Гьазулги рукӏун ратила анищал. Гьалги роржунел рукӏун ратила, талихӏалъул куркьбаздаги рекӏун, жидерго цӏваялъухъе. Гьазги гьабун букӏун батила къотӏи гӏолиллъиялъул нухазда рокьилъун кенчӏезеги, нурлъун гвангъизеги, тӏугьдуллъун тӏегьазеги. Кодоб талихӏалъул кӏулги ккун, анцӏила микьиде каву къирарал гӏолилал. Гьазул щивасулги букӏун батила жидерго къисматалъул хӏикматаб сага. Гьаниб тӏегьазе букӏанщинаб…
Хъахӏал къункърабазде руссун ратила
Амма «метер» байбихьараб рагъалъ мерхьана, тӏутӏун бана гӏумруялъул сага.
Ва гӏолилазда рагӏана ватӏаналъул ахӏи. Гьаз къомех лъикӏ гьабуна тӏегь базе лъугьарал анищазулгун. Рокьи хисизе ккана тушманасде бижараб цциналъги рокьукълъиялъги. Азаазар советиял гӏолилазул кьеразулъе журана дир гӏагараб Тӏануси росдал гӏолилалги. Гӏодулел сариназ нухарегӏана гьел…
Гьанжего гьанже рокьул махӏ чӏвазе лъугьарал гьазда дандчӏвай гьабуна рагъул авлахъалда бетараб бидул махӏалъ. Метер гьабизе букӏаралда щвана рекӏкӏаб гула. Гьелъго лъукъана ахӏизе щвечӏеб талихӏалъул кечӏги.
Гӏагараб росдал аслияб майдан. Гьенибго – рагъдаса руссинчӏезе бараб памят- ник. Гьенир рикӏарал цӏарал цӏалидал, сири бала тӏолабго черхалда, цӏидасанги ссудизе лъугьуна доб вахӏшияб рагъул гӏасиял ругънал…
Бергьенлъиялъул багьаги цӏакъго хирияб букӏана – рагъул майданалда хутӏараб 27 миллионалдасаги цӏикӏкӏун талихӏ, чӏинтӏарал пикраби, чӏунтарал анищал, речӏарал хьулал.
Накабиги ракьалда чӏван, кӏиябго кверги зобалазде битӏун, гьарулеб буго Тӏадегӏанасда:
— Бихьизе биччаге жакъасебги, хадусебги, гьелда хадуселги гӏелазда рагъул кьогӏлъи, абадиялъего рещтӏараб батаги гьезул къисматалда талихӏалъул нур.
Нахъеги тӏадюссуней йиго памятникалъухъе – цоги нухалда бетӏер къулулеб буго нужее, даимлъиялде цӏарал арал Бергьенлъиялъул солдатал.