Дун ккола Гъизилюрт шагьаралъул № 5 гимназиялъул цӏалдохъан. Дир эбелалъул йиго кӏудияй эбел Гӏусманова Калимат. Дица гьелда гьарана жиндирго гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицеян абун.

— Дун гьаюна Гумбет районалъул Лъаратӏа росулъ 1937 соналъул 16 декабралда. Дир инсуда цӏар букӏана Гӏалиасхӏабов Гӏусман, эбелалда Гӏумарова Зубаржат.

Рагъде иналде цеве дир эмен витӏун вукӏана Октябралъул революциялъул цӏаралда бугеб канал бухъизе. Германиялъ рагъ лъазабидал, рокъоб сордо базе течӏого, ана рагъде. Гьеб мехалъ дир букӏана 3-4 сон. Дида инсул гьумер лъаларо. Дир вукӏана кӏиго вацги – цояв дидаса кӏудияв, цогидав – гьитӏинав. Цӏадул унтуца кӏиявго вац хвана. Эбелги дунги рукӏана цӏакъ захӏматго унтун. Унти бахинебин хӏинкъун, нижеда тӏаде ваккулев чиги вукӏинчӏо. Цо ракӏ гурхӏарай гӏагарай гӏаданалъ квенги лъимги нуцӏихъа жанибе хъурщула- ан. Аллагьасул цӏобалдалъун ниж сахлъана.

Рагъ кутаклъулеб букӏана, гӏагарлъулеб букӏана бомбаби рихъулеб гъугъаб гьаракь. Росулъе цо-цоккун рачӏине лъугьана «чӏегӏерал» кагътал. Инсуца хабар бачӏана, жив Гудермесалда госпиталалда вугин абун. Эбел ана гьесухъе щвезе, амма Хасавюрталдаса добехун нух бахъизе кӏвечӏого, нахъюссун ячӏана. Гьелъ цӏакъ ракӏ унтун бицунаан госпиталалда бакӏ щвечӏел лъукъарал солдатал нухлул ракьандаса гӏебеде регун рукӏанилан: цоял бох гьечӏого, цоял гъеж гьечӏого. Мадар лъугьингун, эмен цӏидасан рагъде ана.

Кватӏичӏого нижехъеги бачӏана «чӏегӏераб» кагъат, эмен араб бакӏ лъачӏого тӏагӏанилан. Дунги каранде къан, чанги гӏодана дир эбел, щиб къодай нилъеда бихьилебиланги абун. Гьелдаса хадуб дида эбелалъул бадиб магӏу бихьичӏо.

Бихьиназулги руччабазулги хӏалтӏи гьабуна. Киналго ракъун рукӏана. Ниж, гӏисинал лъимал, унаан нухлул рагӏалдаса бижараб бигьа (хӏамизаз), некь, гӏабукӏ кваназе, гьелъ чахьалги гьорон рукӏунаан. Мичӏчӏалъ мадар гьабулаан – кӏвекӏунги кунаан, гӏисин гьабун буссун, карщги гьабулаан. Нижеда кколаан, киданиги гӏорцӏизегӏан хинкӏго щвеладаян.

Ниж рачунаан колхозалъул кар- тошка бахъизе, цӏоросаролъ чехъезе, чӏучӏине. Амма гьениса цо мугь я кӏалдибе рехизе, я рокъобе босизе толароан. Ракъарал лъималазе 7 картошка босарав чи жанив лъун, араб бакӏ лъачӏого тӏагӏинавуна. Бесдалазе кьолеб букӏараб военияб ххамил гьабураб гурде букӏана. Гьебги дица, радалалде хинлъун батизейинги абун, печалда аскӏоб лъураб, бухӏун батана.

Рагъ лъугӏана, амма рохел букӏинчӏо. Гӏемерал гӏолохъаби нахъруссинчӏо, руссаралги сакъатал рукӏана. Рагъда хадусел соналги цӏакъго захӏматал рукӏана.

Ункъо класс лъугӏизегӏан росулъ цӏалана, 10 класс лъугӏизегӏан хьва- дана районалде. 1958 соналда, 10 класс лъугӏигун, Мелъелтӏаса яцал Гӏамиргӏалиевалгун цадахъ ана Махӏачхъалаялде, ясазул институталда цӏализе. «Лъабил» къимат щвечӏого лъугӏана институт. 1963 соналда хӏалтӏизе ячӏана районалде. Школалда хӏалтӏана 30 соналъ, гьезда гьоркьоса 16 соналъ завучлъун.

80 сонил гӏумруялде яхиндал, эбелалъул бадиса канлъи ана. Диего гьабурабщинаб бецӏизе кӏвечӏониги, дица гьей разияб хӏалалда хьихьана. 2008 соналъ 100 сонги бан, хвана. Чанги къварилъи бихьана, лъабго вас хвана дир. Алхӏамдулиллагь, цо васги цо ясги руго. Гьезул лъималги лъималазул лъималги руго.

Дица исана бана 82 сон. Дун лъималаз лъикӏ хьихьун йиго. Дида гьикъани, кин араб дур гӏумруян, дица абила, бицине хӏинкъараб квешаб макьу гӏадин анилан.

— Гьанжесеб гӏелалде щиб абилеб? Щиб гьарилеб?

— Гьаб бергьенлъиги буго миллион гӏолохъабаз биги тӏун нилъее щвараб. Гьаб рагъул балагьалъул кваркьи щвечӏеб рукъ гьечӏо. Жеги сахлъун гьечӏо нижер гӏелалда рагъалъ лъурал ругънал. Гьел кидаго сахлъуларо.

Рагъул, ракъул балагьаздаса цӏу наги! Щибаб хъизамалда тӏадабги буго жидерго лъималазда нилъер халкъалъ хӏехьараб къварилъиялъул бицине, бичӏчӏизабизе. Гьеб кидаго кӏочене бегьуларо!