11 маялда Владимир Путиница цӏияб хитӏаб гьабуна халкъалде. Гьесул кӏалъаялдаса аслияб хӏасиллъун босизе бегьула хӏалтӏуларел къоязул болжал лъугӏанин улкаялдаян президентас аби. Амма эпидемиялде данде гьабулеб къеркьей лъугӏун гьечӏин тӏадеги жубана гьес. Регионалъул нухмалъулезухъе жидехъего кьолеб бугин ихтияр, бакӏалда бугеб ахӏвал-хӏалалдеги балагьун рокъор чӏеялъул низам халат бахъинабизеянги лъазабуна.
Нахъисеб къоялъ, ай 12 маялда Владимир Васильевас лъазабуна республикаялда карантиналъул низам халат бахъинабулеб бугилан. Амма кидаялде щвезегӏан гьеб халат бахъине бугебали мухӏкан гьабичӏо. Гьелъул магӏна ккола гьеб гӏузру къезабун кида бажаризе бугебали жеги лъалеб гьечӏин абураб. Битӏарабги буго. Гьеб лъалев чи цохӏо тӏад вугев Бетӏергьан вуго. Амма Васильевас абуна гӏадамал рокъор чӏеялъ лъикӏал хӏасилал кьунилан. Ахӏвал-хӏал цӏакъго хӏалуцун гьечӏин абураб магӏна бичӏчӏана гьесул харбидасанги. Гьелдаго цадахъ унтаразул къадарги цӏикӏкӏунеб бугин абуна республикаялъул бетӏерас.
14 маялде ругел баяназда рекъон, коронавирусалъ унтаразул къадар нилъер республикаялда бахун буго 3095 чиясде. Сахлъун вуго 1050 чи, къадаралде щун вуго 26-яв.
Гӏузруялъ кӏал бачӏеб цониги районги гьечӏин абизе бегьула. Гӏицӏго Мухӏарамкент районалде щун гьечӏин гьеб гӏузруйилан хъвалеб буго информациялъул алатаз.
Нижеца газеталъул цересел номеразда хъван букӏана унтаразул рахъалъ нилъер республика, улкаялъул регионазда гьоркьоб щуабилеб бакӏалда бугилан. Жакъа къоялдеги гьеб сияхӏ абизегӏанасеб къадаралъ хисун гьечӏо. Коронавирусалда хурхун, Дагъистаналда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъ рахӏат хвезабун бугин жидерилан мукӏурлъана республикаялде сапар гьабурал Россиялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул хӏалтӏухъабиги.
14 маялда республикааялде вачӏана РФялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул заместитель Олег Гриднев. Гьадин квешаб хӏал Дагъистаналда букӏиналъе гӏайибияллъун гьес рехсана, рокъор чӏечӏого, гӏадлу хвезабурал гӏадамал. Амма гьеб гьедин букӏин, гьес бицинчӏониги, лъалеб букӏана нилъедаги.
Херавин-бахӏаравин, унтуца щивго тӏаса вищулев гьечӏо. Цогидал сах гьарулаго, жалго унтун къадаралде щвана къогогӏанасев медицинаялъул хӏалтӏухъан.
Халкъ свакан буго. Свакан буго ахир бихьулареб «рукъалъул туснахъалдасаги», карантиналъул низам хвезабулел чӏухӏухъабаздасаги, рохел гьечӏел цӏиял харбаздасаги.
Киназулго рахӏат хвезабураб суал буго кида республикаялда парахалъи лъугьине бугебин абураб?
Жеги цудунго буго гӏодоре риччазе
Сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабаз абулеб буго карантиналъул низам нахъе бахъизе жеги цудунго бугилан.
— 15-гӏанасев чи вуго жакъа нижер больницаялда вегун, — илан бицана Гумбет райбольницаялъул эпидемиолог Сулейманов Апандица. — Цо чи хвана, кӏигоял сахлъун рокъоре риччанги рукӏана. Ахӏвал-хӏал жеги лъикӏаб гьечӏо, унтаразул къадар гӏодобе кколеб гьечӏо. Гьединлъидал, цӏуна-къаялъул тадбирал гьаризе ккола. Иш гьадин букӏинароан, гӏадамаз жиндир заманалда нижеца абураб гӏадахъ босун букӏарабани. Гьединабго пикру буго цогидал районаздаса сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазулги.
Цин Бацӏада, гьанже Гъуниб райбольницаялда хӏалтӏизе ккарав Гьонодаса фельдшер Абакаров Мухӏамадгӏарипица гьадин бицана гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъул.
Кӏалалъ бокьараб бицуна
— Гьабсагӏаталда хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо, амма унтарал цӏикӏкӏана Гъунир, больницаялда регаразул къадарги дагьаб гьечӏо. Районалъул киналго росабалъе гӏузру щун буго. Амма гьаниб дагьаб баян гьабизе ккола, тӏатинабураб коронавирус бугилан тасдикъ гьавурав унтарав жакъа Гъунив гьечӏо, унтун руго цогидаб гӏузруялъ. Гьебги ккола вирусалъулаб пневмония. Гьеб кӏиялдаго гьоркьоб батӏалъи букӏин лъазе ккола.
Хас гьабун веццулев вугин ракӏалде ккезеги бегьула цо-цоязда, амма бокьун буго абизе, дагьаб цебе райбольницаялъул бетӏерав тохтурлъун цӏияв чи вачӏин цӏакъ лъикӏ кканилан. Гьес гӏемераб хӏалтӏи гьабуна ва гьабулебги буго гьеб гӏузруялде данде. Гьесул хӏаракаталдалъун больницаялъе хӏажатаб къайи-цӏаги, дару-сабабги чӏезабун буго гӏураб къадаралда. Хьул буго сахлъаралги гӏемерлъун, больницаялъул палатаби чӏороголъилин абураб.
Дир квешго ццим бахъун буго жакъа, авалалдаго гьеб унтуда божизеги инкар гьабун, гӏузру тӏибитӏиялъе квербакъарал чагӏазда. Гьезул тасамахӏлъи сабаблъун, чан нухалъ рокъор чӏайилан гьараниги, гӏинтӏамичӏо гьез. Росу тун къватӏире ана, гӏадамалгун дандчӏвана ва хӏасилалда гӏага- божарал унтизаруна. Чӏанда бугин гьеб, жидеда унтарав вихьизавейин гаргадулел рукӏарал «диваналъул экспертаз» бачана гьалде халкъ».
Гьединго, кӏалбиччанкъоялда хурхунги, республикаялъул Динияб идараялъ лъазабуна, унти гӏодобцун гьечӏелъул, гӏидалъул къоялъ цоцада тӏаде-гъоркье инчӏого чӏайиланги.