17 апрелалда тӏобитӏараб брифингалда РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовас бицана школазда лъай кьеялда бугеб ахӏвал- хӏалалъул хӏакъалъулъ. Ичӏго ва 11 класс лъугӏарал цӏалдохъабаз ОГЭгун ЕГЭ кьолеб заман чӏезабизе буго маялъул байрамкъояздаса хадуб. Министрас абуна, гьеб заманалдениги улкаялда бугеб ахӏвал-хӏал лъикӏлъиялде хьул бугин. «Нагагь экзаменал тӏоритӏиялдалъун цӏалдохъабазул сахлъиялъе зарал букӏине бугеблъи загьирлъани, гьел нахърахъизеги бегьула. Чӏванкъотӏараб хӏукму гьабизе буго маялъул байрамкъояздаса хадуб», — ан бицана Кравцовас.
«Тӏолгороссиялъул халгьабиялъул хӏалтӏаби тӏоритӏизе руго сентябралда, цӏияб цӏалул сон байбихьараб мехалда. Амма гьел хӏалтӏабазухъ щварал къиматал рикӏкӏине кколаро цӏалдохъабазул аттестация гьабилъун», — ан бицана министрас.
Гьединаб хӏукму къабул гьабиялъе кьучӏлъун Сергей Кравцовас рехсана учительзабазулгун, регионазулгун, лъай кьеялъул идарабазул вакилзабазулгун ва цӏалдохъабазул эбел-инсулгун гӏакълу дандбаялъул хӏасил.
Букӏине гьечӏо Тӏолгороссиялъул цӏалдохъабазул олимпидабазул финалияб бутӏаги. «Олимпиадаялъул регионалияб бутӏаялдаги гӏахьаллъун, Тӏолгороссиялъул бутӏаялда, ай финалалда, гӏахьаллъизе ихтияр кьолеллъун РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ чӏезарурал баллал щварал 11 классалъул цӏалдохъаби рикӏкӏине руго гьелъул призераллъун. Гьезие кьезе руго хасал дипломалги», — ян бицана С. Кравцовас.
Рикӏкӏадасан лъай кьей, жакъасеб къоялъул хӏакъикъат
Россиялъул Лъай кьеялъул министерство хӏадурлъулеб буго рикӏкӏадасан лъай кьей тасдикъ гьабиялъул хӏакъалъулъ законалда тӏад хӏалтӏизе.
Гьединаб законалдалъун рикӏкӏа- дасан лъай кьей тасдикъ гьабизе кколин абураб пикру загьир гьабун букӏана РФялъул Федерациялъул Советалъул председатель Валентина Матвиенкоца. «Школалъул ругьунаб лъай кьеялдаса тӏубанго инкар гьабун данде кколаро. Гьебго заманалда рикӏкӏадасан лъай кьей резервалъулаб, ай жакъа гӏадинаб ахӏвал-хӏалалда яги заманалда хӏалтӏизабулеблъун букӏине гьечӏо», — ян бицун букӏана гьелъ.
Федерациялъул Советалъул спикералъул пикруялда рекъон, коронавирусалъул пандемиялъ рес кьуна гӏадатияб лъай кьеялда цадахъго школалъулги вузалъулги цӏалдохъабазе рикӏкӏадасан лъай кьеялъеги тарихазул технологияздаса гӏатӏидго пайда босизеги. «Лъай кьеялда гьединал къагӏидаби хӏалтӏизари ккола букӏинеселде бегьараб гали. Гьединлъидал, гӏагараб заманалда гьеб къагӏида тасдикъ гьабизе ккола, рекъонкколеб законгун правоялъул низамги къабул гьабун», — ан бицана В. Матвиенкоца.
Гьелъул пикруялъул рахъ ккуна РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовас. «Жакъа нилъ ккараб ахӏвал-хӏалалъги рикӏкӏадасан лъай кьеялде хехго руссине ккеялъги тӏалаб гьабулеб буго лъай кьеялъул хӏакъалъулъ законодательствоялда хиса-басиял гьари. Нижеца тӏубанго рахъ ккола Валентина Матвиенкол пикруялъул ва хӏадур руго рехсараб масъала тӏубазабиялъе квербакъулеб закон хӏадур гьабиялда тӏад хӏалтӏизе», — ян бицана гьес.
Цӏалдохъабазе захӏмалъулеб буго
Гьабсагӏаталда коронавирус сабаблъун байбихьараб рикӏкӏадасан лъай кьеялдаса рази гьечӏо я цӏалдохъаби, я гьезул эбел-эмен, я учительзаби. Гӏаммаб Россиялъул халкъияб фронталъул «Лъималазе – ращадал ресал» абураб проекталда рекъон, улкаялда тӏобитӏана цӏех-рех. Гьелда гӏахьаллъана улкаялъул батӏи- батӏиял регионаздаса 13-18 сон барав 2695 цӏалдохъан. Цӏех-рехалъул хӏасилал рахъун руго «Российская газеталда».
Цӏалдохъабазул 75 проценталъ абуна, жидее аслияб къагӏидаялда кьолин хъвавул хӏалтӏабиян абун. Тӏадкъаялги тӏуразарун, гьез рахъула гьезул суратал ва ритӏула учителасухъе халгьабиялъе. 56 проценталъул жавабалда рекъон, жидецаго цӏализе кколеб буго адабияталъул дарс. Батӏи-батӏиял интернет-сайтаздасан цӏалулел руго цӏалдохъабазул 54 процент ва 50 проценталъ дарсал гьарулел руго онлайн-платформабазда.
Цӏех-рехалъул гӏахьалчагӏазул 77 проценталъ бицана рокъоре кьолел тӏадкъаязул къадар лъалаго кӏодолъанин абун. 49 процент мукӏурлъана хехго свакаялъе ва 65 проценталъе дарсал лъазаризе гӏемерго бигьаяб букӏун буго школалда, ай классалда учителас бицараб дарсида. Рикӏкӏадасан лъай босизе захӏмалъулеб бугин абуна цӏех-рехалъул гӏахьалчагӏазул щивав кӏиабилев цӏалдохъанас. Анцӏгоясда гьоркьоса анлъгояс бицана классалдаго цӏализе лъикӏ букӏанин абун ва щивав лъабабилес загьир гьабуна тӏадкъаял тӏуразаризе цӏакъ захӏмалъулин абураб пикру. Щивав щуабилев цӏалдохъанас карантин рикӏкӏунеб буго каникулаллъун, ай щибго цӏалулеб гьечӏо.
Рехселин цӏалдохъабазул цо-цо пикраби:
— Школалда цӏали гӏемерго интересаб буго. Дарсида учителас бицараб жо лъикӏ ва бигьаго ракӏалда чӏолеб букӏана. Бичӏчӏичӏеб жо учителасда гьикъизе ресги букӏана гьениб. Рокъоб дарсазда тӏадчӏезе захӏма- лъулеб буго.
— Тартибалде бачине ккола цӏалдохъабазе кьолеб тӏадкъаялъул къадар. Учительзабаз кьурал киналго тӏадкъаял тӏуразаризе заман гӏоларо. Нижее бихьизабун буго радал микьго тӏубаралдаса къад 12 тӏубазегӏан заман. Цо-цо мехалда тӏадкъаял тӏуразаризе ккола тӏолабго къоялъ. Дир пикруялда, букӏине ккола щивав учителас кьолел тӏадкъаязул мухӏканаб роцен ва гьеб цӏунизе ккола учительзабаз.
Гьебго цӏех-рехалда гӏахьаллъана улбузул 2400 чиги. Гьезул 48 проценталъ загьир гьабураб пикруялда рекъон, рокъосан лъимал цӏализарулаго, гьезул уна гӏемераб заманги къуватги. Гӏемерисезухъа бажарулеб гьечӏо лъимер дарс лъазабизе гӏодоб чӏезабунцин.
62 проценталъ абуна жидер лъималазул цӏалул хӏасил цӏакъ квешлъулеб бугин абун.
Рикӏкӏадасан лъай кьеялдалъун гӏадатияб школа хисизабизе бегьуларин абураб пикруялъул рахъ ккуна цӏалдохъабазул эбел-инсул 70 проценталъ. Кидаго рокъосан цӏалулел рукӏине бокьиларин лъазабуна цӏалдохъабазул 60 проценталъги.