Жакъа нилъер тохтурзабазгун медсестрабаз бахъулеб хӏаракат – гьеб буго унго-унгояб бахӏарчилъи загьирлъулеб гьунар. Щибаб секундалъ жидерго гӏумруялъе бугеб хӏинкъиялъухъ балагьичӏого, къеркьолел руго гьел аза-азар унтарав хвалдаса ворчӏизавизе гӏоло.
Нужее, хӏурматиял тохтурзаби, бетӏер къулула ва ракӏ-ракӏалъ баркала кьола!
«Республиканский урологический центр» абураб ГБУялъул бетӏерав тохтур Дибир Хӏажиев дида лъала лъебергогӏан соналъ. Централда гьев хӏалтӏулев вуго 26 соналъ, ай гьеб рагьараб къоялдаса нахъе. 1996 соналдаса нахъе гьес нухмалъи гьабулеб буго рехсараб централъе. 1980-абилел соназда вукӏана Централияб больницаялъул урологияб отделениялъул заведующийлъун.
Гьев гӏадав гӏадатияв, сахаватав инсанги тӏадегӏанаб даражаялъул махщелчиги ватизе захӏматаб иш буго. Сардил кватӏараб гӏужалдацин, гьевги ворчӏизавун, гьесие дурго къварилъи загьир гьабуни, ракӏчӏун абила: гьеб параялъго тӏаде вахъине вуго гьев, дур мурад тӏубалеб нух батизе. Къваригӏелги тӏубан гурони, жиндирго рокъове тӏад вуссинеги гьечӏо. Мухӏканго абуни, рокъовецин унаро – хӏалтӏудаго вукӏине вуго, ракӏалъ тӏаса бищараб ишалдеги машгъуллъун. Чан чиясул гӏумру хвасар гьабураб гьес хвалил гудракьа…
Амма жакъа, ай гьаб захӏматаб заманалда, бигьаго гьечӏо Дибириецин – кигӏанги хӏалбихьи щварав тохтур ва нухмалъулев гьев ватаниги. Микьабилеб къо буго гьесул хӏалтӏудаса рокъовего инчӏого. Гьесда цадахъ хӏалтӏулел руго цогидал хӏалтӏухъабиги.
«Дир хӏалтӏухъабаз тӏадчӏун хӏаракат бахъулеб буго унтарал сах гьаризе. Ракӏалдаго гьечӏого гӏемерлъарал унтараз битӏахъего хӏухьел цӏазе рес кьолеб гьечӏо тохтурзабазеги медсестрабазеги, амма цонигиясул зигарди дида рагӏичӏо. Щивав къеркьолев вуго къо хӏехьезе ва гӏаммаб иш нухда бачине.
Довегӏанги чӏун, цогидаз гьабулеб жо какизе цӏакъ бигьаяб иш буго.
Гьаб жакъасеб ахӏвал-хӏал дида релълъун бихьула Кӏудияб Ватӏанияб рагъул байбихьиялда.
У, авалалда рукӏана гъалатӏал, загьирлъана тӏуразаризе захӏматаб масъалаби. Амма нижехъа бажарана къокъабго заманалда кинабго нухде ккезабун, ахӏвал-хӏал лъикӏаб рахъалдехун сверизабун.
Кӏудияб баркала буго ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасе, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовасе – кумек гьабиялъухъ, хӏалтӏуе хӏажатал дарабаздалъунги хасаб ратӏлидалъунги хьезариялъухъ», — ан бицана Урологияб централъул бетӏерав тохтур Дибир Хӏажиевас. Централъул лъабабилеб ва ункъабилеб тӏалаязда хӏадурун руго пневмониялъ унтаразе палатаби. Цогидал хӏалтӏухъабигун цадахъ дунги щвана щивав унтарасухъе, гьабуна гьезулгун гара-чӏвари. Киназго цокӏалго баркала кьолеб буго тохтурзабазеги медсестрабазеги. Гьез абулеб буго, бищун цӏакъал шартӏал гьаб больницаялда гӏуцӏун ратанилан абун.
Бищун лъикӏ хӏалтӏулев тохтурасда яги медсестраялда цӏар чӏвайилан дица абидал, бетӏерав тохтурас абуна, киналго реццбакъалъе мустахӏикъал ругин абун.
«Киналго руго хӏалчӏахъадал, бахӏарзал!» — ан абуна гьес.
Жиндиего бокьун, Централда хӏалтӏулей йиго ДГМУялъул студентка Башат Ибрагьимова. Цебеккун гьелъ лъугӏизабуна Буйнакскиялъул медучилище.
— Битӏараб бицани, киса-кирего гӏадамал унтараб заманалда рокъой чӏезе кӏвечӏо дида. Яхӏ-намусалъ течӏо рахӏат, — анги абун, гьей ана «багӏараб зонаялде».
Гьей бахӏарчияй студентка ккола Гумбет районалъул Чӏиркъатӏаса.
Гьелъул кӏудияв эмен – Ибрагьим Ибрагьимов – вуго гӏемерал соназ школалда хӏалтӏарав учитель, росдал Тарихалъулгун гӏагараб ракь лъазабиялъул музеялъул директор.
— Рагъул фронталда йигейлъун тезе бегьула дир васасул яс. Гьайгьай, гьелъул ургъалида вукӏуна дунги. Амма чӏухӏула, халкъалде бачӏараб балагьгун къеркьезе Башатил гьунар гӏеялдаса, — ян бицана Ибрагьимица.
24 апрелалда рагьараб пневмониялъ унтаразул отделениялда 7-8 маялда къватӏире риччазе руго тӏоцере гьенир къабул гьарурал унтарал.
— Мониторалдасан дица хал кколеб букӏана дир тохтурзабигун медсестраби захӏматал унтаралгун хӏалтӏулеб куцалъухъ. Дир бадиса чвахизе байбихьана магӏил гарал – ракӏ унтун букӏана унтаразда гурхӏун. Гьелдаса нахъе дида кӏвечӏо рокъове ине. Инеги инаро, ахирисев унтарав сахлъизегӏан, — ин бицана Дибир Хӏажиевас.
Щуабилеб маялда Дибирица кӏодо гьабуна живго гьавураб къоги. Гьебгиха, больницаялдаго…
«Хӏакъикъаталъул» коллективалъ баркула Дибирида гьавураб къо ва гьарула щулияб сахлъиги хӏалтӏулъ бергьенлъабиги.