Дида тӏаса лъугьа
Хирияб Рамазан моцӏалъе гӏоло,
Дида тӏаса лъугьа, тӏолго дун лъалел.
Тӏад вугев къудратав Бичасе гӏоло
Батани дир гӏайиб, гьарулеб буго.
Дида тӏаса лъугьа гьаб ракьалда тӏад
Ракӏ дидаса хварав инсан ватани.
Дида тӏаса лъугьа лъачӏого, нагагь
Лъийниги дир зарал букӏун батани.
Дида тӏаса лъугьа абун рорчӏарал
Аллагь рази гьечӏел рагӏабаздаса.
Дида тӏаса лъугьа гьабилин абун
Гьабизе хӏал кӏвечӏел льикӏлъабаздаса.
Дида тӏаса лъугьа ячӏине бокьун
Ячӏине рес ккечӏел тадбираздаса.
Дида тӏаса лъугьа дунялалда тӏад
Дица ракӏ лъукъарав гӏадан ватани.
Дида цин бахьарав инсан ватани,
Аллагьасе гӏоло те тӏаса лъугьун.
Тӏад щвараб Рамазан моцӏалъе гӏоло
Дида Тӏаса лъугьа, тӏолго жамагӏат.
Малаик йикӏинчӏо дунги ракьалда,
Ратила дихъаги ккарал гъалатӏал.
Лъикӏайлъун йикӏине яхӏ бахъаниги
Мекъи чанги кканин, ракӏ бухӏун йигин.
Цере квералги ккун гьарулеб буго,
Лъугьа дида тӏаса тӏолго дун лъалел.
Хвалил пикрабаца хӏинкъарай дица,
Дугӏадул аманат гьарулеб буго.