цо къо- базаралда. Цо картошкадул гьирихъ гьедигӏанасебго къадаралда цӏоросаролъ яги пурчӏина хисулаан. Гӏарац кьун босизегицин ролъ щолароан нижее.

Доб заманалда Чачаналълъ гӏумру гьабун рукӏана магӏарулалги. Гьеб сапаралъ хьвадулелъул гӏемерал гьалбал ва гьалмагъзаби рукӏунаан нижер. Цо нухалда Веденоса рачӏунаго, ниж цӏунтӏадерил гӏадамал чӏараб росулъе щвана. Цо херай гӏаданалъ гьоболлъи гьабуна нижее. Гьелъ нижеда цере лъурал чӏахӏиял хинкӏал жакъаги цере тӏамула. Жидеда эбелалъ малъулаанин, мискинлъизе бокьун батичӏони, нужеца киданиги гӏисинал хинкӏал гьаругеян абун бицана гьелъ.

Гьедин сапаралъ унаан хасалоги. Цӏакъ хӏинкъарал, къваридал сухъмахъаздасан хьвадизе кколаан. Дунги, гьитӏинав чи, эменгун цадахъ унаан Чачаналълъе. Хадув ругьунлъидал, гьалмагъзабигун цадахъ, дунгоги унаан. Инсуца дида малъулаан араб-хвараб жоялда хадуб ракӏ ине биччагеян. Кьурабаздаса ругел хӏинкъарал нухаздасан унелъул, нагагь хӏама хъущтӏани, гьелда хадур рортизе бегьуларин малъулаан гьес»,— ян бицунаан кӏудадаца.