12 апрелалъ Цӏунтӏа районалъул гӏадамазе пашманаб асар гьабула. Гьезул умумул Чачаналде гочинарураб къо ккола гьеб.

Гьел гочинариялда хурхараб буюрухъ бахъун букӏана 1944 соналъул 9 марталда.

Дагъистаналдаса 114 росдал жамагӏатал ритӏана Чачаналде. Амма, тумазул миллат гурони, депортациялда букӏараблъун рикӏкӏинчӏо.

Нус-нус соназ гӏумру гьабурал бакӏал гӏадамазда тезариялъе гӏиллалъун советияб нухмалъиялъ бачунеб букӏана хъачӏал мугӏрузда ругел гӏадамазе яшав гьабизе захӏматго букӏин. Гьединлъидал «гьава-бакъ рекъараб, ракь беэнаб» бакӏалде ритӏана гьез дагъистаниял.

Инарилан чӏаниги, гьел бергьунелги рукӏинчӏо. Гӏадамал нахъ руссун рачӏунаредухъ, рухӏулел, риххизарулел рукӏана гьезул минаби.

Мокъокъ росу Чачаналде гочинабулеб мехалда Къурбан Гӏабдулаевасул гӏумрудул микьго сон букӏана.

Гьесда ракӏалда буго годекӏаниреги ракӏарун, къокъаб заманалда жаниб нужеца росу тезе кколин, районалдаса вачӏарав хӏакимас гьабураб лъазаби.

Гьедин, хинаб ихдалил къоялъ, хӏамуздагун гӏачиязда бищунго хӏажалъулеб къайиги лъун, къватӏире рахъана росуцоял. Амма нухда гӏезегӏан чиги хвана. Къурбаница бицухъе, кӏиго анкь бан буго гьез нухда. Нух бихьизабизе цадахъ витӏарав чиги вукӏинчӏого, кире ине кколелали лъалеб букӏун гьечӏо гьезда.

Квеш-лъикӏ мокъокъисел Чачаналде щун руго. Ведено чӏун руго гьел. Чачаназул гӏезегӏан лъикӏал минабиги ратун руго гьенир (магӏарухъ гьез таразда дандеккун).

«Сталинилги советияб хӏукуматалъулги буюрухъалда рекъон, нуж Чачаналде гочинарулел ругилан лъазабизе Берих росулъе НКВДялъул хӏалтӏухъаби рачӏиндал, дир кӏудияв эмен Харани Мухӏамад 13 сон барав чи вукӏун вуго. Гьелдаса инкар гьабизе лъугьунев чи, рагъул заманалъул тӏалабазда рекъон, чӏвазе къотӏулилан тӏадеги жубан буго», — ян бицунеб буго Абакар Мусаевас.

Гьедин, хӏамузда, чуязда, гӏачиязда цӏарагӏги, бусен-къайиги, квен-тӏехги лъун, гьел гьечӏез кодобги ккун, мугъзада гӏисинлъималги раччун, росаби тезе ккун руго цезаз.

Берих росулъа чагӏаз чачаназул тӏоцересел росабалъе щвезе ичӏго къо бан буго. Херал чагӏиги лъималги ругел хъизамал кӏиго анкьидасан гурони щун гьечӏо.

Талихӏалъ, чачаназул минабахъ цӏунтӏадерида лъикӏаланго нахърател батун буго ролъулги, бакъвараб гьаналгун хӏанилги. Аллагьас гьезул хваразул рухӏазе щвагийин гьеб, чӏаго ругезда тӏаде рачӏунел балагьал нахъчӏвазе сабаблъун ккагиян дугӏа гьабулеб букӏун буго цезаз чачаназе.

Бокьазухъ гӏезегӏан гӏи-боцӏиги букӏун буго. Заманалда цезал тӏаде щвечӏелани, бетӏергьабиги цереса ун жалго хутӏарал гьел хӏайванал цияз, бацӏаз кванан лъугӏизаризеги рес букӏанин бицунаанила Абакарил кӏудадаца.

«Кӏудадал кутакалда ракӏбакъвала цо чемоданалъул ккараб ракӏалде щведал. Гьев гьавилалдего эбелалъул инсуца Тифлисалдаса бачӏараб месед-гӏарцул цӏураб чемодан букӏун буго гьеб. Чедел абураб бакӏалда гьеб бахчизе витӏун вуго эбелалъ гьев (дир кӏудада). Амма росуцояздасанищ лъарабали, НКВДялъул хӏалтӏухъабаз ахӏун аскӏовегун, бицинабун буго гьесда гьеб. Нахъисеб къоялъ чемодан тӏагӏун батун буго. Гьедин, буголъиялдасаги махӏрумлъун, цӏакъ ракӏбакъван рукӏанила нижер умумул.

Амма дагь-дагьккун кӏудада ахихъанлъиялдеги ругьунлъун, пихъалдаса магӏишат гьабизе жуван вуго.

Эбел-инсуда цадахъ тӏоцеве Грозныялде щведал, тӏолабго дунял бихьарав гӏадин лъугьун вукӏанин живилан бицуна кӏудадаца. Гьеб мехалда немцазул самолетаздасан рехарал бомбабаз риххизарурал минабазул чӏвадналцин берцин рихьулаанила жинда», — ян бицана Абакар Мусаевас, кӏудада Харани Мухӏамадил ракӏалдещвеязул.

Хадубги тӏаде жубана Абакарица, Чачаналде гочинарун чанго соналдасанги умумузул ватӏаналде тӏад русине цӏунтӏадерил гӏадамаз гьарунщинал хӏалбихьиязул хӏакъалъулъ.

Гӏемерисел балъго унаанила. Риххизарурал жидерго минабазул чӏвадназда тӏад хъощалги ран гьел ратидал, милициялъ, цӏидасан риххизарун гьелгун, Чачаналдего щвезарулаанила гӏадамал. Гьедин, цезазда жидерго ракьал цо рахъалдасан гуржияз, цогидаб рахъалдасан магӏарул мацӏ бицунел районаздаса гӏадамаз ккун ратулел рукӏун руго.

«1952 соналда тӏобитӏараб жамагӏаталъул данделъиялда цезаз хӏукму гьабула жиде-жидерго росабалъе нахъ руссине риччаян Сталинида гьаризе. Гьедин, бакӏарун гӏарацгун, гьезул вакилзаби уна Москваялде. Цин гьез гуржиязул Шилда росулъ лъай бугей гӏаданги ялагьун, гьелда машинкаялда кьабизабула Сталинихъе хъвараб кагъат.

Кремлялда гьел къабул гьарула СССРалъул Верховный Советалъул председатель Шверникица. Гьес гьезул кагътида тӏад «Разрешить!» абун гъулбасги лъола», — ян лъугӏизабуна Берих росулъа Абакар Мусаевас кӏудадал хабар.

Гьедин, Дагъистаналде тӏад руссарал цезазул цоял жидерго росабалъ чӏана, цогидал лъарагӏлъиялде гочана. Щайгурелъул магӏарухъ хутӏараб гьезул магӏишаталда тӏубанго лалтӏамун букӏана минабиги риххизарун. Амма лъарагӏлъиялде гочарал гӏадамазги магӏишат цӏидасан гьабизе ккана, щайгурелъул гьезухъ балагьун чӏарал чагӏи рукӏинчӏелъул гъораги.

Хьуцӏил цӏурал авлахъал ракъвазарулаго, гӏезегӏан чагӏи унтана, хвана.

Доб мехалда лъарагӏлъиялде гочаразда гьоркьов вукӏана, 5 сон бараб мехалда хъизангун цадахъ Чачаналде гочинавурав, Цицимах росулъа Мухӏамад Хӏамзатовги.

Цезал депортациялде ккараб халкълъун рикӏкӏине хӏажат букӏиналъул суал зама-заманалдасан борхулаан гьес. Амма гьев мурадалде щвечӏо.

Гьедин чачаназе депортация цоцӏул гьабун батани, дагъистаниял кӏицӏул гочине ккана жидеца гӏумру гьабулеб букӏараб бакӏалдаса. Депортациялда рукӏанин абураб даражаги чӏезабичӏо.