Атал Гӏабдурахӏман вукӏана Къахӏиб районалдаго (Шамил) машгьурав чи. Абулаан, Гӏабдурахӏман кколаанин районалдаго тӏоцебе тӏадегӏанаб лъай босарав учителиланги.
Гӏабдурахӏман гьавуна Гӏурада росулъ. 1940 соналда, анкьго сонилаб школа лъугӏарав гӏолилав, Буйнакскиялъул педучилищеялда цере рукӏарал байбихьул классазул учительзаби хӏадур гьарулел кур сазде цӏализе ана. Гьенисан Аталаев витӏана Лъаратӏа районалде учительлъун хӏалтӏизе.
1942 соналда, жиндиего бокьун, гьев хӏалтӏул армиялде ана. Хандакъал рухъиялда гьабураб жигаралъухъ мустахӏикълъана «Кавказ цӏуниялъе гӏоло» медалалъе. Гьениса вуссиндал, Аталаев хӏалтӏана гӏагараб районалда учительлъун, директорлъун ва ОНОялъул инспекторлъун.
Унеб букӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ. Щибаб къоялъ гӏадин росулъе рачӏунел рукӏана чӏегӏерал кагътал. Фашистаздаса къисас босизе бокьарав Гӏабдурахӏманица, фронталде витӏеян гьарун, военкоматалде чамалиго гӏарза хъвана. 17 сон гурони бачӏев гӏолилав, жинцаго тӏаде цо сонги жубан, гӏарзаги кьун ана рагъде.
«16 марталда ниж щвана Гуржиялъул Гори шагьаралде. Цадахъ вукӏана кӏиго ракьцоявги: Тӏелекьа Расул Шехгӏалиев ва Гьоориса Мухӏамад Давудов. Расул рагъдаса вуссана кверги лъукъун, «За отвагу» медальги босун, Мухӏамад — бохги гьечӏого, «Багӏараб Цӏва» орденги каранда бан, — ан ракӏалде щвезабулаан Аталаевас.
1944 соналда Белоруссиялъул ракьалда унел рукӏана захӏматал рагъал. 23 июналда байбихьана «Багратион» операция. 11-абилеб армиялъул Багӏарбайрахъулаб дивизиялъул 27-абилеб Городокскиялъулаб гвардиялъулаб полкалъул кӏиабилеб батальоналъул щуабилеб ротаялда гьоркьов гьеб операциялда гӏахьалъана Гӏабдурахӏман Аталаевги. Рагъ букӏана вахӏшияб, кӏиябго рахъалъан гӏемерал камиял ккараб. Тушманасул кӏиго пулеметалъ, цӏад гӏадин, тӏаде балеб гуллица щуабилеб рота гьужумалъ цебе ине биччалеб букӏинчӏо. Амма, рекерунги хъурщунги ун, советиял рагъухъаби гьужумалъ инчӏого чӏолел рукӏинчӏо. Гӏабдурахӏман тӏоцеве щвана тушманасул пулеметчикал ругеб дзоталде аскӏове. Гьес гьенибе рехараб гранатаялъ дзот щущазабуна. Пулеметалъул гьаракь къотӏана ва рота цебехун ана.
Витебск областалъул Орш шагьаралъул бакъбаккул рахъалда оборона ккун чӏарал немцаз гьужумалъ рачӏунел нилъер рагъухъабазде гӏарада балеб букӏана. Гьениб ккараб кутакаб рагъулъ Гӏабдурахӏман лъукъана. Захӏматаб хӏалалда вугониги, Аталаевас взводалъул командир Алексеев хвалдаса хвасар гьавуна.
Дуего цӏодорлъи гьабичӏого, лейтенант щай дуца хвасар гьавуравин полкцояз цӏехедал, гьес абуна: «Гьев ккола дир командир, кӏиабизе — гьанжего гьанже гьес бана 18 сон. Гьаб букӏана гьесул тӏоцебесеб рагъ, гьелъ батила гьев дагьавго хӏинкъаравги. Дун гьесда гурхӏана», — ян.
Живго Гӏабдурахӏманги вукӏана хвасар гьавурав лейтенантасдаса цо чанго моцӏалъ кӏудияв. Гьесулги букӏинчӏо рагъулаб хӏалбихьи, амма магӏарулав хӏадур вукӏана гьалмагъ хвасар гьавиялъе жиндирго гӏумру кьезе.
Хадусеб къоялъ гьужумалъ унаго гьев захӏматго лъукъана. Аталаев санчасталде витӏана.
Халатаб букӏинчӏо Аталаевасул фронталъулаб нух — гӏицӏго лъабго моцӏ бана гьес кьалул майданалда. Гьеб къокъабго заманалда жаниб гьесда лъана рагъул кьогӏлъиги, фашистазул вахӏшилъиги, бихьана биги, гӏетӏги, магӏуги. Вагъана бахӏарчилъиялда, ритӏухъавлъун вукӏана Ватӏаналъе бараб гьаялъе ва хӏадур вукӏана улка цӏуниялъе гӏоло гӏумру кьезе.
Рагъда бихьизабураб бахӏарчи лъиялъе ва къохӏехьеялъе гӏоло гьев мустахӏикълъана тӏоцебесеб даражаялъул Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ва лъабабилеб даражаялъул Реццалъул орденазе…
Гӏабдурахӏман росулъе вуссана кӏиабилеб группаялъул инвалидлъунги лъугьун.
Гьелдаса нахъе пенсиялде инегӏан Аталаев хӏалтӏана гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъул хӏалтӏабазда: учительлъун, завучлъун, директорлъун, ОНОялъул инспекторлъун ва республикаялъул лъай кьеялъул министрасул кумекчилъун. Аталаевасул чӏаголъиялдалъун Лъаратӏа росдал байбихьул школалъе бана цӏияб мина, Гӏурада росулъ рагьана гьоркьохъеб школа ва гьелъиеги бана цӏияб мина.
Аталаевасул вукӏарав цӏалдохъан Нигӏматула Нурмухӏамадовас гьадин ракӏалде щвезавуна жиндирго учитель: «Доб букӏана 1952 соналъул августалъул ахир. Ниж унел рукӏана районалда цохӏо букӏараб Къахӏиб школа-интернаталде. Хӏухьбахъизе гӏодор чӏарал нижеда тӏаде вачӏана борхатаб черхалъул, берцинаб куц-мухъалъул гӏолохъанчи. Гьесухъ кодоб ккун букӏана гьитӏинаб лъимер, хадуй йикӏана мукъсанабго черхалъул гӏурус миллаталъул гӏадан. Саламги кьун, гьес нижер кверал рачана. Гьедин дир лъай-хъвай ккана Атал Гӏабдурахӏманилгун. Гьев вукӏана гӏадатияб гӏамалалъул, киназего вокьулев лъикӏав учитель ва унгоунгояв тарбиячи. Гьес нижее кьолаан тарихалъул дарсал. Жиндирго предмет гьесда цӏакъ лъикӏ лъалаан, учебникалъул бокьараб гьумералда бугеб жо рекӏехъе бицунаан. Цӏалдохъанасда баянал-хӏужаби кӏочани, абулаан: «Рагье пуланаб гьумер ва цӏале пуланаб абзац», — ан. Гьесул дарсазде ниж гъираялда унаан. Цӏияб дарс бицунаан гӏадатго, рекӏелъе бортулеб къагӏидаялда. Гьесул дарсазда лъиениги щолароан мустахӏикъал гурел къиматал. Цӏалул заманалда Аталаев вукӏана кьварарав ва тӏалаб цӏикӏкӏарав учитель, амма экзаменазда гьев киданиги лъугьунароан гӏунгутӏаби ралагьизе, гьелъул гӏаксалда, гьес цӏалдохъабазе ракӏ-макӏ ва бегьулеб кумек гьабулаан», — ян.
Аталаевасул хӏакъалъулъ бицунеб мехалда, Гӏурада росулъа пенсионер Мухӏамад Чӏегӏеровас абуна, гьев вукӏанин Аллагьасго пагьму-гьунарги лъай-махщелги кьун, кӏодо гьавурав чийилан.
Гӏемерал соназ учительлъунги районалъул ва республикаялъул лъай кьеялъул идарабаздаги хӏалтӏарав Гӏабдурахӏманил вацасул вас Мухӏамад Аталаевас абуна: «Гъваридаб лъалкӏ тана мунагьал чураяс ракьалда. Гьес гьарурал чӏахӏиял ишазул, гьесул бихьинаб гӏамал-хасияталъул бицине дида рекъон букӏинаро.
Эбел гурей, нахъа кверчӏвазе чи гьечӏев бесдалав вукӏана дун. Гӏумруялда жаниб дун вахараб борхалъиялде мали чӏварав чи ккола Гӏабдурахӏман. Дие гуребги, гьев вукӏана гӏагарлъиялъего мугъ чӏвалеб хӏубилъун. Кинаб букӏаниги, гьесул кумек щвечӏеб хъизан Гӏурада росулъ хутӏунго батиларо», — ян.