— Эбел, дун якъун йиго!

— Гьале, дир яс, чурпаги, гьале панкъалги, гӏорцӏизегӏан кванай, дир яс! — анги абулаго, кӏодоэбелалъ дида цебе лъуна гъадаро цӏун багӏаргьолоялъул чурпаги, бекун панкъил кесекги.

— Дахӏабаба, дие гьаб бокьун гьечӏо, дие роллал рокьун руго! — ян абуна дица. Гьей пашманго ялагьана дихъ. Дахӏабабада щибха лъалеб багӏаргьалил чурпаялдасаги гьанжесеб гӏелалъе роллал рокьулеблъи. Жиндир кванда дун чӏухӏарайлъиги бичӏчӏун, бадиб магӏуги хулун, гьелъ бицана дие, щиб жо кколеб ракъияли.

Кӏодол къисмат

— Хӏажиев Хӏасанхӏосен (дир эмен) гьавуна 1905 соналда Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъ. Гьев вукӏун вуго бажари бугев чи. Гьесул лъугӏун буго росулъ 4 класс, хадуб Гӏараниб курсалги. Гьелдаса хадуб батӏи- батӏиял росабалъ хӏалтӏун вуго учительлъун: Гьацӏалухъ, Щулалъутӏа, Гӏебутӏа. 1938 соналда Тӏануси гӏуцӏун буго «Боцӏул колхоз». Щибаб рокъоса хӏайванги бачун, гӏемер ругезул – гӏемер, дагь ругезул – дагьал, гӏуцӏун буго колхоз. Колхозалъул председательлъун росдаца вищун вуго дир эмен.

Мунагьал чураяй Гӏалил Патӏица гьадин бицунаан дир инсул хӏакъалъулъ: «Хӏасанхӏосен вукӏана дир гӏел бащадав, гьев киназего вокьулаан. Гьесул букӏана росулъ тӏоцебесеб патефон. Рукъалъул къедаги бан, гьес биччан букӏунаан гьеб, гӏенеккизе нижги унаан. Доб мехалъ къаси-къаси клубалда гьабулаан «ччухӏ», ай кьурди-хъат. Ниж, ясал, эбел-инсуца гӏемер риччалароан гьенире. Амма Хӏасанхӏосен хадув вачӏани, гьесда божилъигун, риччалаан. Гьедин киназулго божилъи гӏурав, ракӏбацӏцӏадав чи вукӏана гьев», — ан.

Бацӏцӏунаго магӏугун, хадубги бицана дахӏабабаца:

— Нижер йикӏана ункъо яс: Равзат, Багисултан, Сапинат, Патӏимат. Хъизаналъул букӏана сахаватаб магӏишатги берцинаб гӏумруги. 1939 соналда байбихьана Хунзахъ тӏалъиялдаги «ракьул колхозал» гӏуцӏизе. Инсудаги, ай председателасда, лъазабун буго Тӏануси росулъги «ракьул колхоз» гӏуцӏизе кколин абун, — ан.

Дахӏабабал кӏудияй яц Равзатица бицана: Инсуда цӏакъ ургъел чӏван букӏана росдал. Гьесухъе гӏемерал росуцоял рачӏунел рукӏана рокъоре, колхоз гӏуцӏизе тогеян гьаризе. Гьез инсуда гьарулеб букӏана «ракьул колхоз» гьабизе биччагейилан, гьеб гьабуни нилъ ракъуца холилан.

Эмен ун вуго Хунзахъе, колхоз гӏуцӏиялъул данделъиялде ахӏун. Гьениб гьес абун буго: «Дир росу буго тӏалабазда тӏад, гӏадамазухъа ругел ракьалги нахъе росун, колхоз гӏуцӏани, росу бакъуца хола», — ян. Гьесие кьун буго лъабго сордо-къо, пикруги хисизе, росдал гӏадамалги мукӏур гьаризе, росулъ «ракьул колхозги» гӏуцӏизе», — ян.

Кигӏан гьел гаргаданиги, хӏинкъи кьуниги, Хӏасанхӏосен разилъун гьечӏо гьеб колхоз гӏуцӏизеги, росдал гӏадамазухъа рекьулел ракьал нахъе росизеги. Ункъо сонги кьун, эмен туснахъ гьавуна. «Кутакалда захӏмат букӏана эбелалъе рукъалъул магӏишат бачине. Амма гьелъ ниж киданиги ракъун толароан. Нижее цӏакъ кумек гьабулаан кӏодоэбел Мантагъицаги. Эмен жеги жанив вукӏана. Ахирисеб гьесул кагъат бачӏун буго, рокъове виччазе ункъо моцӏ хутӏараб мехалда. Гьелда инсуца хъван буго, жив цӏакъ унтун вугин абун, — ан бицана дахӏабабаца.

— Дида кидаго кӏоченаро доб къо – дида рихьана, гӏодулаго, нижер доре унел руччаби. Дун гьезда хадуй екерана. Гьеб къоялъ лъана нижеда эмен хваравлъи. Рагъида гӏодулел кӏодоги, эбелги, гӏемерал гӏадамалги ратана. Эбелалъ цинги, кодое дунги ячун, ахӏана гьадинал магӏил рагӏаби:

Маххул рачел къала

лочнол тӏанчӏазе,

Дуца бесдал гьарун,

къватӏазда тарал.

Чармил тӏукъби рала

дур бесдалазе,

Дуца чиякъ гьарун,

къватӏир рехарал!

Рачел къазе ккана эбелалъ. Цӏакъ захӏмат букӏана гьелъие киналго ракъарал рагъул соназ ункъайго ясалъе ретӏинеги квинеги балагьизе. Гьелъул эбелалъ гӏумру гьабулеб букӏун буго Лъагӏилухъ росулъ. Гьей цӏадул унтуца унтун йигилан хабарги бачӏун, эбел ун йиго жиндирго эбелалде щвезе Лъагӏилухъе. Гьениса тӏадюссун ячӏун йиго, гьебго цӏадул унтуцаги унтун. Тӏокӏалъ тӏаде яхъине кӏвечӏо эбелалда. Гӏемер заман иналде, гьей хвана. Хутӏана гӏисинал ясал ва херай кӏодоэбел Мантагъ.

Цӏакъ захӏматаб ва ракъараб заман букӏана гьеб. Мантагъиеги кутакалда захӏмалъулеб букӏана согӏаб рагъул соназда ункъалго бесдалал хьихьизе. Эбел хварайго, кӏудияй яц Равзат ункъо классцин лъугӏизегӏанги течӏого, Мантагъица ячана колхозалда хӏалтӏизе. Равзат йилълъине кколей йикӏун йиго рекьарулел оцазда хадуй, бищизе кколеб букӏун буго къвалиги, ракъичӏого рукӏине гӏоло. Мантагъие бигьалъиялъе абун, инсул вацгӏал Гӏалил Хӏасаница ниж лъабалго гӏисинал ясал щвезаруна Гӏараниб букӏараб лъималазул рокъоре. Жиндир рухӏ кӏалзухъ букӏаго, васасул хӏалае гӏоло жинца лъимал гьенир толарин абун, Мантагъица рокъоре рачана нахъеги. Амма эмен хваралдаса гьелдаги унти ккун букӏана, хадуйго цун эбелги хвараб мехалъ, кӏодол цӏакъ тату хун букӏана. Дир лъабго класс росулъ лъугӏарабго, хвана нижер кӏодоэбел Мантагъги. Гьеб мехалъ кутакалда ракъи бихьана нижеда, гурхӏарас бачӏараб ридиги тӏаде щвараб тӏахьдиги кваналаан нижеца. Дида ракӏалда буго, якъиялъ, кьогӏаб гагаги бекун, гьеб кваналаан дица, цинги цо нухалъ гьелъ кӏалдиб полопги базабун, унтунги йикӏана дун. Дицаги яцгӏал Рапигӏатицаги, бугӏаялъухъ хисизеянги абун, росун рукӏана гьелъул кӏодоэбелалъ как базеян рахъарал щватаби. Гӏанкизеги гӏанкун, гьеб кваналаан нижеца. Нахъеги довго Гӏалил Хӏасаница ниж щвезаруна добго лъималазул рокъоре. Гьенив директорлъун вукӏана нижер инсул вукӏарав гьудул Хӏажиев Шагьав. Гьев вукӏана кутакалда лъикӏав, гурхӏел-рахӏму бугев инсан…

Дахӏабабал бадиса гирулеб букӏана гьоло-гьологӏанасеб магӏу.

— Тӏаса лъугьа, дахӏабаба, — янги абун, бадиса магӏуги бацӏцӏунаго, гъуд кодобе босана дица ва гьелъ тӏураб чурпа кваназе лъугьана…

Наслабазул бухьен

Лъималазул рокъоб 10 классги лъугӏизабун, дир дахӏабаба Сапинат цӏализе лъугьун йиго Махӏачхъалаялъул медучилищеялде. Гьебги лъугӏизабун, гьей хӏалтӏун йиго акушеркалъун Унсоколо ва Гӏараниб росабалъ. Гьанже гьелъул буго 82 сон. Ункъайго яцазда гьоркьой бищунго къобихьарай йикӏун йиго Равзат. Яц Багисултан цӏалун йиго Буйнакскиялъул педучилищеялда. Хӏалтӏана Тӏануси росдал школалда учительлъун. Бищун гьитӏинай яц Патӏиматги ккола учитель. Гӏумру гьабун йиго Цӏада росулъ.

Гьез нахъа тун буго кутакалда захӏматаб гӏумру. Биччагеги Аллагьас нилъеде тӏокӏаб рагъги, ракъиги, пасалъиги! Гьанже гьезул щиялъул руго лъималги, гьезул лъималги, гьезулги лъималги.

Гьанжеги бокьула дие дахӏабабаца бицунеб къваридаб къисаялъухъ гӏенеккизе. Гӏумруялъ еэдичӏей, къисматалъул рагӏдукь гьогьоми батичӏей, лъимерлъиялъул рогьел гьимичӏей гьелъухъ ялагьидал, дидаги кӏоларо магӏу кквезе. Кинабго гьарзаяб гьаб заманалда, якъун йикӏараб лъимерлъиги ракӏалде щун, гьелъ цӏидасанги регула жиндирго къисматалъул тӏохьол тӏанчал. Гьениб бугебщинаб рухӏелги бухӏиги…

Дицаги гӏемер пикру гьабула – жакъасеб гӏелалъ хӏехьелаандай гьеб захӏмалъи? Нилъеца аралде туманкӏ речӏчӏани, бачӏунелъ гӏарада балин абураб кициялъги кантӏизарулел руго нилъ, гьелъул магӏна босизе лъани.

Наслабазул бухьен щулалъизе лъураб кьолъун хутӏизе буго дие дахӏабаба Сапинатил къиса. Гьеб кьогӏаб къисаялъ тӏамула бугеб гьарзалъиялъул къимат гьабизе.