Мунагьал чураяв дир эмен, Хӏасаниласул Хӏусенил вас Наби армиялде унеб мехалда, дун жеги гьитӏинго вукӏана, — ян ракӏалде щвезабуна Набил вас Хизрица. -Гьеб букӏана 1942 соналъул хасел. Кинаб къисматха ккараб Шамил районалъул Хучадаса Хӏусенил Набил?

— Рагъул соназда росу гочинабуна Чачаналде, — ян ракӏалде щвезабуна хадубги Хизрица. — Цӏакъ гӏемераб ракъиги, къечги, къварилъабиги рихьана. Эмен рагъда тӏагӏанин хъвараб кагъатги бачӏана. Амма заманалдасан, пашманлъигун къварилъиялъ рекӏеда гамачӏ лъураб нижер хъизамалде бачӏана ракӏалдаго гьечӏеб рохел.

— Нужер эмен чӏаго вуго, Аллагьасе рецц, — ян инсуца битӏараб кагъатги босун нижехъе ячӏана Цӏекӏоса гьобол. Гӏорхъи букӏинчӏо рохалие, ургъалабаз лъукъараб эбелалъулги гӏисинал нижерги ракӏал цӏилъун рачӏана. Инсуца хъулухъ гьабулеб букӏун буго Сибиралда. Тушманасдаса Москва цӏунулеб мехалда эмен ккун вуго Курскиялъул горсверуде. Тушманасул горсверуда ругел рагъухъабазе тӏаде бачӏунеб квенги лъимги гьукъун букӏана.

— Ракъудасаги къечалъ цӏакъго тату хвезабулеб букӏана, — ян ракӏалде щвезабулаан Набица. — Лъим бугеб бакӏ абуни рикӏкӏад, тушманасул хъаравуллъиялда гъоркь букӏана.

Къечалъ тату хвезабурав Набица хӏукму гьабуна къечон хвеялдаса тушманасул гуллидаса хвейго лъикӏилан. Лъим бугеб кӏкӏалахъе сапар бухьана сордо рукӏкӏараб мехалда. Набица нух бахъула иццухъе ва цадахъ рукӏарал флягабиги цӏун тӏад вуссуна.

Палхӏасил, тушманас гьал асирлъуде росула ва тӏамула лъукъарал немцал машинабазде раччизе. Гьедин гьабулаго цадахъ вукӏарав сержантас автоматалъул хъундагъ, лъукъарав цо немцасул ботӏролъ кьабулеб мехалда, Набица цебе кверги ккун чӏезавула.

— Гьасие гьадинги гӏураб жо щун буго, живго те, — ян абула. Щиб къисматха ккараб лъукъарав немцасул? Гьев сах гьавизе госпиталалде ккола. Сахлъун хадуб кӏиабизеги рагъулъе витӏула ва нилъер армиялъ асир гьавула.

Немцаз щуго командирги цо сержантги, снайпер Набиги маххул хьуриялъ сверун къараб бакӏалде щвезарула. Набиги гьалмагълъиги Германиялде рачуна ва хандакъал рухъизе тӏамула. Гьениб къаси-къаси кьижизе ине Набида бихьизабула цо херал рос- лъадул мина. Гьел херазул йикӏана ясалъул ясги. Наби кьижулеб рукъ букӏана жаниса жанибе араб, ай херазда вихьичӏого къватӏиве ине рес гьечӏеб бакӏалда.

Набица къад-къад хутӏарал рецӏун какал ралел рукӏун руго рокъове щведал. Цо нухалда как балев гьев вихьун вуго херазул ясалъул ясалда ва гьеб лъарал херал роха- хинлъун руго гьав бусурманчи вихьулинги абун. Гьелдаса хадуб гьез Наби гӏорцӏизегӏан кваназавулаан, гьесдехун букӏараб бербалагьи тӏубанго хисана.

Цо къоялъ советияб армиялъ байбихьула самолетаздасан бомбаби разе ва заман балелдего тӏаде щвараб армиялъ асиралги эркен гьарула.

* * *

Гӏурус мацӏ лъаларев Набиги, гьесда цадахъ нус-нус гьевго гӏадин асирлъуде ккун рукӏарал солдаталги, рагъ лъугӏун хадурги рокъоре риччачӏого, Эстониялде завод базе ритӏана. Щибаб къойил асирлъуде ккараздаса сурав босулеб букӏана.

Сурав босизе ирга щвана Наби Хӏусеновасдеги. Цӏакъ гъира гьечӏого нуцӏаги къирун жаниве лъугьарав гьесда вихьула столалда нахъа гӏодов чӏарав рагъулав полковник. Гьесда вихьаравго лъала асирлъудаса живго лъутизе кумек гьабурав снайпер Наби Хӏусенов.

— Неужели Гусейнов жив?! — янги абун тӏадеги вахъун гьев Набида хурхуна. Гьеб дандчӏваялъ хвасар гьавуна Наби туснахъалдаса.

Наби кӏигониги нухалъ гьесухъе гьоболлъухъги ана. Тӏоцебесеб нухалъ гьесухъе щвараб мехалъ гьес жиндирго вукӏарав командирасда гьарана жинда хъвай-цӏалиги лъаларин, жив вугеб бакӏ гӏагарлъиялда лъазабизе кагъат хъваян. Гьес рагъулав гьудуласул гьари тӏубазабун кагъат почалда битӏана.

— Гьеб кагъат босун нижехъе Цӏекӏоса гьобол ячӏанилан ракӏалде щвезабуна Набил вас Хизрица. — Гӏорхъи букӏинчӏо нижер рохалие, гьеб букӏана нижее хваралъуса эмен тӏаде вахъинлъун.

* * *

1947 сон. Махӏачхъалаялъул маххул нухлул вокзал. Дандчӏвазе рачӏаразул цӏун бугоан вокзалалъул минаялда цебесеб бакӏ. Лъалхъана поезд. Гьитӏинабго чемоданги кодоб ккун вагоналъуса къватӏиве вачӏарав гӏолохъанавго солдат рахъ-рахъалде валагьана. Сверухъ лъалев чиго гьечӏодаян валагьарав гьесда перонаялда вихьула росуцояв. Рагъулаб форма букӏиналъ гьесда Наби лъачӏо. Къокъабго гара- чӏвариялда росуцояс бицана жамагӏат Чачаналде гочун бугилан. Гьениве ине нияталда болъодул ахаде щвараб мехалъ гьесда вихьула болъодул тӏарада немцазул форма тӏад ретӏарав солдат ва гьесда аскӏов вахъун чӏарав милиционер. Кӏиябго бер гьасда тӏаса босичӏого валагьун чӏун вугоан гьев солдат. Гьав аскӏове щвараб мехалда гьес Набида цӏехола: — Солдат, мун хъулухъ гьабун щиб бакӏалда вукӏарав? — абун.

Набица жаваб кьола Курскиялда вукӏанин.

— Дуда ракӏалда гьечӏищ гьалмагъас лъукъарав немцазул солдат ботӏролъ автоматалъул хъундагъги кьабун чӏвазехъин вукӏараб мехалъ, дуца цебе кверги ккун хвасар гьавураб куц? — абун цӏехана немцас.

— Буго. Вахӏ, мунищха дов солдат вукӏарав? — ян гӏажаиблъун хутӏула Наби.

Немцас бицана асирлъуде ккун гьанив хӏалтӏулев вугин ва метер ватӏаналде тӏад вуссун ине вугилан. Гьеб бакӏалда цоцада къвалалги ран ратӏалъана батӏи-батӏияб рахъалда рагъулел рукӏарал рагъулал «гьудулзаби».

Наби Хӏусенов хӏалтӏана колхозалда. Гьабуна хъизанги. Къисматалъ гогь гьавун хьихьичӏо Наби. Амма гьес гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьаб ракьалда лъалкӏ нахъе тезелъун. Бищунго кӏудияб талихӏлъун гьес рикӏкӏунаан Аллагь лъалезул ва Гьев рехсолезул кьеразулъ живго вати.