Дагьай цее Болъихъе щварай дида бихьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеранал ва 1999 соналда ккараб рагъул гӏахьалчагӏи ракӏалде щвезариялъе бараб памятник. Гьебги бан буго Белоруссиялда гӏумру гьабун вугев, Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏаса Асадулаев Хизрица. Гьесул хӏалтӏудаса йохарай дица ракьцоясулгун бухьенги гьабун гьитӏинабго гара-чӏвари гьабуна.
— Хизри, бокьилаан Болъихъ районалда бараб памятникалъул хӏакъалъулъ бицани.
— Кинаб бугониги конкурсалда гӏахьаллъи гьабилалде цебе, цин лъазабула кьураб тема ва гьелъул хӏасил. Цинги байбихьула хӏалтӏул батӏи-батӏиял къагӏидаби цӏехезе, эскизал гьаризе. Гьанибги гьедин букӏана ва райадминистрациялъ тасдикъ гьабун хадуб байбихьана памятник гьабизе.
— 30 соналъ кин мун хутӏарав Белоруссиялда? Гьениве иналъе гӏилла щиб букӏараб?
— 30 гуро, 40 сон бала тӏадеялъул. Дун Минскалде иналъе гӏайибай ккола дир чӏужу, Патӏимат. 1981 соналъ дун, цӏалиги лъугӏун, росулъе тӏадвуссана ва дихъ ялагьун йикӏарай абурай ясги ячун, гьелъул гьариги къабул гьабун щвана гьанире. Патӏиматил гъира букӏана Белоруссиялъул пачалихъияб институталде лъугьине.
— Гӏагараб Ватӏаналде тӏад вуссине ракӏалда бугищ?
— Ватӏаналде ракӏ цӏалареб мехго букӏунаро. Вуссинеги пикру буго, амма гьаниб махщел цӏубазе рес цӏикӏкӏараб букӏиналъ сабруялда вугоха.
— Школалда цӏалулеб мехалда бокьулаанищ дуе суратал рахъизе, скульптураялде машгъуллъулаа- нищ?
— 4-5 классалда цӏалулеб мехалда бижана дилъ рокьи скульптураялде ва анищ букӏана гьеб махщел щвей. Жакъа дида абизе кӏола дир анищ тӏубанин, щайгурелъул, дир хӏалтӏаби руго батӏи-батӏиял улкабазул музеяздаги коллекционеразухъги. Дица гьарурал памятникал руго Минскалдаги, Москваялдаги, Дагъистаналдаги…
— Гьабсагӏаталда сунда тӏад хӏалтӏулев вугев?
— Гьаниб гӏуцӏун букӏараб конкурсалда бергьана дун, ай Минскалда лъезе бугеб памятникалъул хӏадур гьабураб дир проекталъул рахъ ккуна. Гьеб буго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул Бахӏарчи Ион Солтысасе (молдаванав) лъезе бугеб памятник. Гьеб лъолебги буго гьесулго цӏар лъураб къотӏноб. Молдавиялъул президентги вачӏине вуго Минскалде гьеб рагьулеб къоялъ.
— Хизри, дурго ватӏаналъе, «Хӏакъикъат» казият цӏалулезе щиб гьарилеб?
— Дица гьарила киназего талихӏ. Аллагьас цӏунаги балагьаздаса. Иман щулалъаги. Баракат лъеги. Щибаб какда хадуб гьарула дица ракьцоязе сабру, сахлъи ва аваданаб гӏумру. Казият цӏалулезеги, гьелъул хӏалтӏухъабазеги, редакторасеги гьарула кинабго лъикӏабщинаб, Аллагьас квербакъаги.