Дунялалдаго тӏибитӏараб коронавирусалъул гьитӏинабго микробалда бечедавги мискинавги, хӏакимчиги гӏадатияв инсанги цо мухъилъе цӏазе кӏвана. Гьелъ киназдаго бичӏчӏизабуна унтуеги хвалиеги чиналъул ва бечелъиялъул кӏвар гьечӏолъи. Залимасдаги къуватасдаги бихьизабуна гьаб дунял кидаго цо хӏалалда букӏунареблъи. Росуги рехун тун, лъикӏал шартӏазухъ урхъун шагьаразде гочарал гӏадамал росабалъ ругезул гӏумруялда гӏащикълъараб заман бачӏана. Жалго жидедаго чӏеялъул низамги цӏунун шагьаралъул гӏемертӏалаял минабахъ гӏумру гьабун ругел цо—цоял тӏабигӏаталъухъ, мугӏрузухъ, магӏарухълъиялъухъ урхъун ругин зигардулел руго.

Гӏадамазул ракӏхвеялъул цоги гӏиллалъун лъугьана пандемиялъул заманалда мажгитал къай, хирияб Рамазан моцӏалъ мажгиталда таравихӏал разе щвечӏолъи. Амма гьаб хирияб гӏужалъги Аллагьасде руссун, нилъер халкъалда «цӏа лъураб» унтудаса цӏуниялъе дугӏа ва садакъа-хайрат гьабизе бегьулеб заманалдаги гӏемерисел дагӏба-къецалдаго руго. Кӏал ккунин абун ракъизе чӏолел руго, амма ракӏалгун кӏалал къваригӏел гьечӏел корохъ-харбазул цӏезарулел руго.

Кӏалищ кквелеб, корохъа харбалищ гьурщилел?

Рамазан моцӏалъ гӏадамазул бердаса бахчараб бакӏалда кваналев цо херав чи вихьун вуго гӏолилазда.

-Кӏудада, дуца кӏал кколарищ? -ан гьикъула гьез.

-Дица кӏал ккола, дир лъимал. Дун гӏицӏго кванала ва лъим гьекъола.

Гӏолилаз, релъулаго, абула, дуца бицунелъул магӏна щибилан?

Кӏудадаца жаваб кьола:

-Дица мацӏ гьабуларо, лъихъгӏаги гӏамал кӏодого валагьуларо. Дун лъидаго тӏад велъуларо, квешаб рагӏи абуларо. Дица лъиего зарал гьабуларо. Дица Аллагь гӏемер рехсола. Лъилгӏаги буголъиялъухъ жахӏдагун валагьуларо. Дир кванирукъ унтараб буго, гьединлъидал дихъа бажаруларо вакъун чӏезе.

Хадуб гьес гӏолилазда цӏехола:

-Нужецагийищ кӏал кколеб, дир лъимал, -абун.

Гӏолилаз бутӏрул дализарула. Гьезул цояс нечадго жаваб кьола:

-Гуро, кӏудияв, нижеца кӏалго ккун букӏун гьечӏо. Ниж гӏицӏго кваначӏого чӏун руго.

Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) хӏадисалда буго: «Щив чи вугониги жинца квешаб, чорокаб хабарги, квешаб гӏамалги течӏев, Аллагьасе гьев чиясул тӏагӏамгун гьекъолеб жо тей къваригӏун гьечӏо», -ян. (Бухари).

Гьаниб суалги баккулеб буго: нилъ ракъизе чӏунищ ругел яги парзалда рекъон Рамазан моцӏалъул кӏалалги ккунищ ругелин абураб. Интернеталдеги раккани, гӏадамаз цоцазухъе рехулеб уябищ яги гьересийищали лъалареб информациялъухъги хал гьабуни, бихьизе буго гӏемерисез квандаса гуреб, мунагьаздаса ва гъибаталдаса инкар гьабун гьечӏеблъи.

Ахираб заманалда больницабазда унтарал регизе бакӏ гьечӏин, Сахлъи цӏуниялъул министерство нечезе ккелин ахӏи балел цоял руго, нужедаго гӏайиб бугин ахӏдолел цогидалги руго. Коронавирус букӏиналда божуларел гӏадамазул къадарин абуни къойидаса къойиде дагьлъулебги буго. Байбихьудаго вирус гьечӏин, гьеб гьереси бугин ахӏи балел рукӏарал блогеразул гьаракьги дагь-дагьккун къотӏана. Жидеда унтарал рихьизареян хъвадарулел рукӏарал, гьанже жаназаби рихьизареян ахӏдолел руго. Гьебгицин гӏечӏого, гьел унтарал сундалъун хваралали щибин лъалеб, гьезул гьуърул рихьизареян хъвадарулелги камулел гьечӏо. Цӏалдолел цӏикӏкӏаги, хабар гӏемерлъагиян рукӏунел блогеразги подписчикал «гӏорцӏизегӏан» къватӏул харбал гьурщулел руго. Гьанжелъизегӏан больницабазда коронавирус унтигун регаразе ва гьеб уяб бугин телевидениялдасан бицаразе пуланал гӏадамаз гӏарац кьун рагӏулин бугьтанал лъолел рукӏана. Бугьтанчагӏиян абуни гьанже унти хӏалуциндал гӏунун хутӏун руго. Унти тӏибитӏанагӏан гӏадамазул рекӏелъ хӏинкъиги цӏикӏкӏунеб буго. Гьеб киналъго халкъалда гьоркьоб рихха-хочиги лъугьинабулеб буго.

Гӏадамазда гьоркьоб

парахалъи цӏуне

Психолог Алиасхӏаб Мурзаевас рикӏкӏунеб буго гӏадамазе вирусалъул пандемиялъ гуреб, «хӏинкъиялъул пандемиялъ» гьабизе бугин цӏикӏкӏараб заралин абун.

«Кӏвар бугеб жолъун ккола гӏодоре риччан чӏей, щайгурелъул, гьелда бараблъун букӏине буго батӏи- батӏиял унтабазде данде нилъер черх къеркьей. Кинха гӏодоре риччай букӏинабилеб? Тӏоцебесеб иргаялда ва бищунго кӏвар бугеб шартӏлъун ккола – уябищ яги гьересиябищали батӏабахъичӏого гӏадамаз цоцахъе битӏулеб информация гьоркьоб къотӏизаби. Цӏакъго ракӏ хӏинкъараб ва рахӏат хвараб заманалда инсанасул ритӏухълъи балагьулеб пикру хӏалтӏуларо. Гьединлъидал гӏемерисел гӏадамал жидехъего битӏун бачӏанщинаб информациялда божула. Гьединал роликал яги аудиозаписал нужехъе рачӏани, гьел цогидазухъе ритӏичӏого теялъги гӏадамазда гьоркьоб парахалъи цӏунула.

Хӏинкъарав чиясул чорхол къуват, ай имуннияб система хехго загӏиплъула. Гьединав чиясде къватӏул унти (ОРЗ) хехго бахуна, цӏа-кан цӏикӏкӏун батани — вихха-хочула. Хадуб гьес больницаялда вегизе хӏаракат бахъула ва медицинаялъул хӏалтӏухъабазде цӏикӏкӏараб хӏалги ккезабула. Гьелъул хӏасилалдайин абуни, унго-унгоги кумек хӏажатав чи сах гьавизе тохтурзабазеги квалквал ккола.

Цоги хӏинкъи буго — рихха-хочарал гӏадамаз аптекабаздаса, хӏажалъани рукӏинеян росун, дарабазул нахърател гьаби. Гьелдалъун дараби дагьлъула ва гьезул багьа бахуна. Цоясе гӏумру хвасарлъиялъе хӏажатал дараби, цогидас гӏадада гӏодорги лъун, заман лъугӏарабго нахъе рехула.

Нилъеда рагӏанщинал харбазда нилъго божарал гӏечӏого, цогидалги божизаризе хӏаракат бахъулеб бугони, рихха-хочи ва ракӏ хвей гуреб пайда букӏинаро. Гӏадамал гӏемераб бакӏалде рахъинчӏого чӏани, гьоркьоса къотӏичӏого кверал чурулел ругони ва иммунитет щула гьабиялда тӏад хӏалтӏани, гьаб унтиги хехго тӏагӏина», -абун малъулеб буго психологас.

Рамазан – тавбуялъул моцӏ

Дунялалдаго ккараб гӏузруялъ гӏадамал рокъоре руссинаруна, щивав чи тӏамуна жиндирго гӏумруялда тӏад ургъизе. Кин нухда тӏамун лъикӏ гьаб бигьаб гуреб заман? Гьелъул хӏакъалъулъ гьадин бицана гӏалимчи Мухӏамадрасул Сагӏадуевас:

«Нилъеца Аллагьасда гьарила, гӏаламалдего тӏаде бачӏараб гьаб унти-балагь тӏаса босеян. Рамазан моцӏ исана мискинав чи бечедасухъ бугеб ресалде хӏажатаблъун ккана. Гӏемерав мискинчи вуго дару босизе рес гьечӏев. Квен- тӏехалъе къватӏиреги рахъун ризкъи тӏалаб гьабизе бугеб ресалдаса махӏрумлъана гӏемерисел. Цӏакъго рекъараб букӏина, хасго исанасеб соналда, садакъа гӏемер гьабизе. Нилъее Аллагьас рес кьун буго хӏажатав чиясухъе, рокъоса къватӏирецин рахъинчӏого бокьухъе садакъа щвезабизе. Мискинчиясул, рес къотӏарасул ахӏвал-хӏал цӏехон телефоназ ахӏизе рес буго. Гьел нилъер гӏагарлъиялда жанирги нилъер мадугьаллъиялдаги ратула. Садакъаялъ босула нилъеда тӏаса балагь, унтаби.

Унго-унгояб куцалда нилъее рес буго рокъоб Аллагь разияб хӏалалда тӏагӏат гьабизе. Мажгиталде ине щвечӏилан абун таравихӏал рачӏого гьоркьор риччазе рекъон букӏинаро. Гьел аварагасги (с.т.гӏ.в.) рокъор ралел рукӏана. Рокъор таравихӏал раниги, гьадинаб гӏузруги букӏунилан, гӏибадаталъе исана щибго мукъсанлъи гьечӏо. Хасго гьаб заманалда рекъараб букӏина телефоналъ цоцадехун бухьенал гьариги. Телефонги кодоб ккун цоцахъе рехулел гӏемер батӏи-батӏиял роликал риччан рукӏинчӏого, нужерго гӏага- божаразул, гьудул-гьалмагълъиялъул ахӏвал-хӏал цӏехе. Унтарал ратани, гьезул ракӏ батулеб хабар бицун, гьезул ургъел чучизабе. Къватӏире рахъине рес гьечӏониги, цоцазулгун бухьен цӏунизе гӏезегӏан ресал руго», -ян.