Дагъистаналда ватиларо Сайгидпаша Гӏумаханов лъаларев яги гьесул цӏарниги рагӏичӏев чи.
Халкъалъ жиндир цевехъанлъун рикӏкӏунев, хӏалбихьи бугев нухмалъулев, гӏакъилав гӏуцӏарухъан ва бахӏарчияв магӏарулав. Гьесул хӏакъалъулъ рагӏула батӏи-батӏиял харбал. Гьайгьай, камуларо гьев рихараз Сайгидпаша какиялъул хӏужабиги. Гӏажаиблъизе кколеб жо гуроха гьеб: кивго цого хӏалалда чи къабул гьавулеб гӏадат букӏунарелъулха. Амма буго дида бичӏчӏизе захӏмалъулеб цо хаслъиги: Сайгидпаша рихарал, ай гьесул тушманзабиян абизецин рес бугел гӏадамазги абулеб буго, гьев вугилаха бахӏарчияв, бокьарав чиясда (хъулухъалъухъ яги чиналъухъ балагьичӏого) жиндир пикру загьир гьабизе бажари гӏолев дагъистаниявин абун.
У, гьедин буго гьеб. Гьелъие рехсезе бегьула гӏемерал мисалал.
Дагъистаниязда лъалеб батила, республикаялъе захӏматал соназда Сайгидпаша Гӏумахановасул кинаб хьвада-чӏвади букӏарабали, батӏи-батӏиял хӏакимзабигун кин гьев кӏалъаравали, халкъалъул мурадазе гӏоло кигӏан гьев къеркьаравали. Халкъалде къо ккараб заманалда,
Сайгидпашаца кидаго ккола халкъалъул рахъ. Гӏемер кӏалъазе ва берцинал рагӏаби ралагьизе бокьулев чи гуро гьев – гьесул кидаго букӏуна къокъаб ва чӏванкъотӏараб хабар.
Речӏчӏаралъуб къалеб чӏор гӏадаб букӏуна бицараб рагӏиги. Гьабун бажарулареб иш жиндаго тӏаде босулеб гӏамалги гьечӏо гьесул, амма кьураб рагӏи кидаго ккола.
Дида Сайгидпаша Гӏумаханов лъала лъебергогӏан соналъ. Гьев киданиги какичӏо дица. Дица дирго макъалабазда бадирчӏваял гьаруна гӏемерал хӏакимзабазе (Мухӏамадгӏали Мухӏамадовасе, Мухӏу Гӏалиевасе, Сагӏид Амировасе, Надир Хачилаевасе ва гь.ц.) – гьединал дагьал рукӏинчӏо. Амма щаялиго Сайгидпаша гьединазда гъорлъе ккечӏо.
Гьесукьа хӏинкъундай? Яги гьесул гӏунгутӏиго батичӏолъиялъищ? Гьел камун рукӏунаро чиясул, гьевги малаик гурелъулха. Гьудул-гьалмагъ вукӏиналъищ? Гьев гуревги рукӏана ва руго дир гьудулзаби, гьесдасаги лъикӏалгиха. Сайгидпаша кидаго вукӏана гӏадатияв, ракӏ рагьарав инсан. Живго веццизелъун щибго абуларев ва гьабуларев. Цадахъго загьирлъулаан хӏинкъи-къай гьечӏеб бахӏарчилъиги. Гьединав ватиялъ рекӏелъеги восулаан гьев кидаго. Дида гьев вихьана 1999 соналъул августалъул лъугьа-бахъиназулъги, лъала Первомайскиялда ккарал ишазулъ гьабураб хӏаракаталъулъги ва гь.ц.
Тӏад балагьун, сабурав, гӏодове виччарав гьесул битӏахъего кьвагьун унеб хӏал лъугьуна, цониги чи яги халкъ, ялъуни гӏагараб Дагъистан хӏакъир гьариялъул хӏакъалъулъ бицунеб бугони.
Гьев куцалеб къебелъилъун лъугьана республикаялъул северияб тахшагьар. Жакъа гьев вуго нухмалъулезда гьоркьоса бищун цеве вихьулев ва халкъалъ къадруявлъун рикӏкӏунев хӏакимчи.
«Сайгидпашаца абуна – Сайгидпашаца гьабуна» – гьеле халкъалъ гьесул адаб гьабиялъе аслияб гӏилла. Гьединаб хасият гьесулъ чанцӏулго загьирлъана, захӏматаб ахӏвал-хӏалалде республика ккараб мехалда.
Загьирлъана гьеб коронавирусалъ халкъ кӏвекӏулеб гьаб заманалдаги. Гӏадамал унтун руго ва гӏемер чи холевги вуго. Ресукъал ва хӏалтӏи гьечӏого хутӏарал ракъун хутӏиялъул хӏужабиги дагьал гьечӏо… Гьединаб хӏалалде ккаразе С. Гӏумахановас дарабаздалъун яги кванил нигӏматалгун гӏарцудалъун кумек гьабиялъул хӏакъалъулъ бицунеб буго СМИяздаги, социалиял гьиназдаги, блогаздаги. Амма къанагӏатав чиясда гурони лъаларо, гьединаб кумекалде Сайгидпашал кисиниса щибаб къоялда саламатаб къадар гӏарцул унеблъи. Гьес гьелъул хӏакъалъулъ лъиданиги бицунаро. Дидаги гьеб балъго бицана гьесул цевесев чияс.
— Ракӏ бихъулеб буго, сверухъ лъугьа-бахъунеб кинабго бихьараб мехалда. Дида кӏоларо, дир ихтияр гьечӏо гӏадамазе, тохтурзабазе, больницабазе кумек гьабичӏого чӏезе.
Алхӏамдулиллагь, Аллагьас дие кьун буго ризкъи ва дица гьеб бикьизе ккола мадугьалзабазе, росуцоязе, хӏалкъарал дагъистаниязе. Дир ракӏ гурхӏула тохтурзабаздаги медсестрабаздаги: жидерго гӏумруялда барахщичӏого, къеркьолел руго гьел нилъер сахлъи ва гӏумру цӏунизе гӏоло, — ян абулеб буго Сайгидпаша Гӏумахановас.
Гьеб мехалда дица гьесда ракӏалде щвезабуна аптекабазда дараби хираго ричулел рукӏиналда бан, гьес гьабураб хитӏаб. Гьев гьурмалъанго хисана – бихьулеб букӏана, гьеб масъалаялъ гьесул ракӏ унтизабун бугеблъи.
— Дуда бичӏчӏулеб бугищ? Гӏадамал, ракьцоял, бусурбаби унтуца холел руго, больницабазда гӏолел гьечӏо унтаразе бакӏал, гӏемерисез ахирисеб гӏарцухъ ричун росулел руго дараби, унел руго рентген яги компьютералъул томография гьабизе. Дорайин абуни, зодоре рахинарун руго багьаби!
Аптекабазул бетӏергьабиян абуни, гӏадамазул къварилъиялдаса пайдаги босун, бечелъизе къачӏан руго! Гьезул рекӏеда хъинтӏулебго гьечӏо инсанасул къварилъи, гӏадамаз тӏолеб бугеб магӏу, унтаразул хвел – гьезул бидулъ бессун буго гӏицӏго гӏарац, капурго хваяб гъурущ! Гьединлъидал гьабуна дица хитӏаб, яхӏалъ къабул гьабичӏо вуцӏцӏун чӏезе. Лъала: гӏемерисезе рекӏее гӏезе гьечӏо дир кӏалъай, диде ццим бахъаралги гӏемер ратила. Дие гьелъул ургъелгӏаги гьечӏебха!
Гӏадамалищ ругел гьел?! Аллагьас къотӏила гьединазе хӏукму! Гьединаб хӏалихьатаб къагӏидаялда щвараб бечелъиялъул баракат бахинаро гьезде, — ян бицана Сайгидпашаца.
Гьал къоязда дида лъана Турциялъул Ялова шагьаралда гӏумру гьабулел дагъистаниязегун кавказалъулазе нилъер республикаялъе дарабаздалъун ва медицинаялъул алатаздалъун кумек гьабизе бокьун букӏин. Дора ругел гьудулзабаз гьарана дида, Турциялъул пачалихъалъухъаги гьениса меценатазухъаги нилъер республикаялъул нухмалъиялъ гьединаб кумек къабул гьабизе бугищали лъазабеян. Гьез абулеб буго, Турциялъул президент Реджеп Тӏагьир Эрдоганги гьесул нухмалъиялда гъоркь бугеб партияги хӏадур ругила Дагъистаналъул халкъазе вацлъиялъулаб кумекалъул квер бегьизеян.
Хасавюртги Яловаги вацлъи лъазабурал шагьарал рукӏин лъалев дица, гьеб хабар бицана С. Гӏумахановасда. Гьесда гьеб лъалеб батана. Амма гьес бичӏчӏизабуна гьеб масъала тӏубазе кколеблъи РФялъулги Турциялъулги дипломатазул гара-чӏвариялъул хӏасилалда. «Улкабазул нухмалъиязул накъитазул хӏасил лъикӏаб ккани, ниж хӏадурал руго гьеб ишалда гъорлъе лъугьине, ай республикаялъе хӏажатаб медицинаялъулаб кумек къабул гьабизе», — ян абуна гьес.
Кӏудияб баркала буго Сайгидпаша гӏадал дагъистаниязе – республикаялъе захӏматаб заманалда халкъалда хьолбохъ эхетаралъухъ, хӏакъикъиял ишаздалъун гьелъие кумек гьабуралъухъ. Тӏадегӏанав Аллагьасул баракат рещтӏаги дуда, Сайгидпаша!
Ва Аллагьас цӏунаги мун балагьаздасагун унтабаздаса.