«Хӏеж-Миссиялъул» цӏияв нухмалъулев, хӏажизаби гуккулел гьоркьохъаби ва пандемиялъул хӏасил
Россиялъул «Хӏеж-Миссия» идараялъул нухмалъулевлъун тӏамун вуго Хӏизбуллагь Асуев. Ахираб щуго соналъ гьеб идараялъе нухмалъи гьабурав Хӏамзаев Мухӏамадгун цадахъ хӏалтӏулевги вукӏана гьев. Гьеб заманалда жаниб бечедаб хӏалбихьиги гӏураб бажариги щун бугин гьесие абураб пикру бижана Хӏизбуллагьилгун букӏараб гар-чӏвариялдаса хадуб.
Хӏизбуллагь, Мухӏамад Хӏамзаевас гӏемерал соназ нухмалъи гьабуна Россиялъул «Хӏеж-Миссиялъе». Щиб гӏиллаялдалъун гьев хисарав?
— 2015 соналдаса нахъе дун вукӏана гьесул кумекчилъун. Кӏиго соналдасан тӏамуна заместительлъун.
Исана гьесул тӏоцевесев заместитель хӏисабалда, сенатор Иляс Гӏумахановгун цадахъ дун ун вукӏана Сагӏудиязул Гӏарабиялде хӏежалъул суалал дандразе. Гьениса ниж нахъруссун хадуб абуна Хӏамзаевас сахлъиялъул ишги лъикӏ гьечӏин, жив хъулухъалдаса гӏодов чӏолев вугилан. Гьедин вачӏана дун гьесул бакӏалде. Ханзабазул заманалдаса байбихьун кин нилъер гьаниб хӏеж тӏобитӏулеб букӏарабали бицунеб тӏехь хъвазе тӏадкъан буго Иляс Гӏумахановас Хӏамзаевасда. Гьанже гьелда тӏад хӏалтӏизе ватила гьев.
Хӏажизабазе санагӏалъаби ургъулев
— Сундасанха хӏалтӏи байбихьизе ракӏалда бугеб? «Хӏеж-Миссия» идараялъулъ кинал ругониги хисбасиял гьаризе ракӏалда бугищ?
— Буго. Тӏоцебесеб иргаялда, ракӏалда буго киналго хӏажизаби жанире ракӏарулеб цо гӏаммаб база рагьизе. Цересел соназда щивав хӏажичиясул хӏакъалъулъ баянал ракӏаризе кколаан цӏар-цӏарккун. Хӏежалдаса нахъруссун хадур гурони, гьезул киназулго баянал кодоре щолароан. Гьел киналго гӏунгутӏабиги хӏисабалде росун, цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизаризе ракӏалда буго.
Гьеб мурадалда гӏуцӏун буго цӏияб сайт. Камилал, IT-технологиялъул сурсаталгун хӏалтӏун бажарулел махщелчагӏиги ракӏарун руго гьенире. Гьединго пресс-хъулухъалдеги росун руго цӏиял чагӏи. Нижер букӏине буго инстаграмалда хасаб гьумерги. Ричӏчӏуларел суалал дандразе восун вуго къватӏисел улкабазда хӏалтӏулев консультантги.
Цоги. Гьанжелъизегӏан РФялъул Федерациялъул Советалъул минаялда цебе рагьараб гурони, Москваялда букӏинчӏо нижерго хасаб офис. Гьанже гьебги букӏине буго. Гьединго ракӏалда буго Маккаялда, цохӏо хӏежалъул заманалда гуребги, кидаго хӏалтӏулеб букӏунеб вакиллъи рагьизе. Гьелъие санагӏатаб бакӏги батун буго нижеда.
Хӏажизабазул гӏаммаб база рагьиялъул дагьаб мухӏканго бицина. Дица хасаб пароль кьезе буго туроператорасул генералияв директорасухъе.
Гьез хӏежалде унев чиясул цӏар гьенибе реханиги, дида гьев вихьизе вуго.
Кӏиабизе, гӏемерал рукӏуна хӏужаби Дагъистаналдаса хӏажизаби татаразул яги башкиразул пуланаб компаниялъ, жидеца учузго рачунин хӏежалдеянги абун, гьезда цадахъ иналъул. Амма хирияб ракьалде щведал, гьел ратула учузал, жанир, киналгӏаги квегӏенлъабиго гьечӏел гьалбадерил рокъор парахат гьарун. Кагӏбаялдасаги цӏакъго рикӏкӏад, язихъаб хӏалалда ратула нилъер хӏажизаби, хӏатта автобусалъухъ кьезецин гӏарацги хутӏичӏого. Гьединал «гьоркьохъаби» загьир гьаризелъун нижеца гьабуна киназего рагьараб, эркенаб къагӏида. Мисалалъе, хӏежалде ине документал жанире кьурав чи жиндирго цӏаралда гъоркь нижер сайталде ваккани, гьесда батизе буго кинабго баян. Дуца кибе гӏарац кьун букӏараб, дур сапар щиб къоялъ бугеб, кинаб къокъагун мун вугев ва щив дур нухмалъулев кколев, гьединго дуе виза бачӏун бугищ- гьечӏищали кинабго хӏажатаб баян батизе буго гьениб.
«Гьереси-гьоркьохъаби» ва макручагӏаз хӏулулел хӏажизаби
— Макручагӏаз хӏажизаби гуккиялъул хӏакъалъулъ дагьаб мухӏкан гьабуни бокьилаан.
— Жакъа гӏемерал руго гьединал чагӏи. Мисалалъе, Дербенталда букӏана гьедин хӏалтӏулеб къокъа. Россиялъул цогидал регионаздасаги рачӏун, жидер квота гӏолеб гьечӏилан, жалгун цадахъ рилълъайилан рачунел руго гьез нилъер хӏажизаби. Гьединал «гьоркьохъаби» тӏатинарулел руго нижеца.
Гьанже, цебе гӏадин гуреб, кинавго чиясул рес буго хӏакъикъат рокъовги вукӏун лъазабизе (интернет бугелъул).
Жакъа Россиялда буго хӏежалде гӏадамал ритӏулеб официалияб ичӏго компания. Гьел гурел цогидал щакал гӏадамазулгун бухьен щай гьабулеб бетӏерги хӏалтӏулев, гӏакълуги бугев чияс? Дагьаб цебегӏан инстаграмалда бихьана цо гьединал макручагӏаз лъазаби тӏибитӏизабун, нусазарго гъурщиде хӏежалде рачине кӏолин, жидергун бухьен гьабейилан. Жакъа нусазарго гъурщиде хӏежалдерачунаро, гьеб буго гьереси. Гьединал гьерсихъабазда божуге. Гьел хӏиллачагӏаз махсарадеги ккун, анищлъун букӏараб хирияб ракьалде рачарал ракьцоял ратула гьезги рехун тун, гурхӏараб хӏалалда. Талихӏ кьеги, кумек гьабе жидеейилан гӏодиялде ккун рукӏуна гьел.
Кумек гьабичӏого кинха телеб бусурбанчиясе? Амма гьел махсараде ккурал чагӏаз гьабулеб жо буго я пачалихъалъул къануналда, я шаргӏалъул хӏукмуялда данде кколареб иш. Гьеб хӏисабалде босани, цӏакъ бокьилаан хӏежалде ине къасд ккарав чияс.
Хӏежалде ине бажарилин хьул буго
— Жакъа гӏемерав чиясе рахӏат толареб суал буго дунялалда коронавирусалъ лъугьинабун бугеб ахӏвал-хӏал. Гьелъ исана хӏежалде ине квалквал гьабиладай?
— Иляс Гӏумахановасул тӏадкъаялда рекъон, дица Сагӏудиязул Гӏарабиялда вугев нилъер вакиласулгун бухьен гьабун букӏана гьелъул хӏакъикъат лъазабеян.
Гьеб гуребги, РФялъул Динияб идараялъул ругел сурсаталги хӏалтӏизарун, дицаго бухьен гьабуна Турция, Индонезия, Малайзия ва Иордания гӏадал пачалихъазулгун, хӏежалде нух щвеялъе гьез щиб гьабулеб бугебали лъазабизе.
Сагӏудияз изну кьуни, жидеда кӏолин 200 000 чи витӏизеян абуна Индонезиялъ. Турциялъги абуна жидедаги кӏолин 80 000 чи витӏизе.
Гьединго Гӏумахановас кагъат хъвана нилъее хӏежалъул квота бикьулев Сагӏудиязул Гӏарабиялъул министрасухъеги. Гьес жаваб бачӏана ахӏвал-хӏал роцӏцӏинегӏан чӏайин абейин нужер хӏежалъул компаниязда. Гостиницаби кквезеги, цогидалъухъ харж гьабизеги гӏарац цебеккунго битӏула гьел компанияз добе.
Нилъер улкаялда буго «Хӏежалъул совет» абураб гӏуцӏиялде гъорлъе унеб анкьго муфтият. Гьезда гъорлъ буго нилъер республикаялъул Динияб идараги. Гьезухъе киназухъего битӏана нижехъе бачӏараб жаваб. Гьелда гӏей гьабун чӏечӏого, И. Гӏумахановас кагъат хъвана РФялъул къватӏисел ишазул министрасул заместитель Богдановасухъе, къватӏисел пачалихъазда ругел нилъер улкаялдаса киналго вакилзабаз хӏежалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъикъат лъазабизе букӏине. Щай гурелъул, хӏажизаби нухарегӏулеб туристазулал компанияз хвезабураб гӏарац нахъ буссинчӏого, гьел налъукье ккани, кӏудияб ахӏи-хӏур бахъунелъулха. Гьедин ккечӏого букӏине, щиб гьабизе бегьулебали лъазабизе квербакъеян гьарана Иляс Гӏумахановас къватӏисел улкабазда ругел нилъер вакилзабазда. Гьезги жидерго бухьенал хӏалтӏизарун, хӏакъикъат лъазабулеб буго.
Нижер хьул буго хӏеж тӏубанго нахъ бахъиларин абураб. Мисалалъе, цӏакъго коронавирус тӏибитӏун бугел пачалихъалги гьоркьоса рахъун, Сагӏудиязул Гӏарабиялъ рес буго хӏежалде гӏадамал риччазе.
Къокъаялда цадахъ тохтурзабиги ругони, цӏикӏкӏараб ригьалъул чиги виччачӏони, дару-сабаб гьабизе санагӏатги бугони, гьединал гӏорхъичӏваял Сагӏудиязул Гӏарабиялъги лъазарун, хьул буго хӏежалде ине бажарилин.
Цебеккунги дица бицун букӏана исана нижеда кӏванин нилъер пачалихъалъе тӏадеги 5000 чиясе квота цӏикӏкӏинабизеян. Гьелъул хӏасилалда, нилъер улкаялдаса 25000 чиясе рес щолеб букӏана исана хӏеж борхизе. Гьезда гьоркьоса 10000 бакӏ ккола нилъер республикаялъе кьураб. Амма, дунялалда бугел ахӏвал-хӏалалда рекъон, нагагь хӏежалде ине рес щваниги, квотаялда рекъон, киназего сапар гьабизе щолареблъи хӏакъаб жо буго.
— Соналдаса соналде хиралъулеб буго хӏежалъе харж гьабулеб гӏарцул багьа…
— Битӏараб буго. Амма, аслияб куцалда, гьел хиралъулел руго Сагӏудиязул Гӏарабиялъул дора хӏажизабазе чӏезарулел шартӏазул багьабазда бан. Гостиницабазухъги, Минаялда ругел чадразда кондиционерал лъуралъухъги, транспорталъухъги, цогидал квегӏенлъабазухъги багьа бахунеб буго. Гьеб киналъухъго цебеккунго гӏарац кьечӏого, гьез визаги лъолароан цебе. Исанайин абуни, жибго визадухъги буго гьез 80 доллар чӏезабун, гьединго страховкаялъухъги — 45. Гӏаммаб къагӏидаялъ, исана хиралъун буго 125 долларалъ. Гьеб буго цебеккун букӏинчӏеб жо.
Кӏиабилеб гӏилла, нилъерго экономикаялда хурхараб: инфляцияги чӏечӏого хиралъулеб долларги.