Батила гьаб хӏакъикъат,
Цӏунизе ккела низам.
Какилъ гӏадин рацӏцӏадго,
Цӏодорго рукӏани лъикӏ…
Гьал рагӏаби ругеб кечӏ рехун бачӏана Туркиялда вугев магӏарул наслуялъул вас Шамилица. Кочӏол роценалда хъванги, харбие бицунги цого тема цӏикӏкӏунеб буго сверухъ къо бахъанагӏан. Тема гуреб, жибго хӏинкъиги рагьде щвечӏеб бакӏ батизе захӏмат буго.
Лъалареб хӏалалъ хисулеб дунял, щиб, кин гьабилебали лъаларого, чанги батӏияб къварилъиялда гӏемерав чи. Гьелегьараб цӏа гӏадин багӏарлъун бихьулеб дунялалъул карта, гьеб киналъухъго гӏинбаларел гӏемерал дагъистаниял. Гьеб кӏвар гьечӏолъиялъул «бачӏинги» гӏемерлъулеб буго.
Цӏияб къагӏидаялъ дарсал кьолел мугӏалимзаби, гьелде ругьунлъуларого цӏалдохъаби, гьеб киналъулго тохлъи цӏехон къватӏиб чӏвалел эбел-эмен. Щив гьелъие гӏайибияв, мугӏалимзабазе бокьун, гьез ургъун бахъараб жойищха гьаб ахӏвал-хӏал? Ццидал рагӏаби рехизе гӏедегӏичӏого, пикруго щайдай гьабулареб халкъалъ? Карантин бугин абун хвелги гӏелги нилъеда гьукъизе, гьоркьоб къотӏизабизе кӏолареб къадар бугелъул, рес къотӏун къватӏире рахъинчӏого гӏоларебги кколебги буго ахӏвал-хӏал. Зигараялъ аралъур ракӏарабиги руго, ригьин гьабулелги камулел гьечӏо. Магӏирокъор руччаби руго маскабиги ран зикру бачунел. Гуллидаса цӏуниялъе къолден бараб гӏадин ракӏчӏун руго гьел, кӏиго гъат ххамил бугеб маскаялда. Гьелго тадбиразда рачунел кверал, кваналеб нигӏмат. Зигараялъ рачӏине гьукъун шлагбаумал лъолел ругинги буго хабар. Цӏодорлъи гьабе, рокъор рукӏаян балеб ахӏиялъул кӏвар гӏемеразда гӏадалъего унеб гьечӏинги кколеб буго мех-мехалъ, къватӏазда хьвадулел машинаби, гӏадамал рихьидал.
Рахунел унтаби рагъаридал, ругелъур чӏей лъикӏ
Киндай тӏамулеб буго карантиналъул заман адабияталъулгун маданияталъул машгьурал гьунарчагӏаз? Тӏоцебе гьеб суал битӏана Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъухъе. Данде жавабалъе Жамалудиновалъ Расулил гьал рагӏаби ахӏана:
«Лъукъ-лъукъараб, хӏинкъараб Дунял ахӏдолеб буго
Жиб хвезе бегьулилан,
Хехго кумек гьабеян…».
— Дир низамалъул щибго хисараб жо гьечӏо, гӏемер батӏияб цӏуна-къайги гьабуларо. Росулъе щвана, тӏад юссана, ралъдахъе-нахъе хьвадула,- ян абуна Хадижатица.
Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаев магӏарухъ ватана.
Хъвай-хъвагӏаялде вуссинеги регӏичӏого, жамагӏаталъул гӏаммаб ишалда Бакълъухъ вугин бицана гьес.
— Росулъе цӏияб гӏатӏидаб шагьранух гьабиялде, кьо баялде тӏаделъун руго нижер гӏолохъаби гьал къоязда. Щибаб къойил хӏалтӏула нухда. Нижеца цебеккунго хӏисабалде босараб хӏалтӏи букӏана гьеб. Хӏукуматалъул гӏарац гьечӏого, нижецаго гьабулеб иш буго. Цӏияб нух бахъулеб буго, хасалоги гӏазу хехго биунеб, бакъулаб рахъалдасан.
Жакъасеб ахӏвал-хӏал гӏамм гьабун босани, гьаб унти гӏемерисев чиясда жидерго росу-ракь, рижараб Ватӏан ракӏалде щвеялъе сабаблъун кканин ккола. Гьединго, кӏудияб унти-балагьалда аскӏоб дунялалъул боцӏи-малалъул пайда гьечӏолъиги, нилъ киналго хвезе рижун рукӏинги ракӏалде щвеялъе.
Цоцазде рахунел унтаби рагъаридал, ругелъурго чӏейги нилъер хирияв Аварагас малъараб гьаби кколелъул, гьелде кӏвар кьуни лъикӏ киназго.
Авар театралъул актеразул бугеб ахӏвал-хӏал цӏехана халкъалъе къиматал артистазда.
— Дачаялда бахча-ахги къачӏан, мангалалдаги самоваралдаги гьоркьов, кӏкӏуйдул терапия гьабулев вуго, — ян абуна Гӏабдухаликъ Гӏабдулхаликъовас.
Майсарат Гӏабдулмажидова росулъе уней, нухда йигин бицана:
— Дуца статусалда лъураб тӏегь-хер бихьидал, шагьаралъул секциялда жаниб ракӏ хӏебтӏичӏо. Цӏилъулеб ихги бихьизе, бацӏцӏадаб гьаваги цӏцӏузе Гьаракӏуние уней йиго, — ян жаваб гьабуна, жиндиего хасиятаб кӏарчамлъиялда, халкъияй артисткаялъ.
Росабалъ, районазда культураялъул хӏалтӏухъаби хӏалкъан, чӏамучӏлъун ратилищха, бахча-ах гьечӏев чи магӏарухъ гӏемер вукӏунарелъул.
Карантиналъул заман киндай буго чӏарадисезулин цӏехана гьеб районалъул лъай кьеялъул, маданияталъул отделалъул нухмалъулев Шамил Мустӏапаевасда.
Карантиналъул заманалда рекъон, лъай кьеялъул цӏияб къагӏида хӏалтӏизабиялде буссинабун буго гьеб отделалъ аслияб къуват. Живго росабалъе хьвадун хал гьабулеб буго хӏалтӏул, тӏатинарулел руго гӏунгутӏаби ва гьел лъугӏизаризе хӏаракат бахъулеб буго.
— Карантиналда ругин абун, тӏубан хӏалтӏиги рехун тун, чӏун гьечӏо культураялъул хӏалтӏухъабиги, — ян бицана Шамилица. — Гьел хӏадурлъулел руго Кӏудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тӏубаялде, хӏалтӏулел руго жидерго репертуар цӏигьабиялда тӏад.
Гьеб киналъего нугӏлъи гьабулел видео-баянал социалиял гьиназдаги лъун рихьана Шамилица. Карантиналда ругел чӏарадисезул гьунарчагӏазул кочӏолаб калам щвана социалиял гьиназде руссарал магӏарулазе гьал къоязда. Гьезул цоялда гьадин ахӏулеб буго:
«Рикӏкӏаде, рикӏкӏаде, рагъул нухазде
Дир хабар босун а, хиялазул поч.
Хирияв васасда, дир солдатасда
Салам бицун къоче къаси шагьримоцӏ».
Хунзахъ районалъул маданияталъул вакил Махӏач Хӏасановги чӏалгӏаде заман чӏвалев гьечӏолъи лъана:
— Щибха гьабилеб, Гьатӏимат, гьадин рокъор чӏезе кколеб заман бачӏун бугоха. Амма гӏадада дун вукӏинищ, гьале музыкалиял тӏагӏелал реэдулев вуго рокъов. Гьаз нилъее гуребги нилъеца гьазиеги гьабизе кколелъул хъулухъ. Бигьаго росизе щолел учузал жал рукӏунарелъулха гьал. Къачӏалел руго, рацӏцӏулел руго, цо-цо гьелги рачун бакъанги биччалеб буго, дирго ракӏ чучиялъе.
Захӏматаб заманалда -цебесеб кьерда
Райгазетазул хӏалтӏиги гьоркьоб къотӏун гьечӏо, «Хӏакъикъаталъулго» гӏадин. Редакторалгун жавабиял секретарал, пресс-хъулухъалъул хӏалтӏухъаби цебесеб кьерда руго хӏалтӏулел, хӏинкъиги гьезие цогидаздаса дагьаб букӏинищха. Кӏудияб квербакъи гьабулеб буго гьез районазул нухмалъулезе гьаб хӏалуцараб заманалда.
Хӏалхьиялде инчӏо Дагъистаналда бугеб бищунго кӏудияб промышленнияб предпиятие «Концерн КЭМЗ» ОАО. Жидер хӏалтӏи гьоркьоб къотӏизе тун гьечӏин бицана заводалъул рекламаялъул отделалъул нухмалъулев Чӏарадаса Гӏабдусалам Халиловас. Сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазул тӏалабалги щибаб къойил камилго тӏуразарун, кӏудияб заводалъул хӏалтӏи цокӏалго нухда унеб бугин абуна гьес.
Заводалда жанибго бугеб цехалда жидерго тӏолалго хӏалтӏухъабазе гӏунги тӏокӏал, аза-азар медицинаялъул маскаби рукъулел руго КЭМЗалъулаз.
Къватӏире рахъунаго, гьумер-кӏалалда маскаби райилан тохтурзабаз гьоркьоса къотӏичӏого лъазабуниги, аптекабаздаса гьел росизе щолареблъи халкъалъе цебего баянлъана. Шамил районалъул Мачӏада росулъ буго «Концерн КЭМЗалъул» рукъарулеб цех. Гьенирги рукъулел руго лъикӏаб ххамил (бацӏцӏадаб хлопокалъул), чурун чанцӏулго пайда босизе бегьулел маскаби. Хӏажалъи ккаразул мурадги тӏубан, заказал къабул гьарулел руго гьез. Гьениб букъулеб цо маскаялъул багьаги буго 40 гъурущ. Цӏикӏкӏараб къадаралъул заказ бугони — 35 гъурущ.