28 апрелалда улкаялъул нухмалъулев Владимир Путиница лъазабуна хӏалтӏуларел къоял 12 маялдалъагӏан халат рахъинарулел ругилан. Рекӏкӏаб «коронавирусалъ» унтаразул къадар цӏикӏкӏун гурони дагьлъулебги гьечӏо.

Унтаразул рахъалъ дунялалдаго нилъер улка гьабсагӏат буго кӏиабилеб бакӏалда. Унтаразул къадар сордо-къоялда жаниб гӏемерлъулеб буго 10000 чиясдалъун. Россиялъул регионазда гьоркьоб нилъер кӏудияб гьечӏеб республика буго щуабилеб бакӏалда. Унтаразул къадар 2200 чиясдасаги цӏикӏкӏана. Квешаб гӏузру шагьаралдаса гочана мугӏрузул районаздеги. Хӏалуцараб хӏал буго Хунзахъ, Унсоколо, Хьаргаби ва цо-цо цогидалги районазда.

Амма бищунго квешаб ахӏвал-хӏал буго Махӏачхъалаялда. Шагьаралъул киналго больницаби унтаразул цӏун руго. «Коронагун» къеркьезе республикаялъе биччан буго 842 миллион гъурущ. Гьелда чӏечӏого кумекалъулаб квер бегьулеб буго сахаватчагӏазги.

Чӏахӏиял регионалги нахъа тун, пашманаб сияхӏалъул борхалъуде Дагъистан кӏанцӏизе ккани, сунца нилъ гьелде рачарал? Кинал ругел аслиял гӏиллаби республикаялда гьеб гӏузруялъ гъваридго кьалбал риччаялъе?

Ургъел гьечӏолъи, дуца чӏвазе бегьула инсан

Мухӏамад Бисавгӏалиев, «Дагъистан» журналалъул редактор:

«Нилъер республикаялда гьеб гӏузру гӏемерлъиялъе сабаблъун ккана, тӏоцебесеб иргаялда, гӏадамазул жагьиллъи. Дунялалала лъугьунеб жо бичӏчӏизе инкар гьабуна гӏемерисез. Кӏиабилебги, федералиябгун республикаялъул тӏалъиялде гӏадамазул божилъи гьечӏолъиялъги рачана гьелде. Гьез бицунеб битӏараб жоги мекъаблъун бихьана халкъалда.

Кӏиабилеб рахъ босани, гӏемерав чи вуго жидерго жагьиллъиялъ, Аллагьас нилъее хъвараб гурони бихьуларин чӏарал. Амма гьезда лъалеб гьечӏо, Аллагьас жидеде тӏаде балагь-къварилъи биччалаго, гьеб бичӏчӏизе гӏураб гӏакълуги кьун букӏин щивасе. Цоцоязда жидее хъвараб къадар бичӏчӏулеб буго нилъ унтизе хъван ратани унтилин, сахлъизе ратани сахлъилин абураб пикрулъун. Къадаргун гӏамал кӏиябго цадахъ букӏунин абулеб буго исламалдаги. Гӏамалги гьабун, бетӏерги хӏалтӏизабун букӏарабани, гьаблъиялде иш ккелароан.

Лъабабилеб гьениб бугеб гӏилла ккола, нилъер гӏемерал гӏадаталги, дандеруссиналги рукӏин. Европаялдагун цогидал пачалихъазда тагӏзияталги, цадахъ ралел рузманалги, бертабиги, цоцада тӏаде-гъоркье хьвадиги, нилъер гьаниб гӏадин къуваталда гьечӏо. Гьелъги квербакъана унти тӏибитӏиялъе».

Бахӏарчилъиялда аскӏоб гӏадиллъиги букӏине ккола

Заид Гӏабдулагъатов, ДНЦялъул архе- ологиялъулгун этнографиялъул институталъул социологиялъул бутӏаялъул нухмалъулев:

«Гӏемерал соназ республика букӏана хӏалтӏи гьечӏезул рахъалъ цебесеб кьерда. Чед-хинкӏалда хадур гӏолохъаби уна Россиялъул чӏахӏиял шагьаразде. Гьенир абуни гӏемер руго цогидал улкабаздаса рачӏарал чагӏи. Гьеб коронавирусги гьез босун бачӏана нилъер пачалихъалде. Гьезулгун бухьен гьабунщиназ бачӏана гьеб Дагъистаналдеги.

Кӏиабилеб гӏилла буго нилъер гӏадамал гӏадлу-низамалъе мутӏигӏлъуларел рукӏин. Кавказалъул рагъ унеб заманалда цо гӏурусас абун буго кутакалда бахӏарчияб халкъ бугин Дагъистаналъул, амма гьечӏин кинаб букӏаниги тадбир, ракӏа-рахари. Гьеб гьечӏолъи бихьулеб буго жакъаги.

Карантиналъул низам лъазабизеги ва цӏуна-къаялъул тадбирал гьаризеги нилъ кватӏун ккана. Нилъ гаргадулел ругебгӏан заманалда жаниб, балагье Вьетнамалъ гьабураб тадбир бихьизе. Аэропорталда унтарав загьирлъаравго, хех гьабун къватӏисан каву рахана гьез ва кинабго къуват буссинабуна улкаялда унти тӏибитӏичӏого букӏиналда данде. Гьелъ лъикӏаб хӏасилги кьуна».

Агъаз гьечӏолъи ва…

Мухӏамадрасул Мухӏамадов, биологиялъул гӏелмабазул доктор, Россиялъул гӏелмабазул академиялъул член-корреспондент:

«Нилъер медицинаялъул жакъа бугеб сурсаталъул хӏисаб гьабуни, гьеб гӏузругун къеркьезе гӏураб бажари гьечӏо сахлъи цӏуниялъул идарабазул. Гьединго, авалалдаго мекъаб нух тӏаса бищана гьеб гӏузругун къеркьолагоги. Дир пикруялда, цӏакъго захӏматго ругелги больницаялде рачун, унтаразул 80 процент сах гьаризе бегьулаан рокъо-рокъореги хьвадун. Гьеб мехалъ унтарал регизаризе бакӏги гӏелаан, дару-сабабалъулги мукъсанлъи букӏинароан?

Гьединго, тӏуванго чи рокъов туснахъ гьавиялъулги пайда кӏудияб бихьуларо дида. Цӏияб гьава цӏазе ралъдахъе тирасверизе щай риччазе бегьуларел гӏадамал? Ралъдахъан пулеб гьаваялъ инсанасул сахлъи щула гьабиялъе квербакъулеблъи цебего лъалеб хӏакъикъат буго. Гьединал тадбиралги хӏисабалде росун рукӏаралани, иш роцӏцӏинеги рес букӏана».

Хадурагӏи

Дунялалъул пачалихъазде дандеккун, нилъер улкаялда хваразул къадар бищун дагьаздаса цояб бугин хъвалеб буго информалатаз. Жакъа къоялде «коронавирусалъ» бищун цӏикӏкӏун чи къадаралде щун вуго СШАялда (71 000). Ахирисел баяназда рекъон, коронаялъ унтаразулги (1, 2 миллион чи), гьелъ гӏажалалде рачаразулги рахъалъ СШАялъ дунялалдаго чӏел босун буго. Кӏиабилеб бакӏалда буго Великобритания (29500 чи). Бищун цӏикӏкӏун гӏадамал холеб рукӏараб Италиялда эпидемия гӏодобцун буго.