Ахӏмад Хӏамзатовасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ дие гӏемераб жо бицана кӏудияв инсуца. Гьел рукӏун руго лъикӏал гьудулзаби. Инсул лъимерлъиялъул ва гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицана школалъул завуч- гӏуцӏарухъан Жамиля Хӏамзатовалъги.

Ахӏмад гьавуна 1931 соналда, Хунзахъ районалъул Асакъоро абураб колода.

1943 соналда росулъ тӏибитӏун буго колхозалдаса цо-цо чагӏи ччугӏа кквезе Батагъалде ритӏулел ругин абураб хабар. Гьение йитӏун йиго Ахӏмадил эбелги. Гьелъие кумекалъе инсуца витӏун вуго Ахӏмадги.

«Батагъалъул василан» цӏарги лъун, бищун гьитӏинав Ахӏмад, лъил кинаб хъулухъ кканиги, гьениве вортизавулев вукӏун вуго. Хадув гьев ругьун гьавун вуго «барабан» абулеб жо хӏалтӏизабизе. Токалъ хӏалтӏизабулеб гьеб «барабаналъ» ралъдалъа къватӏибе цӏан бачӏунеб букӏун буго ччугӏил цӏураб гьин. Батагъалда хӏалтӏулезе рагьараб тукада вичарухъанлъун вукӏун вуго рагъдаса лъукъун вуссарав, жеги тӏуванго сахлъичӏев гӏолохъанчи. Ахӏмад витӏулев вукӏун вуго гьесда цадахъ тукаде къайи босизеги. Гьезие кьун букӏун буго къайи лъезе маххул нухдасан бачунеб, тӏасаги рагьараб, раса гӏадинаб маххул гьо- ко. Гьури бугеб къоялъ, гьелъул рагӏалда дугъ бухьунеб букӏун буго. Гьороца гьеб хъамун бачунеб букӏун буго битӏахъе складалъул кӏалтӏе щвезегӏан. Гьури гьечӏеб къоялъ гьеб квераз тункун бачине кколаан. Бищун захӏмалъулеб жо букӏун буго, гьелдаса кӏудияб маххул гьоко данде ккани. Гьеб мехалъ гьокоялда бугеб къайиги гъоркье бахъун, гьоко нухдаса нахъе босизе кколеб букӏун буго. Кӏудияб гьоко нахъе арабго, лъезе кколеб букӏун буго жидерго гьоко маххул нухда, тӏад сокӏкӏизе кколеб букӏун буго босараб къайи.

Рокъоре рачӏунаго лъан буго инсуе къадар щвараблъиги.

1943-1946 соназда Ахӏмад хӏалтӏун вуго Гъоркьколо росдал Стахановасул цӏаралда бугеб фермаялда гӏачивехьлъун. Вехьасе моцӏрое бихьизабун букӏун буго 28 кило гӏатӏал ва микьго кило гьанал. «Ракъуца хвеялдаса дунги, эбелги, вацги, яцги сабаблъун ккана гьеб», — ан бицунеб букӏун буго Ахӏмадица.

Рагъул кьогӏлъиги ракъи-къечги кӏочон буго Ахӏмадида эбел туснахъ гьайидал. Гьей пулан туснахъалде ккана жидерго колодаса харил магь рокъобе босунилан. Ахӏмад къватӏиве вахъун вуго, эбелалъе кумек гьабизелъун. Цӏадаса Хӏамзатил кӏалтӏе щвезавун вуго нухлулаз гьитӏинав вас.

Хъандулалъги Хӏамзатицаги берцинго къабул гьавун вуго гьитӏинав гьобол. Кӏвараб кумек гьабилин рагӏиги кьун буго. Росулъе щведал, лъан буго эбел къватӏие йиччараблъи.

Амма хъалаялда бараб заманалъ эбелалъул сахлъиялъе гьабуна кӏудияб зарал. Гьей унтун йигеблъи лъайдал, Ахӏмадил яц Загьидат, гӏолохъанчӏужу, щибаб къоялъ уней йикӏун йиго Хъаладухъе. Туснахъ гьарурал рачунел рукӏун руго цӏигьулдерил мегӏералда нахъа букӏараб рохьоре цӏул къотӏизе. Цӏада росу рагӏалда бугеб нухдеги лъугьун, туснахъ гьарурал рачун унезда Загьидатица гьарулеб букӏун буго жий эбелалъул бакӏалда йиччаян. Гьезул эбел Гӏунайзат чӏолей йикӏун йиго Цӏада, Марзигат абулей яцгӏалалъухъ. Марзигатица унтарай гӏаданалъе хӏадурун батулеб букӏун буго дарудал хурдул, гьезул лъим, гьалараб рахь. Бакъанида, туснахъчагӏи Хъаладухъе рачун унелъул, эбелги ясги хисулел рукӏун руго.

Рагъ лъугӏараб мехалда Ахӏмад тӏадчӏана цӏалиялда. Гьелъие гӏиллалъун ккана гьадинал лъугьабахъинал. Цин рокъоса колхозалъе бахъун ана, квешаб хер кванан хвараб басиялъул бакӏалда, цого-цо букӏараб гӏака. Хадуб, рии бакьулъ, бухӏараб бакъул къоялъ, гӏорцӏун гӏодоб чӏараб боцӏи батунилан, берцинго тӏалаб гьабулеб гьечӏиланги абун, председателас цӏалаца вухун вуго гьитӏинав вехь. Данде кӏалъанин абун, бокьовги тӏамун вуго. Къаси сардилъ, яцалъул кумекалдалъун, къватӏиве ворчӏарав вас, кӏудияв вацасухъе Лъанлъариве ун вуго. Гьениса йикӏун йиго инсул тӏоцеесей чӏужу Тӏагьират.

Ахӏмад цӏалун вуго цин Гӏобода росдал анкьгосонилаб школалда, хадув хьвадун вуго Гӏаранихъалаялда букӏараб гьоркьохъеб школалде. 1956 соналда ворчӏун вуго С. Стальскиясул цӏаралда бугеб Дагъистаналъул учительзабазул институталде (1957 соналдаса нахъе – ДГУ).

Университетги лъугӏизабун, Ахӏмад Хӏамзатов хӏалтӏана лъай кьеялъул батӏи-батӏиял идарабазда. 1965-1972 соназда гьев вукӏана нижер школалъул директорлъун. «Бищун лъикӏав директорилан» абула гьесда жакъаги Мигӏарсо росдал жамагӏаталъ. 1979 соналдаса нахъе гӏумрудул ахирисел къоязде щвезегӏан хӏалтӏана Гӏалибег ТахоГодил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гӏелмиял цӏехрехазул институталда.