Доб букӏана иргадулаб нухалда Бергьенлъиялъул байрам кӏодо гьабизе хӏадурлъулеб заман. Кӏаралазул годекӏанир хабар-кӏалалда ругел ригь арал росуцояз дидаги дир ишоял-газетачагӏаздаги гӏайиб чӏвана Буйнакск шагьаралда гӏумру гьабун вукӏарав Залумхан Расуловасул хӏакъалъулъ хъвачӏогойилан.
— Рагъулав офицер, чанго орден-медалалъул бетӏергьан вукӏана гьев, — ан кӏалъана хараби.
Заманалдасан дир рес рекъана гьесул вацасул вас, гӏемерал соназ Гъизилюрт районалъул Комсомольское росдал гьоркьохъеб школалъул директорлъун хӏалтӏарав, гьанже нилъгун гьечӏев Надирбег Мухӏамаддибировасулгун бухьен гьабизе ва гьес бицаралъулги кодоре щварал документазулги кьучӏалда хъвараб буго гьаб материалги.
Гьавуна Залумхан 1913 соналда.
Гьесул эмен Расул вукӏана сагӏтал къачӏалев чи. Залумханил къисматалъулъин абуни хасаб бакӏ ккуна эбелалъул рахъалъ гьесул имгӏал, советияб власталъул тӏоцересел соназ лъай кьеялъул Гӏахьвахъ райотделалъул заведующийлъун хӏалтӏарав ва жиндир квербакъиялдалъун Кӏаратӏа школалъе мина барав Исмагӏил Гъалбацӏовас. Анцӏго сониде вахарав Залумхан гьес Буйнакск шагьаралъул тӏоцебесеб педагогикияб училищеялда цебе рагьараб магӏарулазул интернаталде кьуна. Дол соназ гьевгун цадахъ интернаталда цӏалулел рукӏун руго Гӏабдурахӏман Даниялов, Мухӏамад Шамхалов ва цогидалги. Интернаталда цӏалулаго гьесие лъикӏаб лъайги щвана. Гьелъ Залумхание рес рекъана Ростовалъул советияб дармил институталде цӏализе лъугьине ва гьеб бергьенлъиялда лъугӏизабизе. Тӏадегӏанаб лъай щварал тӏоцересел кӏаралазул цояв вукӏана гьев.
Багӏараб Армиялда хъулухъ гьабизе Залумхан ккана Каспиялъул рагъулгун ралъдал флотилиялде. Гьениб тӏамураб ункъо соналъ магӏарулав ругьунлъана захӏмалъабазе къуркьунгутӏизе, тӏадкъараб иш гӏуждаги мухӏкангоги тӏубазе. Лейтенантасул чиналда тӏадвуссана росулъе. Заман инелдего вищана райисполкомалъул секретарьлъун ва хӏалтӏана 1939 соналъул 7 августалде щвезегӏан.
Байбихьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ. Сонисев офицерас рагъулаб комиссариаталде гӏарза хъвана жив фронталде витӏеян ва 1941 соналъул 19 августалда гьес цӏидасан солдат-форма ретӏана: ккана Новороссийск шагьаралъе гӏоло рукӏарал цӏоб гьечӏел рагъазулъе, хадув витӏана Севастополь цӏунизе — ралъдал пехотаялъул 8-абилеб бригадаялде взводалъул командирлъун. Гӏемераб би гӏодобе тӏураб рагъ ккана «Мекензиялъул мугӏрул» станицаялъе гӏоло. Гьеб рагъулъ Расуловас бихьизабураб бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ хъван букӏана фронталъулал газетаздаги: тушмангун анцӏила цо нухалда квержубараб рагъде лъугьана магӏарулав, лъукъа-къотӏи ккечӏогоги ворчӏана. Гьесул гьунар Ватӏаналъ «Багӏараб цӏва» орденалдалъун кӏодо гьабунги буго.
Севастополь шагьаралъе гӏоло рагъазул цоялда минадул кесек щун лъукъана Залумханил квегӏаб бох ва гьев сах гьавизе Буйнакскиялъул рагъулаб госпиталалде витӏана. Доб заманалда гьеб В. И. Ленинил цӏаралда бугеб школалъуб хӏебтӏун букӏана. Таманав кӏвекӏана гьев унтуца ва ахирги, рагъулал ишазе ярагьунаревлъунги гьавун, рокъове витӏана.
Байбихьана ракълилаб захӏмат. Гьаниб унго-унголъунги цебе рехана Расуловасул бажариги гӏуцӏарухъанлъиялъулаб махщелги. Цин Буйнакск шагьаралъул исполкомалъул секретарьлъун, хадув горисполкомалъул председателасул заместительлъун вищарав гьесде тӏаде ккана гочун рачӏаразулгун хӏалтӏи гьабиялъул, ФЗУязде, ремесленниял училищабазде, щулалъаби гьариялъул хӏалтӏабазде гӏолилал ритӏиялъул, рагъде аразул хъизан-лъимал хӏалтӏудалъун ва къваригӏараб-хӏажаталдалъун хьезариялъул суалал. Тӏадкъараб иш ракӏбацӏцӏадгоги тӏубана.
Тӏалъиялда ругезда бихьана сонисев офицерасул ритӏухъаб хасият ва гьев КПССалъул Буйнакск шагьаралъул комитеталъул инструкторлъун тӏамуна, хадув вищана партиялъул горкомалъул секретарьлъунги. Бокьун буго гьенив хӏалтӏулаго ккараб цо хӏужа рехсезе. Складалде буссинабун букӏана шагьаралъул мажгит. Жамагӏаталъ Залумханида гьарана гьелъул хӏалтӏи цӏигьабизе квербакъеян. Гьединаб ишалъухъ жиндир ботӏрода квер бахъулареблъи ва партиялъул билеталдаса махӏрумлъизе бегьулеблъи лъаниги, гьес рагъухъабазул взводги тӏамун, къайи-цӏаялдаса мажгит эркен гьабуна ва гьеб хӏалтӏизе байбихьана. Гьесул кьвариялъухъ ва бихьинчилъиялъухъ баркала хӏисабалда жамагӏат, гӏарацги босун, бачӏана Расуловасухъе. Гьес ахӏун вачӏарав шагьаралъул банкалъул управляющиясухъе кьезабуна жамагӏаталда гӏарац ва гьеб фронталъе тӏадеги кумек хӏисабалда оборонаялъул фондалде кьуна. Гьелъухъ шагьаралъул жамагӏат И. В. Сталинил баркалаялъеги мустахӏикълъана.
Цоги хӏужа. Гьеб ккана Залумхан шагьаралъул прокурорасул кумекчилъун хӏалтӏулеб 1949 сон. Цӏогьалъе гӏоло гьитӏинав гӏолохъанчи тамихӏалде цӏазе кколаан. Гьесие суд гьабулаго, пачалихъияв гӏайиб гӏунтӏизабулев хӏисабалда гурев, гьев цӏунулевлъун цеве вахъана Расулов ва ритӏухъ гьавурав гӏолилав рокъовеги вачун кваназавуна, цӏияб партал-хьит кьун нахъе виччана. Гьаракь борхараб хабар ккана рехсараб ишалъе гӏоло Расуловасдаги шагьаралъул прокурорасдаги гьоркьоб. Гӏаданлъиялъул, чилъиялъул нухдасан унаго жинца ритӏухъаб гали тӏамун букӏин бичӏчӏизабизе бажарана прокурорасда…
Хадур рукӏана дармил идарабазда — районазда гьоркьосеб заготживсырьеялъул директорлъун, общепиталъул горторгалъул, книготоргалъул нухмалъулевлъун хӏалтӏулел сонал. Жиндиего хасиятаб ракӏбацӏцӏалъиялдаги жавабчилъигунги тӏурана гьес гьел хъулухъал ва гӏадамазулги нухмалъулезулги баркалабазе мустахӏикълъана.
Рагъдаги ракълилаб захӏматалдаги З. Расуловасда бихьараб гӏакъуба-къварилъи, гьесул бахӏарчияб ва свак лъалареб хӏал тӏи гӏемерал шапакъатаздалъун кӏодо гьабуна Ватӏаналъ. Ватӏанияб рагъул орденалъе, «Севасто- поль цӏуниялъе гӏоло», «Кавказ цӏуниялъе гӏоло» ва жеги анцӏго медалалъе мустахӏикълъана гьев.
Хвана Залумхан 1987 соналъул декабралда, вукъун вуго Буйнакскиялда.